Кинаб заман тIаде бачIаниги, зигардулеб гIамал буго гIадамазул. Бугелда гIей гьабизе киназдаго бажарулебги гьечIо. ГӀемерисезе бокьулеб буго хехго ва гIемер гIакъуба бихьичIого бечелъизе. Гьелдаса пайда босулеб буго сихIирал ва гьездасаги хехго бечелъизе бокьараз. Ахираб заманаялда ссиялда руго бокьарал гIадамал бизнесалде ругьун гьарулел тренингал, курсал. ЦӀияб къагӀидаялъ гьелда абула коучинг. Ингилис мацӀалдаса буссинабуни, коуч ккола тренер, насихӀатчи. 10 азаргоялдаса 500 азариде щвезегIан багьа бугел тренингазде хьвадулел руго гIадамал. ГIемерисел гьединал курсазул мурадги букIуна гIадамазда психологияб тIадецуй гьабиялдалъун жалго хехго бечелъизари.
Дагъистаналдаги камулел гьечӀо гьединал тренингал. Инсан махсараде кквезе бищунго санагIатаб бакIлъунги социалиял гьинал ккола. Гьединал тренингазул аслияб лозунг букIуна, чияда цере хIалтIичIого, нужерго бизнес гIуцIизе кумек гьабулин абураб. РФялъул депутатаз хIисабалде босунги букIана коучазул пиша, сертификация гьечIони, гьукъизе бугин абураб пикруги. ГIадамазул захIмалъабаздаса хайир босулезе ургъел гьечIо жидехъ гIенеккизе рачIунез ахириселги гъурщал гьенир толел рукIиналъул. Гьединал сихIрабазде гъорлъе ккарал ва гIагарлъиялъулгун гьезул рукӀунел гьоркьорлъабазул бицине бокьун буго.
— ЦIалун лъугIаралдаса нахъе йихьичIей гьалмагъалъул Инстаграм-гьумералде тIаде ккана цо къоялъ. Гьумер-куц добго буго, гьаракь ва ягъа-яшариялъул хасият тIубан батIияб буго. ЦIарги гIурус мацIалда бигьаго абизе бигьаяб гIадаб хисун бугоан, фамилияги росасул босун бугоан. Психолог, «гIумру гьабизе малъулей» махщелчIужу (коуч) абун хъван бугоан гьелъул хIакъалъулъги. Гьей гIадан дида лъаларин абун телаан букIараб, гьелъ жинцаго дихъе хъван бачIинчIебани. Гьанже жий бизнесчIужу кколин, гIадамазда битIун гIумру гьабиялъул нухги, талихIаллъун рукIинеги малъулин жинцаян бицунеб бугоан гьелъ. РикIкIен гIемерал сертификатазул ва пуланаб тренингалде хьваданин абун нугIлъи гьабурал кагъталги ругоан гьелъул Инстаграм-гьумералда лъун.
Хъизан-лъималазул цӀехедал, гьелъ бицана метер васасул гьавураб къо кӀодо гьабизе бугин. Дунги ахӀана байрамалде.
Аида ккола эбел-инсул цохӀо йигей яс, гьединлъидал росгун ва лъималгун цадахъ гьелъ гӀумру гьабулеб бугоан эбел-инсул минаялда жаниб.
Вас гьавураб къо кӀодо гьабулеб бугоан фотографги, видеографги, аниматоралги ахӀун. Суратал рахъизе хасаб къагӀидаялъ къачӀан бугоан рукъалъул цояб къедги. Васасул суратги тӀад бахъараб цо кӀудияб тортги бугоан, тӀаде рачӀарал гьалбадерицаги бачӀун бугоан тортги сайгъаталги. Цо торталъул багьа 3000 гъурущ кколин чӀухӀадго бицуней йигоан Аидаги.
Гьеб чӀухӀараб байрамалда щаялиго пашманго йикӀана Аидал эбел ГӀайшат. Гьалбалги цо- цоккун нахъе ун, ГӀайшат адаги дунги цӀарагӀ чуризе лъугьана. Аидаян абуни, Инстаграмалда прямой эфирги биччан, цо щибалиго бицуней йикӀана.
Байрамалъул хутӀел бакӀарулаго ГӀайшат ада къварилъахъдана, вай гьай ясалъул рихьдае гьабулеб хӀалтӀиги бизнесги жинда чӀалгӀун бугеб куцилан абун.
«Гьагъаб Инстаграм абулеб жоялъухъ балагьулездаги ракӀалде кколеб батилаха дир ясалъул кутакаб бизнесги гӀемераб гӀарацги батилин абун. Вай, жакъа къоялде щвезегӀан, гьелъ гьорое биччан тарабщинаб гӀарац рикӀкӀун хӀал кӀвеларо. Унго-унгоян абуни, ниж цӀакъ ресукъго руго. Росас хӀалтӀун рокъобе бачӀараб гъурущги нахъе лъезе гьелда лъаларо. Лъималги росги херай дир цӀобалде рехун тун рукӀуна. Дица гьабураб квенги росасдаги лъималаздаги кваназабун, цогӀаги нухалда кванилъе лъугьине гӀамал гьабуларо. Кинабалиго тренингалда йикӀанин, сордо бащалъараб мехалда ячӀуна рокъое. Дица данде бачинчӀебани, хъизанги некӀого биххилаан гьелъул букӀараб. Бечелъизе ва цӀар рагӀарайлъун йикӀине малъулеб бугин абун, щалали лъаларел гӀадамазухъе цӀализе хьвадулаан гьей, гӀемераб гӀарацги хвезабун. Нижеца бицунелъухъги гӀинтӀамулеб гьечӀо гьелъ.
Росасдагицин лъачӀого, кинабго месед бичана гьелъ, тренингазде хьвадизе гӀарац хӀажалъидал. Щибаб тренингалъул багьаги 10-20 азарго гъурущ бугин абула. 15-ялдаса цӀикӀкӀун батила гьелъул тренингалде хьваданин абун кьолеб свидетельствоги.
Дурго цӀалуда рекъараб махщелги тӀаса бищун щай чӀоларейин абидалги, жиндие школалъул директорасдаги цогидал нухмалъулездаги цее хӀалтӀизе бакьан гурин абула. Жийго жиндиего хважаинлъун йикӀине бокьун бугин чӀана гьей. Бокьани яхъун хӀалтӀуде ун, бокьани рокъойго чӀезе рес букӀунин, жиндирго бизнес рагьаниян абулаан гьелъ. Гьале гьанже мурадалде щвана гьей — жиндие бокьани хӀалтӀудаго чӀола, бокьани къаси сордо бащалъараб мехалда щола рокъое. Школалда хӀалтӀулеб мехалъ, радал унаан хӀалтӀуде, бакъанида тӀадюссунаан, жиндирго лъималги ясли-ахалдаса рокъоре рачун.
Гьанже лъималги цин хьвадула ясли-ахалде, хадуб цо моцӀица рехун тола. Гьел нахъе рачине инецин заман гьечӀелъул гьанже Аидал. Цо щибалиго проект гӀуцӀулейин йикӀуна, гьелъул щибго кколаро, хадуб цойги байбихьула. Мадугьалзабазда цеегӀаги нечечӀого йикӀунаан дун, радал хӀалтӀуде ун, бакъанида тӀадюссун ячӀуней яс йихьидал. Гьанжеян абуни, яс кий хӀалтӀулей йигейан гьикъани, кинан жаваб кьелебалиго лъаларо. Дида бичӀчӀуларелъул гьелъул коучингги тренингалги. Харж кигӀан щолебан цӀехезеги гьелъие бокьуларо.
Цин дармиде яна гьей, йичарухъанги тукатӀа тун. Гьелъул жо ккечӀо, гӀарац хвей гуреб. Хадуб, кинабалиго телевидение гӀуцӀизе бугин абун эбелалъулаб капиталалъухъ щвараб гӀарцуде видео-камераби ва цогидаб къайи босун батана гьелъ. ГӀемераб гӀарацги харж гьабун шагьар бакьулъ кӀудияб залги ккун букӀана гьелъ. УргъичӀого тӀамурабщинаб галухъ гӀемераб гӀарац кьезе ккараб гьелъ. Гьале гьанжеги, цо кабинетги рагьун, гьениб жаниб лъезе хирияб къайиги босун буго гьелъ. Гьабун цебе унеб хӀалтӀиги гьечӀо. Эбелалъ квешаб гӀакълу малъуларин, те гьеб пайда гьечӀеб пишаян абуниги, дунги сан гьайичӀого кӀудияб, гӀарац гьабизе лъугьун йиго гьей», — абун бицана ГӀайшат-адаца.
ЦӀияб баккарабщинаб пишаги кида-къадги пайда кьолеблъун букӀинеб батила, амма хъизан- лъималги кӀочон тун бечелъиялда ва цӀар-реццалда хадуй лъугьин чӀужугӀаданалда рекъолеб гьечӀо. Инстаграмалдаса берцинго ва бечедго бихьулеб гӀумруги кидаго гуро талихӀаб батулеб. Жидерго лъималги эбел-эменги кӀвар гьечӀого тун, чияда гӀумру гьабизе малъизе рекъон бугодай?