Грециялъул философ Сократил руго судиясе, мугIалимасе ва тохтурасе БетIергьанас гьунар кьолин цогидаздаса тIокI гьарун абун. Гьединги батила, медицинаялъул хIалтIухъанас кибго цо хасаб, цогидаздаса дагьаб тIокIборчIараб бакI ккола. ГIиллаго гьечIого букIинищха гьел махщалилазе дагьалго гIатIидал ресалги нухалги кьун ругел, гьел лъидасаго мустахIикъал руго рецц—бакъалъегун цIаруе. Гьеб нилъеда иргадулаб нухалъги бихьана, исана сон байбихьаралдаса нахъе коронавирусалде данде лъазабураб рагъулаб фронталъул битIахъегоял гIахьалчагIи-медицинаялъул хIалтIухъабаз бихьизабураб къохIехьеялъулъ. Китаялда баккараб гьелъ тIираби щвезаричIеб бакI дунялалда хутIун батиларо. Нилъеда гьеб бихьана цохIо телевизор—интернеталдасан гуреб, щивасул рагьде—рокъобе бачIунги. ХутIун батиларо районалда рокъосел унтичIеб хъизан, кигIанго бокьичIониги, камичIо Аллагьасул къадаралде щваралги. Аллагьасул талихIалъ, республикаялъул цо—цо шагьарал—районазда гIадин, нижехъ гIемер чи хвечIо, бугониги, хвалил кьогIлъигун рухIалил бухIи цо—цо хъизамазда хъинтIана.
Аллагьасул хIукму гьечIеб щибго гьечIо, амма БетIергьанасги гIамал гьабейин абун бугелъулха… ГьабичIо гIамал, тIоцебе дица, хадуб цогидаз ва нилъеда бихьана лъугьа-тараб, сверухълъиялда ккараб. Жакъа бокьун гьечIо бадибчIвай гьабизе унтаразе, гьелъул гIаксалда, кIванагIан кIудияб рецц-бакъ гьабизе бокьун буго райбольницаялъул хIалтIухъабазе, бетIерав тохтурасдаса бахъараб гIадатияй санитаркаялде щвезегIан.
Къаси-къад балагьичIого, хIалтIана тохтурзабигун медсестраби ва санитаркаби. Дун ячIиналде, больницаялъул хас гьарурал отделениязда вукIана гIаммаб куцалъ 45-50 чи. Аллагьасе рецц, кислородалъ хIебтIарал гьезда гъорлъ вукIинчIо ва тIубараб моцIалъ гьелде хIажатав унтаравги ккечIо, гьелъул гIаксалда, сахлъун нахъ риччалезул къадар къойидасан къойиде цIикIкIунеб букIана. Амма щиб хIал дун гьение ккелалде цо анцIго-анцIила щуго къоялъги букIарабали бицунеб букIана отделениялъул жанахIалъур щибаб палатаялъул нуцIил кIалтIа эхетарал кислородалъул баллоназ. Баркала АхIяд ХIасбулаевич, Ризван МухIамадович, АхIмад АхIмадович, МухIамад ГIисматулаевич ва Ильяс Юсупович, нужеда аскIор эхетарал медсестраби Узлипат, ПатIиматал (ХIайбулаева, Гъазиева, МухIамадова), Загьра, Мадинатал (Бадрудиновагун Зиявдинова), Сойбат, Басират, Париза, Оксана, лаборантка Саида, санитаркаби ПатIимат, Шагьрузат, ГIайшат, Аминат, коронавирусалъул бищун захIматаб тIоцебесеб кьаби нужеда тIаде ккарал жакъасел къоязул багьадурзаби, бахIарзал. Кида кIоченел нужеда ругьун гьечIел тIадкъарал цIоробераз би баккиледухъ хъасарал нужер мегIерал ва чIегIер гьарурал гьурмал, анлъгоги, микьгоги, анцIила кIигоги сагIаталъ хисизе, тIаса рахъизе рес гьечIел вабаалъул унтабаздаса цIуни мурадалда ретIарал санагIат гьечIел комбинезонал, кIиго-лъабго размералъ кIудиял рукIиналъ рехъерхъулел рукIарал резинадул калошал, «хвасар гьаре ниж», — илан чара бухIун жидеца абулел унтаразул берал, ракIал гъанцIулеб гьезул чорхол хIал, зигарди, угьди, чIей гьечIого, конвеералда гIадин, жанирегун къватIире раччулелго раччулел кислородалъул бакIал баллоназул дваргъи-хъуй.
ГIемераб жо хутIила абадиялъго нужер ракIазулъ: кинаб хIинкъигун тIоцебесеб къоялъ тIоцебесеб дежурство гьабизе хас гьарурал отделениябазде арал, унтаразул чорхол хIал бихьун, гьезда гурхIиялъ чанги гIолохъанай медсестраялъул букIараб рекIел хIал, гьебго рихха-хочиялъ лъавудаса ине дагьалъ хутIарал унтарал, 15-20 къоялъ хисизе чи гьечIого цохIо живго хIалтIарав МухIамад, 12-15 сагIаталъ гIодор чIезе щвечIого хIалтIарал АхIмадгун Ризван. Дагьабниги мадар ккарал рихьун, нужер букIараб рохел, унтул хIал бергьаразде тIаде къулун ургъалил пикрабалъ рорчIарал сардал, чIей гьечIого унтаразул гIадлуялда рукIарал санитаркаби. Кида гьеб кинабго кIочонеб?! БукIана щивасул рекIелъ бахчараб хIинкъиги, нижго унтиладай, хъизан-лъималазухъе тIаде руссинадай абураб. Узухъда, гIумру хирияб жо буго, амма нужеца цо секундалъги хIал лъазе течIо цадахъ хIалтIулездагун унтаразда ва нужерго смена лъугIидал, хадусеб сменаялъулалгунги хIалтIулаан, гьезие кумек гьабулаго.
Бихьулареб унти гIемер захIматаб букIиналда киналго разилъана, даруги бахун, катанги къан, нилъеда бихьун сахлъулеб ругъуналдаса. Гьедин ссудулел унтаразул ракIазе ракI батулеб рагIи абизеги, хвалил квачIикь ругезе ясин цIализеги, щивасухъе щвезеги, чанго нухалъ щуцIулги анкьцIулги цого унтарасухъе рекерун, хIажалъи ккани, сагIтаз гьединазда аскIор рахъун чIей — Аллагьас кIодо гьареги нуж, кири- даража цIикIкIинабеги, рахIат-макьу кIочон тун, гьабураб хъулухъалъухъ. Нужеда цо лахIзаталъниги кIочон течIо унтаразда цебе бугеб нужерго борч, дур пиша-хIукмуялда гьесул сахлъи ва гIумру бараб букIин, цебе чIезабулеб букIун батила сахлъун къватIире унезул гьурмаздагун беразулъ бугеб рохалилгун талихIалъул кунчIи.
Хасаб баркала нужее гIужда щвараб кумекалъ инсанасул гIумру хвасарлъулеблъи рекIелъан ине течIел «кислородалъул удаман» МухIамад ГIисаев, МухIамадзагьид, ХIайбулагь ва Супян, унтаразул ахирисеб божилъи нужеда лъурал фельдшерал Гъазиявдибир, — ва дежурниял тохтурзаби МухIамад МухIамадкеримов, МухIамад ХIабибов. Унтул байбихьуда нужеца лъураб диагнозалъул унтарав хадусел тадбиразде хIадур гьавиялъулъ кIвар кIудияб буго сахгьариялъе. Гьелъ бихьизабула нужер махщалилаб цIубай, гIаданлъиялъул хасиятал ресси. Коронавирусалда хурхун лъазабураб карантиналъул заманалда, райбольницаялъул хIалтIул низам дагьабго хисаниги, гьеб низам кидаго гьедин букIана. ХисичIо гьеб карантиналъул заманалдаги участкаялъулай терапевт Мадинат МухIамадовалъегун медсестра Альбина МухIамадовалъе, рентгенологал Гъазидибириегун ПатIиматие. КъотIи-чIей гьечIеб букIана гьезул хIалтIи-къойил къогоги лъебергоги чи къабул гьавулаан гьез гьуърузул рентген бахъизе рачIаразул, цIикIкIун унтарал ритIула больницаялде, дагьал мадар бугезе цогидалги тохтурзаби-специалисталг ахIун, гьарулаан малъа-хъваял, бичIчIизабула кин-щиб гьабизе кколебали.
…Цебеккун абухъе, ккана дунги, коронавирусалъул къорикье. КIиго анкьалъ гуреб, моцIалъ халалъана дагьабго цIа-кан бахиялдаса байбихьараб дир унтулгун тохтурзаби МухIамад ЯхIяевас, Айкат МухIамадовалъ, реаниматологал АхIядгун Ильясица, медсестраби Узлипатица, лъабайго ПатIиматица, Загьраца, Мадинатица, Хадижатица, гьабулеб рагъ. Отделениялда чIезабун букIараб рацIцIалъиялъухъ баркала санитаркаби ПатIиматие, Шагьрузатие, ГIайшатие, Хадижатие.