Шамил районалъул Хучада росулъа Рашид ХIажиясулов, дунялалда бищун борхатаб Эверест мегIералъул тIогьиве вахун вугилан рагIидал, гьеле унго-унгояв бахIарчиян ккана ракIалде.
Кин ва кида гьеб хасият инсанасулъ загьирлъулеб ва кигIан гъваридго рукIунел гьелъул кьалбал? Гьеб суалалъе жаваб балагьизелъун дица лъай-хъвай гьабуна батIи-батIиял заманалъул гIакъилал гIадамазул цо- цо абиязулгун. Ва гьезул гIемерисез бихьизабулеб буго «БахIарчилъи» абураб рагIиялъе гIагарал рукIин: бихьинчилъи, хIинкъи гьечIолъи, рекIел къвакIи, сункьаго бер къаларев, къварилъаби хIехьон бажарулев, къварилъабазе бетIер къулуларев, гьезие къуркьуларев ва гIемерал цогидалги сипатал.
Дагьав цевегIан телевизоралдасан кIалъалаго КIудияб ВатIанияб рагъул ветеран Малышкиница абуна: «Жакъа къоялдаги рагьизе кIвечIеб балъголъилъун хутIун буго доб гIажалаб рагъулъ бергьенлъи босарал бахIарзазул бахIарчилъиги къохIехьейги», — ян. Дидайин абуни, кинго бичIчIизе кIолеб гьечIо, жидерго гIумруялъе бугеб хIинкъиги лъалаго хвалил бадире ралагьун цIорол мугIрул квегъизе хиял лъурал бахIарзазул рекIел къвакIи. Сунца гьел гьеб борхалъиялде хиял гьабизе тIамурал? Гьеб суалалъе бичIчIулеб жаваб кьун бажаруларо жалго альпинистаздацин. Гьеб борхалъиялде бугеб хIасрат, берцинлъиялде бугеб гъира бугин абураб жоялда божизеги кIоларо.
Альпинист Геннадий Копейкаца абуна: «Гьеб суалалъе жаваб кьезе, цо рахъалъ цIакъ бигьаго буго, цогидаб рахъалъ – захIматгоги буго. МугIрул тIогьиве щварав чияс гьединаб суал кьелароан. Дуда мугIрузул берцинлъиги, гьезул тIадегIанлъиги бичIчIараб ва бихьараб мехалъ лъала гьелде дандеккун дур бугеб гьитIинлъиги загIиплъиги. Гьебго заманалда дуда лъала дурго кIодолъиги тIадегIанлъиги, гIицIго мунлъидал вугев мугIрул тIогьиве ххарун, гьелъул каранда».
Рашид ХIажиясуловасулги бу- кIун батила нилъеца бицен гьабураб гIадаб ахIвал-хIалги рекIел хIалуцинги. Щив ва киса гьев дунялалъул бищунго борхатаб тIохде вахарав бахIарчи? Гьев ккола Шамил районалъул Хучада росулъа. Рашид, ХIебда росдал школа лъугIун хадув цIализе лъугьана ДГТИялъул технологияб факультеталде. Гьеб лъугIидал хъулухъ гьабуна Советияб Армиялда. ХIалтIулев вуго Гъизилюрт шагьаралъул соцстрахалъулаб фондалда. Школалда цIалулелдаса нахъего кIудияб рокьи букIана спорталде.
Гьал мукъсаналго рагIабаздалъун биография рехсарав Рашид вуго гIадатияздаса бищунго гIадатияв ва жинцаго гьабураб кIудияб гьунарги цIакъго гьитIинаблъун бихьулев инсан. Дагъистаналъул мугIрузда гIумру гьабулел гIемерисел гIадамал дандчIвала тIабигIаталъул бигьаял гурел шартIазда ва квекIеназда, гьел хIажаталлъун ккола гьел къезаризе. Амма цо-цоязин абуни, гьел жеги тIадеги балагьула, гьез анищ гьабула мугIрузул тIогьире ххаризе, гьезие бокьула жалго рорхалъабазде рахине ва мугIрузул тIогьазда тIавап гьабизе. Гьеле гьединавлъун ватана Рашидги.
— Лъимерлъудаго дун ракIалъ рорхатал мугIрузде цIалев вукIана, — ян бицунеб буго гьес Шамил районалъул культуриябгун тарихалъул жамгIияталъул председатель МухIамад Гъазалиевасулгун букIараб гара-чIвариялда.
– Цогидаздаса балъгого дун мугIрузде ххарулев вукIана, амма мугIрузде хIакъикъияб гIищкъу бижана гьалмагъзабигун цадахъ Эльбрус магIарде, хIухьбахъизе араб бакIалда. Гьедин араб бакIалда дун ххарана Эльбрусалъул гIазулал тIогьазде ва дица пикру гьабуна цогидалги мугIрул бигьаго кверде росизе ругилан. Абизе ккола, цIакъ мекъи батана дир гьеб пикру.
Эльбрусалдаса Дагъистаналде тIад вуссун хадув Шалбуздагалда дир лъай-хъвай ккана кабардиназул альпинист Ольмезовасулгун. Гьев цевеккун Эвересталдеги вахун вукIун вуго ва гьес дида абуна дагъистаниясе бигьаяб жо бугин дунялалъул тIогьиве вахинеян.
Эльбрус квегъун хадуб Рашид лъугьана Эверест квегъиялде хIадурлъизе. 2015 соналда гьес хIалбихьана Казахстаналъул, Гъиргъизиялъул ва Китаялъул гIорхъода бугеб Хан-Тенгри борхалъиялде вахине. Гьелъул борхалъи буго 7010 метр. 6800 метралъул борхалъиялде щвараб мехалда Рашид тIад вуссине ккана. 2016 соналдайин абуни гьев вахана Памир мегIералъул Ленинил цIаралда бугеб тIогьиве. Гьениб гьесул лъай-хъвай ккана Украиналдаса альпинист Виктор Бобковасулгун. Гьес бицана Эвересталде сапар бухьине хIадурлъулев вугилан.
— Дица хIукму гьабуна гьесул, 5 чиясдаса гIуцIараб, экспедициялда гIахьаллъизе, — ян бицана Рашидица. – Эвересталде унеб нух гьоркьоса къотIи гьечIеб эхедерай гуро бугеб. Гьенире унаго хисизе ккола 6 лагерь. Гьелъ кумек гьабула тIабигIаталъул ругьунал гурел кьварарал шартIазда черх ругьун гьабиялъе. Гъоркьияб лагералда черх ругьун гьабичIого тIасияб лагералде ани, гьениб цо мехелалъ гурони гIумру гьабун бажаруларо инсанасухъа. Нижеца кIиго моцI бана 6400 метралъул борхалъуда бугеб лагералда. Ниж тIасияб лагералде унаан ва тIад руссун гъоркьияб лагералде рачIунаан. Гьединаб хIалбихьиялда альпинистаз жидерго черхалъул цIайи тIаса рехула, дунги 15 килограммалъ хIалакълъана. ЦIикIкIуна бидул тIадецуй. Гьедин букIуна цо-кIиго моцIалъ гуреб, дагьабги гIемер заманалъ. Ахирисеб гьужумалда цебе нижеца тIубараб анкьалъ хIухьбахъи гьабуна 7200 метралъул борхалъуда. Гьениб гIемерисеб бараб букIуна битIккеялда. ГIазул гьури бахъани, ниж тIад руссине кколаан. ТалихIалъ кинабго лъикI ккана. МегIералъ дун къабул гьавуна, къабул гьавун хадув виччанги тана.
Дида рихьана гьенир даималъго хутIаралги. Цо-цо мехалъ жаназабазда тIасан гали тIамунги ине кколаан. Хварал альпинистазул жаназаби хваралъурго тола, цо-цо мехалъ гьез кумек гьабула нух бихьизабиялъеги.
Лъабго болъо буго ахирисеб эхедераялъул. Нижеца гьел нахъа тана сардил бецIлъиялда. 6 маялъул радал сагIат 5 тIубараб мехалъ ниж мугIрул тIогьире рахана. Гьениб 20 минутги бан, ниж тIад руссана.
Гара-чIвариялъул ахиралда Рашидица бицана, жидеда хадуб бачIунеб цогидаб къокъаялда гъорлъ вукIарав ингушав МухIамад Дзейтиевасулгун жидер къотIи букIанила: нагагь цояв хвани, чIаго хутIарас кIиябго республикаялъул байрахъал мегIералъул тIогьире щвезаризе.
Хал гьабун бихье, кинаб бахIарчилъи бижулеб бугеб инсанасул рекIелъ! Гьединал лъугьа- бахъинал дандчIвалаан гIицIго маргьабалъ! Гьанибго абун тезин, Рашид ХIажиясулов гуро профессионалияв альпинист, гьев вуго унго- унгояб куцалъ мугIрузухъги гьезул тIогьазухъги гIищкъу бергьарав инсан. Гьелде тIадеги, гIумруялъул 49 сон бараб мехалда вахана гьев дунялалъул бищунго борхатаб магIарде.
Гьаб цебехун бицен гьабураб лъугьа-бахъин ккана гьанжеялдаса лъабго соналъ цебе ва цIалдолезда ракIалде ккезе бегьула щайдай гьас гьаб цIидасан ракIалде щвезабулеб бугебилан. Гьелъие руго гьадинал гIиллаби: тIоцебесеб иргаялда, нилъеда кIочене бегьуларо бахIарзал ва гьез гьарурал бахIарчиял ишал. КIиабилеб иргаялда, исана 6 маялда гьеб кIудияб кIваралъул лъугьа-бахъин ккаралдаса лъабго сон тIубана. Лъабабизе, нилъер халкъалъ кIудияб захIмалъиялда нухда тIамуна коронавирусалдаса цIуна-къай гьабулаго кIиго моцI. Жидерго рахIатал рукъзабахъ, кодор телефоналги ккун, тамахаб бусадаги регун, телевизоралъухъги балагьун тIамураб заманги бахIарчилъилъун рикIкIунеб батани, 28 моцIалъ инсанасулал гурел шартIазда гIумруги тIамулаго бахIарчияб гьунар гьабурал гIолохъабазда щибха абизе кколеб!?
Гьаб макъала лъугIизабизе бокьун буго Абу ГIубайда ЖарахIил рагIабаздалъун: «Ва, гIадамал! Нужеца таваккал бихьизабе ТIадегIанав Аллагьасе гIоло ва Гьес нужее кумек гьабила нужее къохIехьезе къуватги кьун. Ва, гIадамал! КъохIехьеялъ кумек гьабизе буго нужее Аллагь гурхIиялъе ва суриялдаса нуж хвасар гьариялъе. Нуж бахIарчияллъун ва Аллагь ракIалде щвезарулеллъун рукIа».