ЦIакъго квешаб асар гьабуна дие дагьаб цебе «ХIакъикъат» газеталдасан цIалараб (№7, 21 февраль) М. Халиловасул «ГанчIил ракIал ратила гьал тохтурзабазул» абураб макъалаялъ. Ахираб заманалда батIи-батIиял газетазул гьурмазда гIемер раккулел руго М. Халиловас хъвалелда магIна релълъарал макъалаби.
Дица ТIадегIанав Аллагьасе рецц гьабула гьединаб унтиялъул «вирус» дир гIагараб Хунзахъ районалъул тохтурзабаздаса ракьалдаса зобгIан рикIкIад букIиналъ ва кидаго хунздерил тохтурзаби махщалил рахъалъги унтараздехун хIалимаб бербалагьиялъул рахъалъги цебесеб кьерда рукIиналъ.
Дие цебего бокьун букIана нижерго Харахьи участковияб больницаялъулги, гьенир хIалтIулел сахлъи цIуниялъул махщалилазулги, гIадамазул баркалаялъеги реццалъеги мустахIикъаб хIалтIул газеталдасан бицине. М. Халиловасул макъала цIалидал, гьеб пикру жеги щулалъана ва ракIалде ккана гьеб макъалаялъул «героязулги» гьезда релълъарал цоги ратани, гьезулги рекIелъе дагьабниги яхI-намусалъулги иманалъулги асар бачIинародаян.
Харахьи участковияб больница рагьана рагъдаса хадусел соназдаго. Гьелдаса нахъе гьенир, гьитIинабго больницаялда, гIемерал нухмалъулел хисана.
1992 соналдаса нахъе больницаялъе нухмалъи гьабулеб буго Харахьи росулъа Хъайтмазов МухIамадица. 1982 соналда Дагъистаналъул мединститут лъугIарав МухIамад хIалтIизе витIана Белгород областалъул Б. Валуйск шагьаралъул больницаялде хирург-травматологлъун. 10 соналъ гьенивги хIалтIун, 1992 соналда тIад вуссана росулъе ва тIамуна участковияб больницаялъул нухмалъулевлъун. ХIалтIул тIоцересел къояздаго МухIамадида бихьана унтаразе больницаялда бакI цIакъго къварилъун букIин, палатаби, кабинетал, поликлиникаялъе рукъзал, бихьиназеги руччабазеги как балел бакIал ва гIемераб цогидабги хIажат букIин.
Нилъеда лъалаха 90-абилел ва хадусел соназул улкаялда букIараб хIапу-чапур. Гьеле гьеб заманалда ккана Хъайтмазов МухIамад больницаялде нухмалъи гьабизе. Заманалъул захIмалъабазухъ балагьичIого, МухIамад хIалтIуде гъорлъе лъугьана.
ГIемерав векерахъдизе ккана районалъул нухмалъулезухъеги, республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялдеги, жеги тIадегIанал идарабаздеги хIалтIи гьабизе сурсатазда хадув. Гьеб рахъалдасан МухIамадие кинабгIаги кумек щвечIо. Жинца тIаде босараб хIалтIудехун гьесул бугеб цIикIкIараб жавабчилъи бихьичIого хутIичIо гьудул-гьалмагъзабазда, гIага-божаразда, дагьабниги ресалда ругел росуцоязда. Къокъабго заманалда жаниб больницаялъул хьибилалда эхетана цIияб, гIатIидаб, кIитIалаяб мина. ТIоцебесеб тIалаялда лъуна рентгенаппарат. Къваридалго рукъзабахъа гьенибего гочана лаборатория, физкабинет. КIиабилеб тIалаялда рагьана лъималазул отделение. Аслияб корпусалда эркенлъана чIахIиязе палатаби, тохтурзабазе кабинетал, лъималазеги чIахIиязеги батIа-батIаго поликлиникабазе рукъзал. Гьебго заманалда больницаялда цебе эхетана киналго рахъаз санагIалъаби ругеб, бокьараб мехалъ хинабги цIорорабги лъимгун, гIатIидаб ва берцинаб, бихьиназеги руччабазеги батIа-батIаго как базе рес бугеб как балеб рукъ. Как балеб рукъилан гьелда абуниги, гьеб буго унго-унгояб мажгит. АскIобго бана хIамамги.
Больницаялъул нахъисеб рахъалда гIурабго гIатIилъиялда гIун бачIунеб буго пихъил ах. Гьенибго бана унтаразе хIухьбахъиялъе батIи-батIиял хIаял гьаризе бегьулеб, бокьарасе цIалдезе рес бугеб цIулал рукъ.
Гьеб кинабгоги, гьанир рехсечIел цогидалги гIемерал хIалтIаби МухIамадица гьаруна хIукуматалъул кумекалда божун чIечIого. Гьанже хIажат букIана жанисеб рахъалъе капиталияб ремонт гьабизеги тIохда ккураб басрияб шифер хисизеги. Гьел хIалтIабазе, цо талихIалъ, районалъул администрациялъул рахъалдасан кумек щвана ва къокъабго заманалда жаниб гьеб кIудияб хIалтIиги рагIалде бахъана.
Хъайтмазовас гьабурабщиналъул пикру гьабуни, ракIалде ккезе бегьула, магIишатияб хIалтIуде вуссун, жиндирго аслияб, гIадамазул сахлъи цIуниялъул ва хIалтIулаб коллективалъе нухмалъи гьабиялъул рахъалъ загIиплъиги квалквалги ккечIодаян.
КкечIо. Жиндирго аслияб хIалтIиги гьес цо лахIзаталъги берзукьа борчIизе течIо. ТIоцебесеб иргаялда, жиндехунго тIалабчилъиги, жавабчилъиги, жигарчилъиги цIикIкIарав МухIамадица гьебго тIалаб гьабула коллективалдаса.
Бицинин цо дидаго бихьаралъулги. 2012 сон букIанин ккола, дун витIана унти мухIкан гьабизе МахIачхъалаялде, централияб поликлиникаялде. Гьенир щвалде щварал анализал гьаруна, батIи-батIиял аппаратазда лъуна ва ахиралда тохтуралъ хIасилияб кагъат дихъе кьуна.
Дихъ кодоб цIунун букIана Харахьи больницаялда лаборант ГIакъилова ПатIиматица гьарурал анализазулги тохтурзаби Хъайтмазов МухIамадицаги ХIакимов Ибрагьимицаги, дир унти чIезабун, дие рихьизарурал дарабазулги хъвараб кагъат. Гьеб дица гъой тохтуралда бихьунги букIинчIо. Хадуб балагьидал, гьел данде кколел ратана. Гьеб бихьарабго тохтуралъ, бетIерги кIибикIун, дида абуна: «Гьадинал тохтурзабиги лаборанталги ругеб бакIалдасаги нуж гьанире щвезегIан щай рачIунел?» -ян.
Гьелъги батила, гьитIинабго больницаялда хIалтIулев 8-ясда гьоркьоса щугояв ДРялъул мустахIикъав тохтур вукIана. Гьанже гьезул кIигояв нилъедаса ратIалъун (гьезул мунагьал чурун ратаги), цояв пенсиялде ун, кIигояв хутIун вуго. Живго МухIамадги ккола ДРялъул мустахIикъав тохтур.
Нилъер умумуздасанго бачIараб гIакъилаб аби буго, хIалтIи бокьулес кигIан захIматал шартIаздаги гьеб гьабизе ресал ралагьулин ва бокьуларес гьабичIого теялъе багьнал ралагьулин абураб.
Гьеб абиялъул ритIухълъи бихьула Хъайтмазовасул коллективалъул мисалалда. Гьениб щивасда бичIчIулеб буго унтарав чиясул рекIел тIеренлъиги, нервабазул загIиплъиги, гIамалалъул мазликълъиги. Гьединабго бербалагьи хасиятаб буго квен-тIехалъул ва рацIцIа-ракъалъиялъул бутIаялъул хIалтIухъабазеги. Больницаялъул минаялъуб киса-кибго чIезабун буго мисалияб рацIцIа-ракъалъи, унтаразе санагIалъи.
АбичIого гIоларо чанго рагIи кванил устарзабазул хIакъалъулъги. Гьез унтаразе хIадурула данде кколеб тIагIамаб квен.
Дидаго гIемер рагIана чанго унтарас: «Гьадинаб квен кидаго жидер рокъобги букIунаро», -ян абулеб.
Ахираб заманалда больницаялъул нухмалъулесул разилъи гьечIолъи бугоан унтаразе хIукуматалъ биччалеб шагьи-пара соналдаса соналде мукъсанлъулеб букIиналда бан. Нилъеда бихьулеб буго «коронавирус» абулеб балагьаб унтиялъ дунялалдаго гьабулеб бугеб балагь. Цебе рехун рачIунел руго сахлъи цIуниялда хIукуматалъ риччарал гъалатIал. Хьул лъолеб буго гьанжениги Россиялъ сахлъи цIуниялде букIине кколеб кIвар кьелилан.
Гьеб балагьаб вирусалда хурхунги Харахьи больницаялъул коллективалъ цIикIкIараб жавабчилъиги жигарчилъиги бихьизабулеб буго, гьел руго унтиялде данде къеркьеялъул цебесеб кьерда. Гьоркьоса къотIичIого гьабулеб буго халкъалъе бичIчIи кьеялъул хIалтIи, кумек гьабулеб буго ишалъулал малъа-хъваяздалъун.
ХIасил гьабун абуни, Хъайтмазов МухIамадицаги гьесул коллективалъги гIумру гьабулеб буго жидерго халкъалъул унтуцаги унтун, роххалица рохизарун.
Ракьалда унеб бигьаяб гуреб гIумруялъулъ гьез жидехъа бажарарабщинаб гьабулеб буго гIадамазул гIумру сахаблъун букIиналъе.