1979 соналъул июналда, Хунзахъ районалъул халкъияв судиявлъун хIалтIулев вукIарав дихъе кIалъан вачIана республикаялъул прокурор М. Ибрагьимов ва лъазабуна метерго жиндихъе вачIаян абун. Нахъисеб къоялда гьесухъе щведал прокурорас абуна Гъуниб районалъул прокурорлъун хIалтIизе витIулев вугин дунан абун. КIиго къоялдаса дун щвана Гъуниве ва тIоцебесеб нухалда дандчIвана райкомалъул тIоцевесев секретарь ГIинчилов ХIажигун.
Райкомасул кабинеталде лъугьаравго, диде данде вахъун вачIана гьоркьохъеб ригьалъул, къартIав ва аскариясул рилълъин хасиятав бихьинчи. Дир саламги буссинабун гIодов чIаян абуна. Дун вукIана вихха-хочун – живго Сталин вугин кколаан дида цеве эхетун! Гьурмал сипатго букIана Сталинилалда релълъун – михъал, ботIрол кар, досулго гIадинаб аскариясул партал, галифе- тIажу ва кенчIоледухъ рацIцIадго чIезарурал солдатасул чакмаби…
Байбихьудасаго ниж хехго ричIчIана цоцада. Гьелдаса нахъе, батIи- батIиял хъулухъазда хIалтIаниги, кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ цоцазул адабалда унеб буго нижер гьудуллъиялъул гIумру. ХIажи кидаго вукIана жавабчилъи тIокIав нухмалъулевлъун. Гьединабго жавабчилъи тIалаб гьабулаан гьес цогидал хIалтIухъабазухъаги. Гьесул жигаралдалъун ва нухмалъулесул бажариялдалъун дол соназда, районалъул киналго идарабазул хIалтIухъабиги гIахьал гьарун, гIуцIун рукIана хасал къокъаби. Гьел щолаан щибаб росулъе, халгьабулаан бакIалъул нухмалъиялъул хIалтIул ва гьабулаан хIажатаб кумек. ЦIакъ пайдаяб иш букIана гьеб. Гьединаб хIаракаталъул хIасилалда Гъуниб районалъул цIар чанцIулго хъвана республикаялъул ХIурматалъул хъорщода.
«1968 соналъул февралалдаса нахъе ХI. ГIинчилов вуго Гъуниб районалъул нухмалъулезул цоявлъун. Район санайилго мустахIикълъула КПССалъул Обкомалъулги республикаялъул Министразул советалъулги хьвадулеб БагIараб байрахъалъе. Гьев жигаралда гIахьаллъула районалъул жамгIиябгун политикияб гIумруялъулъ. ГIадамазул къваригIел тIубазе хIадурав вукIиналъ, гьесул адаб гьабула районалда. Гьединлъидал нижеца гьев мустахIикъавлъун рикIкIуна Ленинил орденалъе», — ян хъван буго дол соназда Обкомалъул тIоцевесев секретарьлъун вукIарав М.-С. ГIумахановас гъулбасараб архивалъул документалда.
1942 соналъул январалда Сугъралъ росдал ичIабилеб классалда цIалулев вукIарав ХIажи жиндиего бокьун ана КIудияб ВатIанияб рагъде. Цин гьев витIана Бакуялъул лъелазул училищеялда цIализе. Гьеб лъугIизабураб мехалда витIана армиялде – 1356-абилеб дивизиялде. Гьебго соналда гIахьаллъана Моздокалда, Малгабекалда, Абинскиялда фашисталгун ккарал рагъазулъ, вагъана Новороссийскиялъул, Туапсеялъул ва Крымалъул мухъаздаги.
1942 соналъул декабралда гьев лъукъана тIоцебесеб нухалда. Щвана рагъулъ контузияги, цIорон рукIана хIатIикилщалги. Амма госпиталалда сахлъун хадувги ХIажица кьаби щвезабуна тушманасде. Рагъулаб хъулухъалда гьев вукIана 1946 соналъул июналде щвезегIан. Рагъ лъугIун хадуб гьев цIалана Москваялда – БагIараб армиялъул Рагъулабгун финансазул училищеялда ва тIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, гьесие щвана гвардиялъул подполковникасул цIар.
Рагъул ветераназе бокьуларо дол захIматал соназда ккарал лъугьа- бахъинал ракIалде щвезаризе. Гьес абула, кидаго беразда цеве вукIунин рагъулъ лъукъарав, бида вецIцIулев вукIарав гьалмагъ ва кIочонарила гьесул ахирисел рагIаби: «Гьудул, дун холев вуго, амма холев вуго ВатIаналъе гIоло, Сталиние гIоло!». «Дида гIемер ракIалде щола гьев солдат. Рагъана ниж, ВатIаналъул тIолалго солдатал, тушманасдаса киналъухъго рецIел босизе кIудияб гъирагун. Тушманасде бугеб ццидаца кьвагьизе къачIан рукIана киналго ва щивав солдатас ахIулаан: «Рахъа гьужумалъе, церехун! ВатIаналъе гIоло! Сталиние гIоло!» — ян. Дицаги гIемер ахIулаан гьел рагIаби», — ян ракIалде щвезабула ХIажица.
Гьесда тIад ретIун кидаго букIуна Сталинил заманалъул форма. Щай дуца гьеб тIаса бахъуларебан гьикъараб мехалда, ГIинчиловас кьуна гьадинаб жаваб: «Нижеца киназго ретIунаан гьеб рагъдаса хадусел соназдаги. Гьеб буго дие цIакъ хирияб форма. Цо данделъиялда М. ГIумахановасги бадибчIвай гьабуна дие форма сабаблъун. Дир жавабалдаса гьесда бичIчIана, дие гьеб хирияб бугеблъи – рагъул соназул ракIалдещвей хIисабалда», — ян. Гьеле гьеб аскариясул кителалда гьанжеги ран руго ХIажие рагъулгун захIматалъул фронтазда щварал киналго орденалгун медалал.
1948 соналда ХIажи ГIинчилов хIалтIулев вукIана ЛъаратIа районалъул прокурорлъун. Гьесул хIаракаталдалъун районалда бецIизабуна пачалихъалъе гьабун батараб батIи-батIияб тайпаялъул зарал. Гьелъул мурадалда следователаз гIуцIараб хасаб халгьабиялъул хIисабалда хъван буго «жидерго мулк цIунизе багьа хириял алаталги рукъалъул хIайваналги, магIардасан рачун, щвезарун ратана Азарбайжан республикаялдаян». ГIинчилов вахана чоде ва кIиго анкьил болжалалда валагьана мадугьалихъ бугеб республикаялда вахчарулев вукIарав къоло лъабавго чи. Милициялъул кумекалдалъун гьел щвезаруна районалде ва гьезда бецIизабуна гьабураб зарал.
1985 соналда ГIинчиловас хIалтIи тана. Ва байбихьана ветеранасул насихIатчилъиялъулаб хIаракат. Абизе бегьула гьеб букIанин гIолеб гIелалъе моралияб тарбия кьеялъул рахъалъ рагьараб ХIажил «лъабабилеб фронт». Гьеб ишалда вуго бахIарчияв ветеран кIикъогоялдаса цIикIкIун соналъ. Гьев дандчIвала школазул ва колледжазул цIалдохъабигун, вузазул студенталгун, захIматчагIигун. Гьес нухмалъи гьабула Росдал магIишаталъул министерствоялъул ветераназул гIуцIиялъе.
ХIажил патриотизмалъул хIакъалъулъ бицуна Гъуниб росулъ «ХъахIал къункъраби» абураб памятник баялъе гьабураб хIаракаталъги. «КъватIисел улкабаздаса тIадвуссарав Расул ХIамзатов гIемер щолаан Гъуниве. Япониялдаса тIадвуссарав гьев вачIана районалде ва дирги гьесулги хабар ккана памятникалъул хIакъалъулъ. Райкомалъул бюроялда гьабуна гьелъул хIакъалъулъ хIукму ва бана гьеб. Гьелъул скульптор вуго ЧIохъа ХIажи Гъаниев.
Гьеб буго тIолабго кIудияб улкаялъул ватIан цIунулаго рагъда чIварал бахIарчиял васазул хIурматалда бараб. Биччанте гьеб букIине нилъер халкъалъул цере рукIаралги жакъаселги наслабазул бухьеналъул нугIлъун!» — ян ракIалде щвезабуна ветеранас.
Памятник рагьана 1986 соналда. Диеги рес щвана гьеб рохалил байрамалда гIахьаллъизе. Гьенир рукIана памятникалъул ва кочIол авторалги — Расул ХIамзатовгун Ян Френкель.
Прокуратураялъул хIалтIухъаби- ветераназда гьоркьоса жакъа чIаго вуго гIицIго ХIажи ГIинчилов. Дун гьевгун дандчIван вукIана ВатIан цIунулезул къоялда. Гьесулгун накъиталда вукIаго, нижеца ракIалде щвезабуна рагъул соназда гьарурал лъималазул гIумру, хIехьезе ккараб захIмат. Бокьилаан жакъасел гIолилазда гьелъул магIна бичIчIизе ва нилъер тарихалъул адаб гьез гьебизе.