МахIачхъалаялда, Ленинил майданалде щварай дир тохлъукьего берречIчIана ЦIадаса ХIамзатие бараб памятникалда хьолбохъ скамейкаялда гIодор чIарал харабазда. ГIемераб мехалда гьезухъ ялагьун, палгъан хутIана – рагъарулелго гьечIоан. Дун хIинкъадго, бигьа гьаюн аскIое ана. Ва гьале дида цере – Дагъистаналъул халкъиял шагIирзаби АбутIалиб Гъапуров ва Сулейман Стальский. Гьезул чIагоял сипатал рихьидал, магIугицин бачIана йохиялъ. Гьал гьоболлухъ рачIун руго цоги халкъияв шагIирасухъе – ЦIадаса ХIамзатихъе. Гьуинго гара-чIварулел ругел гьезухъ гIенеккун, хIайранлъун хутIана дун. Лъабго гIакъил, лъабго шагIир, Дагъистаналъул адабияталъул кIудияб кваркьидал канал хIулаби. Гьале дов Расулица «Дир Дагъистаналда» гьоркьоса къотIичIого рехсолев АбутIалиб, Сулейманги вачун, щун вуго ХIамзатихъе. Гьезда аскIой гIодой чIарай дихъе рачIунел рукIана гIажаибго берцинал пикрабиги. Гьездаго гьоркьоб букIана гьадинаб суалги – лъицадай гьал шагIирзабазда кIиабилеб рухI «гъураб?» —илан абураб. Дица цIех—рех гьабуна. Гьев ватана Россиялъул мустахIикъав художник, Дагъистаналъул халкъияв художник, Дагъистаналъул искусствоялъул мустахIикъав хIаракатчи, Дагъистаналъул Пачалихъияб премиялъул лауреат ГIали МухIамадов. Ва нижеца гьев редакциялде ахIана, Дагъистаналъул маданияталда жинцаго толеб бугеб иргадулаб гвангъараб талихIаб лъалкIалъухъе «гьоболлухъ».
МагIаруллъи! Унго, дур берцинлъи. Доба борхалъуда хъахIилзодихъ, батIи-батIиял накъищалги рахъулаго, церехун роржун унел накIкIазухъе цIаруцIунел дур мугIрузда тIавапги гьабун, цIидасанги ракьалда рещтIана ГIалил анищал. ЦIумазул улкайилан жинда абулеб ЦIумада районалъул Гьигьалъ росулъа гIолиласул талихIалъул лъалкIаз жидерго канлъи кьуна рикIкIада Швейцариялдаги. КунчIана дунялалдаго машгьурав гугарухъан ГIали ГIалиевасул къисматалъул цIва. ФИЛалъул президент Рафаэль Мартанеттил квербакъиялдалъун, ГIалил жигарчилъиялдалъун Дагъистаналъул спорталъул тарихалъул тIамач кунчIана Лазанни шагьаралда – машгьурав речIчIухъан ГIали ГIалиевасе рагьараб памятникалъул авторги ккола ГIали МухIамадов. Абизе бегьула ГIалил цIваялъги жиндирго масъала тIубанилан. Гьев ракьалде вачIунелъул, цадахъ рещтIараб гьелъги тIасабищун буго цIумазул борхалъи. Гьелъул борхалъиялда пахруго ва чIухIадго парпалеб буго жакъа гIагараб ракьалдеги гьитIинаб ватIаналдеги бугеб ГIалил кIудияб рокьи.
Цо лахIзаталъги нахъехун регилин ГIали МухIамадовасул гIумруялъул тIохьол тIанчал. Гьанир нилъеда ратила, талихIалъул куркьбалги гъун, роржине риччарал анищазул рогьелги, магIарул росдал махIги, гIадатиял магIарулазул яхIалъул чIухIиги, мугIрул чIужугIаданалъул намусалъул борхалъиги. Дагъистаналда бакI гIечIел магIаруласул къасдал роржана Чачаналде, Ингушетиялде, Швейцариялде, гьайгьай, гIагараб росулъ цIумалъул сипаталда бараб памятникалъул тIогьиб свериги бахъун. ЦIум – гьеб ккола борхалъиялъулги, тIадегIанлъиялъулги, гьелдаго цадахъ гIадатлъиялъулги гIаламат. Гьеле гьединаб тIадегIанаб буго ГIалил къисматги. Гьесул къисматалъул бакъуе гIумру кьолеб буго лъабго аслияб чIоралъ, гьеб бечIазе толеб гьечIо ГIалил гIумруялда талихIалъул накъищаз баарал лъабго хIасраталъ. Гьеб хIасраталъулги буго лъабго кечI. Щибалъул жиндирго сарин, жиндирго роржен. Гьезда цIаралги руго МухIамад, Шамил ва Тимур. Инсул гIумруялъул дарсаз кIудияб дунялалде нухарегIарал гьел сонги, жакъаги, метерги ва даималъего рукIине руго гьесул мугъ чIвалеб кьурулъунги, гьесул гIумруялъул кьодул щулиял ссакIаллъунги. Киса-кирего – эменгун цадахъ. Гьезулги хатI буго инсул хIалтIабазулъ. Гьеле доб мугIрузда бижараб, гIодоблъиялда тIегьараб унго-унгояб тарбиялъул хIасил. ТалихIалъул мугьру чIвараб ГIалилги лъималазулги берккеялда хIинкъараб къисматалъул лъалкIазухъ жакъаги гьоболлъухъ йиго дун ГIалигун цадахъ. РухIдаллъулей йиго дун гьесул гIумруялдаги гьес хадусел гIелазе толеб бугеб рухIияб бечелъиялдаги. Гьединаб буго ГIали МухIамадовасул гIумруялъул чIвабзаз бачунеб къисматалъул сарин.