Лъидаха бугеб гIайиб?

Ранго рахъунарел объекталги хIалтIизе чагIи гьечIого хутIараб республикаги

 

9 сентябралда тIобитIараб ДРялъул Халкъияб собраниялъул ирга­дулаб сессиялда аслияб кIалъай ккана республикаялда ран рахъунел гьечIел объектазда ва гьелъие гIайибиязда тIасан.

 

Гьелда бан цо чанго къоялъ цебе парламенталъул спикер Хизри ШихсагIидовас инстаграмалдасан бадибчIвай гьабун букIана бакIал раялъулгун рукIа-рахъиналъул магIишаталъул министр Малик Багли­евасе.

 

«10 млрд гъурущ буго хIалтIизабичIого хутIун, заказчик хIисабалда министерство щиб гьабулеб букIараб? Гьелъие жаваб кьезе министр Малик Баглиевасе расги бигьаго букIинаро. Свакан ватани, цогидасе нух кьезе ккела», — ян хъван букIана Х. ШихсагIидовас.

Гьединлъидал киналго балагьун чIун рукIана министрас кинаб жа­вабдай спикерасе кьелаян. Амма гьес инкар гьабуна интернеталдасан баян кьезе. ШихсагIидовасин абуни хадусеб къоялъ добго инстаграмал­дасан хъвана сессиялде хIадурлъулеб данделъиялда гьел объектазда тIасан хабар кканин.

 

 

Гьелъул хIакъалъулъ гIатIидго би­цана арбагI къоялъ тIобитIараб сесси­ялда. ДРялъул бетIер Владимир Ва­сильев гуревги, гьелда гIахьаллъана РФялъул Федерациялъул Советалъул вице-спикер Иляс ГIумахановги, Пачалихъияб Думаялъул депутатал Мурад ХIажиевгун Валерий Газза­евги.

 

Министр Баглиевас бицана исана соналда жаниб гьабураб хIалтIул.

 

«Масала, тIаде босун буго 24,5 миллиардалдаса цIикIкIун гъурщиде 286 объект базе. Гьелда гьоркьоса 77-яб ккола лъай кьеялъул объект — 57 ясли-ах (9100 лъимералъе бакI бу­геб) ва 20 школа (9550 цIалдохъанасе бакI бугеб). Гъоркьгоги гIоларого рукIарал ясли-ахалги школалги гьан­же, Каспийскиялде рагъулаб фло­тилия гочинабун хадуб, тIуранго къанагIалъизехъин руго», — ян бицана министрас.

 

 

Гьелда бан республикаялъул тIалъиялъе хIажат буго гьел хехго ран лъугIизаризе. Гьединлъидал цо къадаралъул хIалтIи Оборонаялъул министерствоялдаги тIадкъан буго. 77 объект базе биччараб I4,8 млрд гъурщил аслияб къадар гьеб мини­стерствоялъ харж гьабулеб буго. Амма батIи-батIиял гIиллабазда бан рагъулал хъулухъчагIаз бакIал ра­ялъул иш хадуб бехъерхъизабулеб буго.

 

Гьелъие гьадинал гIунгутIаби рехсана Малик Баглиевас: бакIазда хасал генпланал гIуцIичIолъи ва хIажатал документал цойиде ккун гьечIолъи, цинтIаго гIемерал бакIал цадахъ разе ккеялъ цо пуланаб объ­ект бан бахъинабизе бюджеталъул гIарац гIунгутIи, хасаб лъай бугел махщелчагIи гьечIолъи (архитек­торал, сметаби рахъулел чагIи, геодезистал, технологал). МоцIрое щолеб 18-20 азарго гъурщихъ гье­динал, къанагIатаб махщалил чагIи хIалтIуде росизе бажарулеб гьечIеблъи.

 

Гьелде тIадеги, иш хIалуцинабунин ришватал росун яги бюджеталъул гIарцуе хIилла- макру гьабун батун, цо-цо чиновни­кал туснахъазда лъеялъгиян абуна Баглиевас. Гьес бадибчIвай гьабуна Оборонаялъул министерствоялъул ункъабилеб ГВСУялъеги (Главное военно-строительное управление). ХIалтIухъ гIарац кьеялъул рахъалда­санги нухмалъи гьабиялъулъги тар­тиб букIинчIила гьезул.

 

 

ГВСУялъул цIияв нухмалъулев МухIамадэмин Чамаевас жаваб кьуна жидеца объектал разе тIадкъан бугила Дагъистаналдаса подрядниял гIуцIабазда. Амма гьезул инжене­риябгун техникияб лъай мукъсанаб букIиналъ жидер гIемераб заман унеб бугила гьезда хIалтIи малъула­го. Гьединго объектал разе бюдже­талдаса биччалеб 11 млрд гъурщил 3 млрд гурони щун гьечIила жеги жидехъе.

 

Хадуб депутатаз байбихьана Чамаевасе суалал кьезе. Масала, МухIамад ГIарациловас гьикъа­на Тарумовка районалда базе би­хьизабураб лъабго объекталъул цо­нигиялъе кьучI лъезецин лъугьун гьечIила, гьелъие гIилла щибилан.

 

Чамаевас жаваб кьуна пачалихъи­яб контракталда гъоркь гъулбас лъун гьечIила, гьелдаса хадуб байбихьи­лила гьениб хIалтIи.

 

 

Мухтарпаша ГIумахановас гьикъана республикаялда 73 объ­ект базе тIаде босулелъул, нужеца нужерго ресазул хал гьабунищин, гьединго, цого заманалда къогоялда­са цIикIкIун объект базе тIадкъарал субподрядчиказул анализго гьабу­нищин.

 

Хадубго тIаде жубана муниципа­лиял гIуцIабазулгун бухьенги гьа­бун ралагьизе бегьулаанин гьез суб­подрядчикалгиян.

 

Чамаевас гьелъие чIванкъотIараб жаваб кьечIо.

 

Спикерасул заместитель Ка­мил Давдиевас кIвар буссинабуна исана 1 сентябралде гIицIго анкь­го гурони социалияб объект бан бахъинчIолъиялде. Амма цебеккун­го рагIи кьун букIун буго 22 объект базе.

 

 

Депутат Мухтар Оздеаджиевас рехсана доб цебехун рехсараб управ­лениялъул хIалтIулъ цо моцIида жаниб тIатинабун букIараб 267 гIунгутIи.

 

ГьанжелъизегIан рачIого хутIарал объектазул гIайиб ункъабилеб ГВСУялде гьабуна Оздеаджиевас. ТIадежоялъе, БакIал раялъул мини­стерствоялъ гьелъухъе кьезехъин бу­гин жеги 11 объектги базе, амма гьеб биччазе бегьуларин лъазабуна депу­татас. Гьединал бакIазде хIалтIизе росилалде цебе хасаб лъай кьолел цIалул идарабиги рагьизе кколин рикIкIунеб буго Оздеаджиевас.

 

Хадур кIалъана Иляс ГIумахановгун Хизри ШихсагIидов.

 

Гьединаб, ай хашаб хIалтIудалъун нужеца республика хьуцIилъе цIалеб бугин кIалъана ГIумаханов. Рагъу­лал бакIал ралезул къадру абуни ул­каялда кутакалда кIудияб бугила.

 

Гьес Чамаевасе малъа-хъвай гьа­буна хасал терминалги тарихалги рехсей жибгоги тун, чIванкъотIарал ишазде байбихьизе, щайин абуни – «гIадамазе объектал хIажат рукIун».

 

 

Ахиралда кIалъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги.

 

Ресалги, гIадамалги ругин, гIарацги бугин, амма хIасил бихьу­леб гьечIин абуна гьес.

 

Гьанже пандемия байбихьидал, объектал ралел рукIарал азербай­жаналъулалги, китаялъулалги, цо­гидалги жиде-жидер ватIаналде тIадруссун индал, хIалтIухъабиги гьечIого хутIун руго заказчикал. Масала, Васильевас бицухъе, Азербайжаналдаса лъабазарго чи вачине кколев вуго гьаниве гьел объектазда хIалтIизе.

 

Машинабаздалъун гурони, хъа­лахъги кодоб ккун гьабулеб гIиси- бикъинаб хIалтIи гьабизе разилъулел гьечIин дагъистаниял, гьединлъидал ахIизе кколел ругин республикаялде азербайжаналъулалин бицана Васи­льевас.

 

Кин букIаниги, республикаялъул бетIерасда лъикIаблъун бихьана кка­ра-таралъул хIасилги гьабун, кIвараб куцалда хIалтIизе.