Кванарасе — гьан, гьабурасе — квас

ТIадаб куцалда, ракIбацIцIадго гьабун хадуб тIубанго бигьаябин абизе бегьулеб, захIмат бихьичIого рахIат щолеб хIалтIи бати щакаб иш буго. Сундулъго буго захIмалъиги бигьалъиги, моралиябгун материалияб гIодобецIай-тIадецIай, гIатIидалги къваридалги рахъал. Амма бищунго захIматаб батичIониги, гьединазул цояблъун рикIкIине бегьула вехьасул хIалтIи. Щай? Гьеб буго сезоназде бикьичIого, цоялда хадубго цояб ун тIубараб лъагIелалъ тIубазе кколеб, сордо-къо батIабахъулареб, гIодоркъоял-байрамкъоял гьечIеб, кигIан гучаб гьури пуниги, кигIан гьалакаб гIазу-цIад баниги гьоркьоб тезе бегьулареб хIалтIи.

Цоги батIиял ресалги гIемер рукIинчIелъул, советияб заманалда гьеб хIалтIи гьабулел чагIи гIезегIан рукIана, гIаммал магIишатазе гIухьбузул рахъалъ къварилъи букIинчIо. Нагагьлъун гьел гIоларого ругони, заманаялъниги гьеб хIатIуде ине гIадамазда (гьезие гIемер бокьичIониги) тIа­даб­лъун гьабулаан росабазул идара­баз. Амма гьедин бугониги, вехьасе щолеб мухь букIана мадараб, хасго цоги хIалтIухъабазе щолезда дандеккун. Вехьасул хIалтIуда гIемер хъинтIичIо цIияб заманалъул хиса-свериял. ГIияхъанлъиялъул бигьаяб гуреб хIалтIуда гьоркьобги захI­матаблъун ккола ихдал гIодоб­лъиялдаса мугIрузде гIи гочинаби.

Республикаялъул гIи-боцIул ма­гIи­шатазда гьабсагIаталда тIадбан унеб буго гьелде хIадурлъиялъул цо бутIалъун кколеб гIи къунцIиялъул кампания. Гьелдаса хадуб гIи чурула дараби журараб лъелъ, тIоритIула батIи-батIиял ветеринариял тадбирал ва биччала 20-25 сордо-къоялъул нухлул сапаралде, мугIрузде. Гъуниб районалъул «Сугъралъ» агрофирма ккола гIи-боцIухъанлъиялъул рахъалъ республикаялда церетIурал магIишатазул цояблъун. Исана гьениб къунцIизе ккола гIага-шагарго 12 азарго гIиялъажо. ЦIцIани ихдал къунцIуларо, къунцIизе бегьуларо-къунцIараб гьеб нухда цIорола, цIа­дуда-города гъоркье ккани, квеш­го унтула. ЦIакъго керчлъун бу­гони гьеб, мугъги жибго тун, къунцIула магIарухъе щун хадуб. ГIи къунцIиялъе агрофирмаялъ гIу­цIун буго хасаб, гьеб тадбиралъе киналго шартIал чIезарун ругеб цех. Жакъа къоялда гьенив хIалтIулев вуго анлъго къунцIарухъан ва гIа­гараб заманалда тIадеги щвезе вуго цоги лъабгояв. Гьелгун руго гьезул кумекчагIи — гIиял гьезухъе рачунел гIолохъаби, квас бакIарулел ва гьеб къачIалел хIалтIухъаби, дараби гьарулел ветеринарал. Гьаниб рехсечIого гIоларо кIвар бугеб цо гIаламат — гIи къунцIиялъулъ бугеб цо тамашаяб хIисаб. Абулаан, добго советияб заманалда цо гIиялъажоялдаса къунцIараб квасалъ лъагIелалъ гьеб хьихьулаанин абун. Цадахъго босун тIолабго магIишаталъ къунцIараб квасуцаги тIуралаан гьелъул гIемерал масъалаби. Гьединаб букIана квасул багьа, гьединабго хIалалда букIана гIи-цIцIаназул цIоко-къехьги. Гьаб заманалда цIоко-къехьалъул рехсезе гIураб тIалабго гьечIо, квасул килоялъул багьаги ккун буго 30- 40 гъурщиде. Бокьа-бокьарас гьабун бажарулеб иш гуро къунцIарухъанасул хIалтIи, гьелъие къваригIуна щулияб сахлъи, къуват ва лъикIаб махщел, хIалбихьи. ЦIакъго лъикIаб махщелгун хIалбихьи бугев, «цеветIурав» къунцIарухъанас цо къоялъ къунцIула 100-гIанасеб гIиялъажо. Гьоркьо­хъеб цо чахъуялдаса къунцIула 2-2.5 кило квасул, гьабсагIаталда гьелъул бугеб багьаялда рекъон гьеб ккола 80-100 гъурущ. Цо лемаг къунцIун къунцIарухъанасе кьола 120 гъурущ, гьесул кумекчагIазе ва цоги хIалтIухъабазе кьолелъулги хIисаб гьабун гьеб бахуна 250-300 гъурщиде. ТIад харжлъула 250-300 гъурущ, квасухъ щола 80-100 гъурущ. Гьединаб буго гьанжесеб хIакъикъат, хIисаб дандекколареб, магIна гIемер бичIчIулареб. Амма гьедин бугониги, мугIрузде гочиналда цебе гIи къунцIичIого гIоларо, гурони гьеб бизарлъула, унтула, загIиплъула, гьел­да гьан рекIунаро.

ГIабаш ГIабашилов