Вуз лъугIарал студентазе дипломал кьеялъул гIадатияб гуреб къагIида тIаса бищун буго ДГУялъул экологиялъул (Институт Экологии и Устойчивого Развития) факультеталъ.
Арал гIодоркъояз студентал ракIарун рукIана МахIачхъалаялда тIаде балагьараб Таргъуялда гъоркье. «Хъиргъу» тукадаса рикIкIад гьечIого, магIардехун унеб рацIцIалъиялда рищни-къулги бакIарана гьез. Гьезие хIалае рахъине гьенире рачIун рукIана МахIачхъалаялъул бесдал лъималазул рокъоса лъималги.
Нараттюбеялъул габурлъийин абулеб бакI ккола гьеб. БагIараб ТIехьалде росарал къанагIатал тIегь- хергун рухIчIаголъиги бугин гьенибилан бицана факультеталъул мугIалимзабаз.
ПалхIасил, гьениб батараб рищни- къулги бакIарун, дипломалги кьун хадуб гIуцIана тепсиги.
Гьенире гьоболлъухъе ахIун рукIана Олимпиялъул хIаязул чемпион ХIайдарбег ХIайдарбеговги «Лезгинка» ансамблялъул директор Жамбулат МухIамадовги.
Жибго экологиялъул факультеталъул хIалтIуда хурхун, гьелъул декан ГIалимурад ХIажиевас «ХIакъикъаталъе» бицана гьанже факультеталъул къимат борхулеб бугилан.
— Масала, коронавирусалдаса хадуб бичIчIулеб буго тIабигIаталда лъугьунел хаслъабазе къимат кьолел вирусологалги, экологалги, гьезда релълъаралги хIажат рукIин.
Амма вузазде лъугьунелъул географиялъул предмет тIадаблъун гьабун гьечIолъиялъ, ЕГЭ кьолезги гьеб предмет тIаса бищулеб гьечIо. Гьединлъидал цIакъго дагьал гурони гьечIо экологиялъул факультеталде лъугьунел гIолилал.
Гьедин, тIолабго республикаялдаго ЕГЭялда географиялъул экзамен тIаса бищун буго 23 цIалдохъанас. Амма гьезул 16-17-ясда гурони кIвечIо гьеб букIине кколедухъ кьезе.
Нилъ рукIуна нилъее ватIан, Дагъистан бокьизе кколилан бицунел. Школаздагицин географиялде гьедин хашаб бербалагьи батани, кин нилъеца гIун бачIунеб гIелалда нилъерго ракь бокьизабилеб? Нижеца школлъималазда гьоркьоб (9-11 классал) анкетирование тIобитIун букIана. Гьезул жавабазда рекъон, нилъер гьанир рагIула хъахIал циялги, жирафалги, гьединалго цогидал хIайваналги.
Гьездаги гIайиб щиб, школазда географиялда тIасан хIучч цIалеб бугони? Ихтияр щун букIунилан, директорзабаз жидеего бокьарал предметазул сагIтал дагьлъизарулел руго, — ян бицана ГI. ХIажиевас.
Гьезул факультеталдаса къватIире риччарал гIолилал хIалтIулел руго ТIабигIиял бечелъабазул министерствоялда, Росприроднадзоралда. Хасго гьанже ракьазул суал хIалуцун бугеб мехалдаги къваригIунел руго экологиялъул специалистал (кадастралъул багьа-къадар чIезабиялъе, картография гIуцIиялъе).
Туризм цебетIезабизе кколин абураб суал цебе лъун буго республикаялда. Гьелъиеги махщелчагIи хIажалъула (масала, маршрутал чIезаризе).
Гьединго, деканас бицухъе, гIелмиял хIалтIаби цадахъ гьаризе Россиялдаса махщелцоялги рачIунел руго гьезухъе. Масала, гьабсагIаталда Хъумторхъала районалда руго Новосибирскиялдаса, Томскиялдаса рачIарал экологал. Гьез цIех-рех гьабулеб буго тIабигIаталда вирусал, гIункIкIал кин тIиритIулелали.
Амма, кин букIаниги, школазда 23 цIалдохъанас гурони география кьолареб мехалда, жидее захIмалъулеб бугин хIалтIи гIуцIизеян абуна ГIалимурад ХIажиевас. Курс гIезе ккани, 60 чи восизе ккола цIализе.