Кумек гьабе хIажатасе…

Марталъул ахиралда, апрелалъул байбихьуда Дагъистаналда ккараб тIабигIияб къварилъиялъ батIи-батIиял пикраби гьаризе тIамулел руго нилъ. ТIоцебесеб иргаялда, гьел хурхарал руго халкъазул, миллатазул гIаданлъиялъул гьоркьорлъабазда. КигIанго вахIшияб, инсанас инсанасдехун гьабулеб адаб-хIурмат гьечIеб капитализм гIуцIулел ругониги, бихьулеб буго гIадамазул гIаданлъиялъул, къо ккаралъуб кумек гьабизе хIадурал рукIиналъул хасиятал нилъелъа тIуранго хун гьечIолъи.

Дунялалдаго ва гьединго Дагъистаналъул халкъазда гьоркьорги кколел гIиси-бикъиназдаса чIахIиязде щвезегIан, цо-цо бакIазда цоцазда ричIчIунгутIиялъул, ракIжубай гьечIолъиялъул, жалго жидедаго чIун гIумру гьабизе хIаракат бахъиялъул хIужаби гIезегIанго рукIана. Цоцазухъе тIаде-гъоркье раккун, гьоболлъухъе унеб къагIида, цебе гIадаб ракIжубай дагьго букIанин абизе бегьула.

Дагъистаналъул батIи-батIиял районазда ва шагьаразда ккараб балагьа­лъул хIасилалда аза-азар мина-карталъе кIудияб зарал ккарал къоязда да­гъистаниязда бичIчIана нилъ жалго хутIун гьечIеблъи. ГIицIго МахIачхъала шагьаралда лъелъ тIерхьана 3700-гIанасеб рукъ. ГьабсагIаталда унеб буго гьезул хIисаб гьаби, лъие кигIанасеб зарал ккун бугебали мухIкан гьаби.

Гьеб къварилъи бигьа гьабизе кумек гьабулеб буго Россиялъул батIи-батIиял субъектаздаса гурелги, къватIисел пачалихъаздасацин рачIунел гIадамаз.

Нилъехъе рачIана ва рачIунел руго Аштархан, Владимир, Свердлов, Орел областаздаса Адыгеялдаса, Кабардино-Балкариялдаса, Калмыкиялдаса, Кубаналдаса, Ингушетиялдаса, Саха-Якутиялдаса, Чачаналъа ва цогидалги бакIаздаса гIадамал кумекалъулаб квергун. Гьез дагъистаниязе кьолеб буго гьекъолеб лъим, ретIел-хьит, чадрал, кванил нигIматал, дараби, ток гьабулел, гьединго хинлъи кьолел генераторал, резиналъул чакмаби, бензиналъул хъухъадираби ва цогидабги хIажатаб алат.

Дагъистаналдехун бугеб лъикIаб бербалагьи Россиялъул президент В. Путиница иргадулаб нухалдаги бихьизабуна, ккараб къварилъиялъул суалги гьоркьоб лъун, федералиял хIакимзабазул данделъи тIобитIиялдалъун. Гьениб гIуцIараб хасаб комиссиялъул членаз, бакIалдеги рачIун, Дагъистаналъул нухмалъулелгун цадахъ, чIванкъотIараб хIалтIи гьабулеб буго иш рукIалиде ккезабиялъул мурадалда.

Къварилъи ккедал къватIисел пачалихъазги кумек гьабиялъ бихьизабулеб буго Дагъистаналъул халкъазул гьез къимат гьабулеб букIин. Масала, Казахстаналъул вакилзаби щвана Хасавюрт, Гумбет ва Бабаюрт районазде. Гьениб ккараб заралалъул, гьезие къваригIаралъул хIисабги гьабун, рахIму-цIобалъул фондаздасан кумек гьабулеб буго.

«Кумекалда гIорхъи лъаларо!» абураб ахIиялда гъоркь гьениб жидерго бутIа лъолеб буго Туркменистаналъул Дагъистаналда цIалулел ругел студентазги.

ГIаданлъиялъулаб борч

Лъицаниги буюрухъ кьечIониги, республикаялдаса, Россиялъул цогидал бакIаздаса рачIун, жидерго гIаданлъиялъулаб борч тIубазабулеб буго жамгIиял гIуцIабаз ва аза-азар волонтеразул къокъабаз. Гьезда гьоркьор дагьал гьечIо «Россиялъул халкъазул ассамблея» пачалихъиябгун жамгIияб гIуцIиялъул хIаракатчагIиги. Гьез хвасар гьаруна гIадамал, рукъалъул хIайванал ва буголъи, Мамедхъалаялда, МахIачхъалаялда, Хасавюрталда ва цогидал бакIаздаги кумек гьабулеб буго рищни-къулалдаса рукъзал, къватIал рацIцIад гьаризеги. Волонтеразда гъорлъ руго Запорожьеялдаса, Донецкиялдаса гIолохъабиги.

ХIажатаб кумек бакIаризе, гьеб цойиде ккезабун, къварилъи ккаразухъе щвезабиялъулъ лъикIаб хIалтIи гьабулеб буго рахIму-цIобалъул батIи-батIиял фондазги. Гьезда гьоркьор руго «Инсан», «Народный фронт», «Почёт», «Доктор Лиза», «Чистое сердце», «Ният», «Закят» ва цогидалги фондал. Гьез бакIарараб гIарац унеб буго хIажатаб къайи босизе.

ГIадатиял гIадамазул ишалъулаб кверчIвай

БатIи-батIиял идарабаз ритIун, хIакимзабазул амруялда рекъон гуреб, жидерго намусалъул тIалабалда рекъон, Россиялъул гIемерал гIадамаз гIарцудалъун букIа, цогидаб къагIидаялда букIа кIудияб кумек гьабулеб буго зарал ккарал гIадамазе. Масала, Мамедхъалаялдаса тренерлъун хIалтIулев кIудияб хъизамалъул инсуе Халкъазда гьоркьосеб боксалъул ассоциациялъул президент ГIумар Кремлевас гьабуна кIудияб кумек. Василий Вакуленкоца миллион гъурущ кьуна «Надежда» фондалде. КочIохъан Жасминица, телеведущая Ида Галичица, блогер Виктория Боняца ва цогидазги цо-цо миллион гъурущ кьун ва цогидаб хIажатаб кумек гьабун рохизаруна мина-карт гьечIого хутIарал дагъистаниял. Нальчик шагьаралдаса вачIун, бугеб ахIвал-хIал бихьарав гIолилас живго рекIун вукIараб мотоцикл кьуна «гьабги бичун, гIадамазе кумек гьабеянги» абун. Нижневартовск шагьаралдаса нилъер ракьцояз бакIарун, Дагъистаналъул фондалде кьуна 500 азарго гъурущ гIарац. Анкьго сон барав Ф. Алхасовасцин, дагьа-макъаб бугониги, жиндир букIараб гIарац фондалде кьураб мехалда, кинха абилеб нилъер гIадамазул гIаданлъи хун бугин абун.

Дида ккола нилъее гьабулеб кумек бугин жиндир заманалда дагъистаниязги батIи-батIиял субъектазе, гьезул гIадамазе къоккараб заманалда гьабураб кумекалде данде гьабулеб жавабилан. Гьединлъидал гIаданлъи киданиги хвезе тезе бегьуларо. Тавпикъ кьеги нилъее кумек гьабуразеги гьезие квербакъи гьабурал нилъееги.

З. Ильясов