ЧIарада районалъул Цемериве щведал, дун дандчIвана Гьилиб росдал бегавул Абакар Жамалодиновгун. Гьесулгун гьабураб гара-чIвари бахъулеб буго гъоркьехун.
— Абакар, мун ккола ДРялъул халкъияв артист, машгьурав кочIохъан, гIемерал соназ районалъул культураялъул отделалъе нухмалъи гьабурав чи. Кин ккарав росдал бегавуллъун?
— Росдаеги росдал жамагIаталъеги дагьабниги пайдаяб хIалтIи гьабизе бокьиялъ. КидаллъизегIанха сценаялдасан кечI ахIулевги вукIинев, соналги унел ругелъул. Дица нухмалъи гьабулеб администрациялде гьоркьобе уна Гьилиб, Цемер, Рилъаб, ГьогIаб, КIутIихъ, Доронуб, Къарануб, Лъарабазулъ росаби. Гьенир гIумру гьабун руго 1900 чи, 680 цIараки. Гьаниб буго гьоркьохъеб школа, 4 байбихьул школа, 8 койка бугеб участкаялъулаб больница, 5 ФАП, 1 СПК, 1 КДЦ, 2 клуб, 4 ясли- ах, бухьеналъул отделение, чанго тукен.
— Мун бегавуллъун вугелдаса унеб буго щуабилеб сон. Планалда букIараб щиб хIалтIиха гьабун рагIалде бахъараб?
— Гьаризе ракIалда рукIарал гIемерисел хIалтIаби гьаруна. Амма цо-цо дида бачIелги рукIунаха. ГьогIаб росдал клуб букIана чIунтун, гьениб капиталияб ремонт гьабуна. Цемериб клубалъеги ремонт гьабуна. Гьилиб КДЦялъул директорасулги кружоказулги кабинетаздаги ремонт гьабуна. Цемерибе лъим бачана. Гьелъие кумек гьабуна ХIабибулаев Расулица. КIутIихъ басрияб росулъе машинадул нух гьабуна. Доронубе, гIадамазул кулабахъеги хурзабахъеги гьединабго нух гьабуна. Лъарабазулъ росу рагIалда майдан гьабуна.
— Кинабха бугеб администрациялъул бюджет?
— Администрациялъул бюджет буго 3 млн 700 азарго гъурущ. Гьелдаса 1 млн 300 азарго гъурущ ккола культураялъе биччараб, 2 млн — управлениялъул аппараталъе, 67 азарго — муниципалияв хIалтIухъан пенсиялде индал, гьесие щибаб моцIалъ тIаде кьезе бихьизабураб гIарац. Гьанже мунго балагьеха, цогидал хIалтIаби гьаризе хутIаралъухъ.
— Кин бугеб налогал ракIа- риялъул иш?
— Гъоркьиса налогал ракIари 140 проценталъ тIубан букIана (224 азарго гъурущ), амма исана, коронавирусалъул хIасилги букIинарищха, 80 проценталъ гурони тIубан гьечIо. ЗахIмат буго буголъиялъул налог бакIари. ГIемерисез жидерго минаби инвалидазда, пенсионеразда тIад хъван руго.
— Рагъда хваразе рарал памятникал ругищ?
— Киналго росабалъ руго, Цемери букIараб памятник, росу рагIалда цIияб мажгит балаго, хвезабуна. РакIалда буго ункъо росулъе нух бикьулеб бакIалда («Руккалда») мемориалияб комплекс базе. Гьелъие бахъараб проектги буго.
— Кин бугеб гIолилазулгун гьабулеб хIалтIи? ЦIиял хъизанал гьарурал гIолилал росулъ чIолел ругищ? Гьезие хIалтIи бугищ?
— Росабалъ хIалтIи щибха букIинеб, рес буго гIи-боцIи хьихьизе. Амма гьеб хIалтIи гIолилазе бокьулеб гьечIо. ЦIи гьарурал хъизаназе мина базе бакI нижеца кьола ракь бугел росабалъ (Рилъаб, Къараноб, ГьогIаб), Гьилиб гьеб рахъалъ къанагIалъи буго. ГIадамазул рукIа- рахъин квеш гьечIо. Аслияб куцалда гIи-боцIи хьихьула, гIемерисел хурзал рехун тана, амма бекьула картошка, хъапустан, гьоло, ражи. Нижер гьаниб буго газа-бел, харицелал гьарулеб къебелъиги, Дагъистаналда кибго гьечIеб гIадаб лъел гьобоги.
— Ругищ росдае кумек гьабулел рес бугел гIадамал?
— ГIемер рес бугел чагIиги нижехъ гьечIо, амма рехсечIого гIоларо республикаялъул парламенталъул депутат М. Мухтаров. Росдал администрация, колхозалъул букIараб контораялде бахъинабидал, нижер букIараб мина кьун букIана ясли-ахалъе. Гьелъие ремонт гьабизе гIарац битIун бачIана Мухтарил МухIамадица. Стомотологияб кабинеталъе хIажатабги бачIана гьесго.
— «ХIакъикъат» цIалулищ, хъвалищ? Щиб абизе бокьилеб газета цIалулезда?
— МагIарулаз магIарулазул газета хъвачIого бегьилищ? «ХIакъи- къатги», «ЧIарадаги», «Ас-саламги» хъвала. Рес гьечIезе букIине 10 газета тIадеги хъван букIана. МагIарулазда абизе бокьила магIаруллъи чорхолъа лъугIизе тогеян, умумузул букIараб гIадатги яхI-намусги цIунеян.