Дагъистаналъе коронавирусалъ гьабураб зарал борцун бажарулеб роценго батиларо. Пандемия байбихьаралдаса нахъе РФялъул президентас хасаб данделъи тIобитIизегIан ДРялъул официалияб статистикаялда ругел баяназда гIажаиблъизе бачIунаан. Хварал гIадамазул къадар бихьизабулеб букIана цIакъго дагь. Гьайгьай, гьел баяназда божизе рес букIинчIо, щайгурелъул вацапалда ругел курсцоязул къокъабазда щибаб къойил бицунеб букIана жиде-жидер росабалъ ккарал камиязул хIакъалъулъ. Гьел тIатIала журараб мехалда кколеб букIана официалияб баяналдаса гIемерго цIикIкIараб къадар.
18 маялда, ай Путинилгун видео- данделъи тIобитIараб къоялда, бицана республикаялда унтун вугин 3460 чи ва 29 унтарав хун вугин абун. Федералияб даражаялдаго ахIи бахъараб мехалда республикаялде ритIун рачIана машгьурал клиникабаздаса тохтурзаби. Гьезул бетIерлъуда йикIана Фтизиатриялъулгун рахунел унтабазул федералияб централъул нухмалъулей Ирина Трагира. Дербенталъул больницабазда бугеб ахIвал-хIалалъул хал гьабун хадуб тIобитIараб данделъиялда гьелъ загьир гьабуна официалиял баянал хIакъикъиял ратиялде щаклъи. «Республикаялда гIолел гьечIо коронавирусалъ унтаразе хIажатал дараби. Гьел рикьула тIолабго Россиялда – официалияб статистикаги унтарал хвеялъул хIужабиги кьочIое росун. Официалиял баяназда рекъон, COVID-19 сабаблъун Дагъистаналда хун вуго гIицIго 36 чи. Гьебго заманалда, официалиял гурел баяназда рекъон, пневмониялъул хIасилалда хун вуго 820 чи. ТIадегIанаб даражаялъул дарабиги гьечIого, унтаразе кумек гьабизе захIмалъула, гьеб бажаруларо. ХIакъикъияб статистика загьир гьабичIони, нужее дараби щвезе гьечIо», — ян бицана гьелъ.
Гьелдаса хадуб байбихьана Дагъистаналъул хIакъалъулъ федералиял СМИяздаса бицине. Республикаялде щвана машгьурал журналистал, гьез хъвана макъалаби ва рахъана видео-репортажал. ХIакъикъиязде гIагарлъизе байбихьана статистикиял баяналги. Масала, 30 маялде унтаразул къадар бахана 4830-ялде ва хваразул — 226-ялде. Амма гьел баяназдецин божизе бачIунаро. Щайгурелъул унти хъинтIичIеб росу яги шагьар хутIичIо. Рокъор регун сахлъарал яги Аллагьасул къадаралде щварал дагъистаниял хIисабалде росуларо. Гьелъул хIакъалъулъ хъвалеб буго «Эти цифры меня ужаснули» абураб макъалаялда «Медузаялъул» мухбир Владимир Севриновскиясги.
Журналист щун вуго Дербенталдеги, МахIачхъалаялдеги, Хьаргабивеги; дандчIван вуго шагьаразул администрациязул вакилзабигун, «Инсан» абураб рахIмуялъул фондалъул нухмалъигун, хварал тохтурзабазул гIагарлъигун.
Дербенталда
Севриновскияс хъвалеб буго: «Маялъул бащалъуда Дербенталъул мэр Хизри Абакаровас ДРялъул бетIер Владимир Васильевасухъе хъвана коронавирусалъ унтаразул бугеб хIакъикъат рагьараб кагъат. Гьенир рехсарал баянал рукIана официалияб статистикаялдаса тIубанго батIиял», — абун.
Унтаразул къадар мухIкан гьабиялъул мурадалда, Дербенталъул нухмалъиялъ гьезул хIакъалъулъ баянал тIалаб гьарун руго муниципалитетазул идарабазухъа (щибаб муниципалитеталда вугев хIалтIухъанасул хIисаб гьабуни, гьезул къадар бахуна лъабазарго чиясде), диниял идарабазухъа (мажгитаздеги, синагогаялдеги, килисаялдеги рачIунел рукIарал ва гьанже рачIунел ругел гIадамазул хIисабги гьабун). Гьел баянал данде рехараб мехалда, 150 азаргоялдаса цIикIкIун чияс гIумру гьабулеб Дербенталда унтун ватана 9-10 азаргониги чи. 2020 соналъул апрелалдаги маялъул тIоцебесеб бащалъиялдаги пневмониялъул хIасилалда хвана 134 чи (официалиял баянал: пневмониялъ — 50 ва COVID-19 — кIиго). Гъоркьиса 1-15 маялда хехаб кумек ахIун буго 1368 нухалда, исана — 2245 чиясухъе. Гьезда гьоркьоса 331 чиясулъ батун буго пневмония ва 538 — ОРВИ.
«Гьанже дагьлъун руго больницаялде рачIунел унтарал. ГIемерлъана сахлъун рокъоре унел гIадамалги. Эркенлъарал бакIазда нижеца регизарула районаздаса рачун рачIарал ва захIматго унтарал гIадамал», — ан бицана Республикаялъул Хехаб кумекалъул больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад ИмангIалиевас.
Хьаргаби
Бищун гIемер унтарал ругеб район ккола Хьаргаби. В. Севриновскияс бицунеб буго гьениб бугеб хIалалъул хIакъалъулъ. Хасаб бакI макъалаялда кьун буго коронавирусалъул хIасилалда къадаралде щварай рентген-лаборант Аминат Мажидовалъул хъизамалъе.
ТIоцебесеб классалде хьвадулев Багьавудин ккола Аминат Мажидовалъул бищун гьитIинав вас. Гьесда жеги бицинчIо эбел тIокIалъ ячIунареблъи. «Аминатие гьитIинго бокьун букIана тохтурлъун яхъине. Амма кумек гьабизе ккана эменги гьечIого хъизам хьихьулей эбелалъе. Гьелъие бокьулаан жиндирго хIалтIи. Дица гьелда абулеб букIана, больничныйги босун, рокъой чIаян. ГIадамазда ракIалде ккезе бугила жий хIинкъун йигилан жаваб кьуна дие гьелъ», — илан бицана Аминатил бетIергьанчияс.
«Кинабго байбихьана 11 апрелалда. Рахунел унтабазул отделениялде ячун ячIана нижерго поликлиникаялъул заведующая. 16 апрелалда тахшагьаралъул больницаялде йитIана гьей нижеца. 23 апрелалда гьей хвана гьений. Гьеб заманалде больницаялде рачIине байбихьана гIемерал унтарал — сордо-къоялда жанив вачIунаан 15-17 чи. Больница хIадур букIинчIо гьел къабул гьаризе. Республикаялъул сахлъи цIуниялъул министрасул буюрухъалда рекъон, нижеца гIуцIизе кколаан 40 унтарасе бакI бугеб обсервациялъул отделение. Гьенир регизаризе кколаан кIиго анкьалъ рокъор чIезе санагIат гьечIел унтиялде щаклъи бугел гIадамал. Унтарал ритIизехъин рукIана Буйнакскиялъул больницаялде. Гьениве витIана лъабго чи, цогидал районаздасаги унтарал рачIунел рукIана ва гьенир тIокIалъ къабул гьаричIо гьел.
Гьеб мехалда дица терапиялда рагьана рахунел унтабазул госпиталь. Неврологиялда регизаруна ковидалде щаклъи бугел унтарал, хирургиялда гьабуна реанимация, хIалтIизаруна районалъул росабалъ ругел больницабиги. Гьедин нижеца гьабуна 170 унтарасе бакI. ГIолел рукIинчIо дараби, унти ккеялдаса цIунизе рес кьолел костюмал нижеда рихьун рукIана гIицIго суратазда. РукIана чумаялде данде къеркьолаго тIад ретIунел халгIатал, респираторазул бакIалда — цо нухалда гурони хIалтIизаризе бегьуларел тIеренал маскаби. Хадубккун дица коллективалда чанго гъат бугел рукъеян гьарана», — ян бицана Хьаргаби районалъул больницаялъул бетIерав тохтур МухIамад Абакаровас.
«20-21 апрелалдаса нахъе гIемерлъулел рукIана унтарал. БукIинчIо компьютерияб томограф. Киналго рачIунаан больницаялде — унтаралги сахалги. Щивасе бокьун букIана флюорография гьабизе — байбихьана унго-унгояб психоз. Къваридаб жанахIалда вакIарулаан 30-40 чи. Щивасе къваригIунаан тIоцебесеб иргаялда жиндир гIагарав чиясул — эбелалъул, яц-вацасул хал гьабизе», — ян бицана бетIерав тохтурас.
ХIалтIул ахирисеб кIиго анкьалъ Аминат Мажидовалъ хал гьабуна 1400-ниги чиясул. Гьезда гьоркьоса 127 чиясул чIезабуна пневмония — жеги мухIканаб диагноз лъезе рес кьолеб хIал букIинчIо больницаялда.
Больницаялда гIадлу-низам гьабизеги унтаразе бажарараб кумекалъеги рахъана хьергебдерил гIолилал-волонтерал. Реанимациялъул кIалтIа эхетун руго кислородалъул баллонал. Гьезда аскIор хIухьбахъулел руго добровольцалги. «Гьанив вегун вукIана 130 унтарав, къогоялдаса цIикIкIун — захIматаб хIалалда вугев. БукIана гIицIго ункъо баллон. Тохтурзабаз гьарана дарабиги кислородги балагьизе кумек гьабеян абун. Нижеца социалиял гьиназдаса хитIаб гьабуна дагъистаниязде, республикагун улка тун къватIирехун ругел ракьцоязде, кумек гьабеян абун. Гьеб кумекалъухъ росана тохтурзаби цIунулел костюмалги, дарабиги, кислородги. Дагъистаналъул Муфтияталъ больницаялъе гьабуна щунусазарго гъурщил кумек, бецIана кванил нигIматазухъ гIадамаз тукаде кьезе букIараб налъи. ГIолохъаби хIалтIана медбратал гIадин — гьез унтарасухъе щвезабулаан 70 килоялъул бакIлъи бугел кислородалъул баллонал. МоцIгIан заманалда жанив росулъ хвана лъебергоялдаса цIикIкIун чи — лъагIелалъ холаан гьедигIанасев чи», — ян бицана волонтеразул нухмалъулев Жаватхан ХIусеновас.
Роспотребнадзоралъул баяназда рекъон, 31 маялде 22 азарго чияс гIумру гьабулеб Хьаргаби районалда хвана микьго чи. М. Абакаровас бицаралда рекъон, районалда унтана 407 чи (гьезда гьоркьоса 18 — тохтур), COVID-19 чIезабуна 22 унтарасулъ ва хвана 23 чи. Амма хьергебдерица абулеб буго жеги гIемер унтанинги хванинги. «80 проценталдаса дагь ккечIо коронавирусалъ унтаразул къадар. Щибаб хъизамалда хъинтIана гьеб унти — росулъ щибго балъго гьабун бажаруларо. ГIадамаз жидецаго гьабуна дару-сабаб, хIалтIизаруна халкъияб тохтурлъиялъул малъа-хъваялги», — ян бицана волонтер Мажидица.
Гьесул пикруялда тIад рекъана бетIерав тохтурги. «Больницаялде рачIунаан гIицIго захIматго унтарал. ТIадагьаб формаялда унтаралги гIемер ратила. МухIканаб хIисаб лъицаниги гьабичIо», — ян бицана гьес.
16 маялда журналистасул суалалъе жаваб кьолаго, ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министрас абуна, COVID-19 сабаблъун 40-ялдаса цIикIкIун тохтур камунилан республикаялъе — официалияб статистикаялда рукIарал баяназдаса гIемер ккола гьеб. ХIакъикъиял хIужаби рахчиялъул гIилла бичIчIуларо. Аминат Мажидовалъул букIана 44 сон. Бесдаллъана гьелъул ункъо лъимер.
Коронавирус къуваталда бугеб заманалда кIодолъана щибаб росдал хабзал. Аллагьас мунагьал чураги нилъер хваразул ва гьезул гIагарлъиялъе, бесдаллъарал лъималазе, лъималаздаса ратIалъарал умумузе кьеги сахлъи.