Араб анкьалда МахIачхъалаялъул Семендер поселокалда бугеб №58 школалда тIобитIана санайилаб «Анищазул ва кочIол куркьбазда» абураб этнофестиваль. Исана гьеб сайгъат гьабун букIана Россиялъул халкъазул цолъиялъул къоялде. Гьеб къоялъ школалъул азбаралде ва жанахIалъубе, щибаб кабинет-классалде данделъун букIанин гьитIинаб Дагъистанилан абунигицин мекъи букIинаро.

Киса-кирего рукIана мугIрузул улкаялъул гIамал-хасияталъулги, маданияталъулги, адабияталъулги бицунел къадал газеталги выставкабиги. Школалъул азбаралъуре лъугьарабго, рагIизе лъугьана Дагъистаналъул халкъазул миллияб музыкаги ахIулел кучIдулги. Гьенибго Дагъистаналъул мустахIикъав артист, палугьан АсхIабгIали ХIасанов хIадурлъулев вугоан жиндирго гIисинал гьунарчагIигун фестивалалъул гIахьалчагIазда цеве вахъине. Школалъул жанахIалъуб гIуцIун букIана халкъиял махщелазул выставка. Жиндирго цIулал тIагIелалги росун, гьенив гIахьаллъизе вачIун вугоан Унсоколоса машгьурав устар МухIамадгIалиги. Гьенибго бугоан школалъул гIицIго ясаздаса гIуцIараб музыкалияб ансамбльги. Гьез миллиял музыкалиял алатазда рачунел рукIана Дагъистаналъул халкъазул бакънал. Гьенибго – кьурди-хъатги. Дандеруссиналда гIахьаллъизе рачIаразда гьоркьор рукIана тахшагьаралъул лъай кьеялъул управлениялъул начальник Шаганэ Баймурзаева, управлениялъул отделалъул начальник ЗулхIижат ГIабдулжалилова, управлениялъул рахьдал мацIазул куратор МухIамад Манапов, шагьаралъул школазул рахьдал мацIазул учительзаби, шагIирзаби, хъвадарухъаби, журналистал ва Дагъистаналъул миллияб культураялъул адаб гьабулел цогидал дагъистаниялги.

Фестиваль байбихьана гIисинал гьунарчагIи-палугьабазул церерахъиналдаса. Хадуб школалъул данделъабазул залалда байбихьана фестивалалъул аслияб бутIа. Дагъистаналъул миллияб байрамлъун лъугьараб тадбир гьалбадерида баркана школалъул директор Шамил ГIалиевас ва тарбия кьеялъул рахъалъ директорасул заместитель Муслимат Жамалудиновалъ. Гьез бицана гIун бачIунеб гIелалъе миллиябщиналде рокьи кьеялъул тарбия кинаб даражаялда школалда бугебали. Бихьулеб букIана гьеб тIадегIанаб даражаялда букIинги. Школалъул учительзабазда, цIалдохъабазда, гьезул эбел-инсуда байрам баркана чанго соналъ школалъе нухмалъи гьабурай Шаганэ Баймурзаевалъ, ЗулхIижат Идрисовалъ. Дандеруссиналда гьединго гIахьаллъана шагьаралъул школазул цIалдохъабиги. Гьез миллиял мацIазда рикIкIана, ахIана кучIдул, рихьизаруна миллиял кьурдаби. Фестивалалъул бищунго тIагIамаб бутIаялъе кIудияб хIадурлъи гьабун бугоан школалъул спортзалалда. Гьениб гIуцIун букIана Дагъистаналъул щибаб миллаталъул хаслъи бихьизабулеб миллияб тепси.

Исана анцIго сон буго гьеб фестиваль тIобитIулеб бугелдаса. Соналдаса соналде цIикIкIунеб буго гIун бачIунеб гIелалъул миллияб тарихалде рокьи. Гьеб буго нилъ рохизе ккараб хIужа. Биччанте №58 школалъул гIадатлъун лъугьараб гьеб этнофестивалалъ данде гьаризе республикаялъулго цIалдохъаби ва учительзаби. Биччанте анищазул ва кочIол куркьбазда гьелъ дунялго тиризе, Дагъистаналъул халкъазул берцинлъиялъул гIаламалъеги бицунаго.
Шамай Хъазанбиева

