ГьитIинаб росдал гIадамазул гIатIидал ракIал

Марталъул ахирисел ва апрелалъул тIоцересел къояз рарал гучал цIадаз гIемерал росабазе зарал ккана. ГIумруялъ данде гьабураб магIишат хвана, минабазул къадал риххана. ГIатIиракьалда ругезе гуребги, къварилъи ккана магIарухъ ругел росабазеги. Масала, Унсоколо районалъул ГьаракIуниб росдае. Амма республикаялда бугеб ахIвал-хIалги бихьун, гьерекI руцIцIун чIана, чанго къоялъ токги лъимги букIинчIониги, гьезул рахъалдасан гIарзал рукIинчIо. Гьеб кинабгоги хIисабалде босун, «ХIакъикъаталъул» хIалтIухъабаз сапар бухьана рехсараб росулъе, гьениб бугеб хIалги бихьизе, гIадамаз бицунелъухъги гIенеккизе.  

Росулъе буго кIиго нух: заводалдасан росутIараде унеб басрияб. Нижин абуни ана басрияб нухдасан. Гьенисан унаан цебе заманалда гIадамал гIатIиракьалде. Гьанже гьенисан ине хIинкъараб хIал буго, чIунтун буго нух ва бокьараб мехалъ гьарчал рачIинеги рес буго.

Нижеда данде вачIана росдал бегавуласул заместитель Шамил ГIалиев. Гьес рихьизаруна чвахунцIадаз зарал гьабурал рукъзал, бицана росулъ бугеб хIалалъул ва гьабулеб бугеб хIалтIул хIакъалъулъ.

— Марталъул ахирисел ва апрелалъул тIо­цересел къояз рарал чвахунцIадаз цIакъ кIудияб зарал гьабуна росдал жамагIаталъе ва гьезул буголъиялъе. Бищун цIикIкIун къварилъи ккана кIиго минаялъе. Цояб рокъоса анлъго хIайван ана иххица. Аллагьасе рецц, гIадан-чиясе къварилъи ккечIо. ГIиси-бикъинаб бугониги зарал ккана 40-50-гIан чиясе. Анкьалъниги букIинчIо росулъ я лъим, я ток. ГIемераб хIалтIи гьабуна гIолохъабаз ток бачиналъе. ГьабсагIаталда гьеб бачун буго Рихьуниса. Гьединго, цогидал авалаздаса баччун чIезабуна лъимги. Райадминистрациялъул рахъалдасан бачIана КамАЗ цIураб лъим. КIудияб кумек щвана «Инсан» фондалдаса. ХIалтIухъабигун цадахъ, чедги лъимги босун вачIана Унсоколо районалда бугеб ТЦЗНалъул нухмалъулев Рашид МухIамадгIалиев. Кумек гьабулеб буго цогидал росабазул гIадамазги, — ян бицана Ш. ГIалиевас.

 

Риххарал минаби къачIан тIуралеб хIал бугищ яги гIадамал цогидал бакIазде рахъинейищ ккезе ругелилан гьикъидал, Шамилица абуна минаби цIигьаризе бажарунгутIи букIинарила, амма кумек хIажалъилин абун.

— Къварилъаби ккун руго, амма, талихIалъ, гIадан-чиясе зарал ккечIо. Кумек гьабизе бокьарал гIадамалги гIезегIан руго ва бакIарулеб буго жамагIатазул рахъалдасан гIарцулаб кумекги, — ян бицана рузманалде ине гIедегIарав росдал имам МухIамад ГIумаровас.

ГьаракIуни росдал къватIахъан хьвадулелъул, бихьулеб букIана ккараб зарал гьитIинаб гьечIеблъи. Гъоркьгоги къваридал, хьвадизе санагIат гьечIел нухал хвезарун руго. Цо минаялъул биххараб къедалъ чанго чиясул азбар-къоноялъе гьабун буго зарал. КIиго-лъабгониги минабазул къадалъан рукъзабахъе баккулеб буго лъим ва гIекколел руго тIохал. ГанчIал тIаде рортун, шифер гъурарал минабиги камун гьечIо.

ТIадруссунелъул ниж лъалхъана Шамилхъалаялда ва щвана райадминистрациялде. ГьаракIуни росулъ бугеб ахIвал-хIалалъул бицунаго, районалъул бетIерасул заместитель МухIамад ХIамзатовас абуна:

— ЧвахунцIадал раялдалъун зарал ккана гьеб росулъа ичIгониги чиясе, жеги хал-шал гьабулебги буго. Росулъе бугеб цояб нухдасан лъел цIураб машина битIана, ток гьечIого пекарня хIалтIулеб букIинчIелъул, чедги битIана. Бульдозерги цогидаб техникаги ва кумекалъе бихьиналги ун рукIана ГьаракIунире. ПалхIасил, токги лъимги чIезабуна росдае.

Зарал ккараб щибаб бакIалъул гьабулеб буго акт ва гьелъул хIасилалда щивасе гьабизе буго гIарцулаб кумекги. Районалъул имамасда цадахъ лъугьун, чвахунцIадаз зарал гьабурал цогидал росабазеги, кумек гьабиялъул мурадалда гIарац бакIарулеб буго. Баркала буго районалъул тIолабго жамагIаталъе. Гьедин бакIарараб гIарцул рахъалдасан гьерекIдериеги гьабизе буго кумек, нижеца тIадеги жубан. Нухалги къачIала, токгун лъимги чIезабила.

Диеги бокьун буго гьерекIдерил росдал жамагIаталъе баркала кьезе. Кутакалда сабру бугел гIадамал ратана. Чанго къоялъ ток гьечIого ругониги, Дагъистаналда бугеб ахIвал-хIалги бичIчIун, гьезул цонигияс гIарз гьабичIо. Баркала буго тIолабго районалъул жамагIаталъеги гьабураб кумекалъухъ.

— Республикаялъул гIемерал бакIазе зарал ккун бугелъул, района­лъул рахъалдасан щиб кумек-квербакъи гьабураб ва гьабулеб бугеб?

— Унсоколо районалдаса гIезегIан волонтерал ана кумекалъе. КIвараб кумек гьабуна Хасавюрт районалъе. ЖамагIаталъ бакIарана 1400 000 гъурущ ва гьединго хIажатаб къайи-цIа.

Ниж тахшагьаралде щун рукIинчIо, росдал бегавуласул заместитель Шамил ГIалиевас ругьел бачIана «Инсан» фондалъул Унсоколо районалда бугеб филиалалъ лъабнусазарго гъурущ бачIанин абун.

«ХIакъикъаталъул» социалиял гьиназдасан тIибитIизабураб видео сабаблъунги, гьерекIдерида гурхIарал гIадамаз битIун бачIун буго 120 азаргоялдасаги цIикIкIун гъурущ.

ГьаракIуни росдал жамагIаталъ ракI-ракIалъулаб баркала кьолеб буго жидеда аскIоб гIаданлъи гьабунщинасе.

Аллагьас балагьаздаса цIунаги киналго.

                                                                    Надира ГIамирханова