ЧIарада районалъул бетIер ХIусен ГIарабиевги гьесул заместитель Салман ХIажиевги гIахьаллъана республикаялъул хIукуматалъ тIобитIараб оперативияб штабалъул видео-дандеруссиналда. Гьеб нухда бачана ДРялъул вице-премьер Рамазан Жапаровас. Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Гражданияб оборонаялъул, тIасан борчIараб ахIвал-хIалалъул ва тIабигIиял балагьазул хIасилал тIагIинариялъул рахъалъ министр Нариман КазиахIмадов, РФялъул МЧСалъул Дагъистаналда бугеб БетIераб управлениялъул нухмалъулев Муслим Девришбеков ва балагьалъукье ккарал районазул бутIрул.
ХIалуцараб ахIвал-хIал буго ЧIарада районалъул ЦIуриб-Арчиб шагьранухдаги цо-цо росабалъгиян бицана ХI. ГIарабиевас. Гъунисан ЦIурибе унеб нухда руго ракь ччукIарал ва чIахIиял ганчIал нухде гирун рачIарал бакIал. Гьелдалъун хIинкъи буго машинаби хьвадиялъе. Гьединлъидал нухлул цо рахъалдасан гурони машина ун бажаруларо гьенисан.
Жеги цIикIкIараб хIинкъи буго ЦIуриса Магъар росулъе ва гьенисанги Шалибегун Арчибе бугеб шагьраялда. Бортизе къачIараб хIалалда буго Магъар росдада гIагарлъухъ бугеб кьоги. Лъеца чурун ун буго Гъимилъ абураб бакIалда бугеб кьодул сакIазда гъоркьа ракьги.
Гьелде тIадеги, тIабигIияб балагьалъул хIасилалда хIубалги регун ун, 11 къоялъ токалдаса махIрумлъана 7-8 росдал гIадамал. БукIинчIо гьел росабалъе машинадул нухги. ГьабсагIаталда бахъун чIезабуна токалъул 22 хIуби. Гьезул 4-5-яб тIатIала руссун бахъинабизе ккана, гьава-бакъалъул тIадецуялъ регизарунги ратун. Эхетизабизе ккола жеги 15 токалъул хIуби. Машинадул нух гьечIолъиялъ гьеб масъала тIубазабиялъе квалквал гьабулеб буго.
Районалъул нухмалъиялъ абухъе, «ЧIарада» РСУялъул гьечIо гьединаб хIалалда хIалтIизабизе санагIатаб техника: буго цо трактор.
Республикаялъул оперативияб штабалъул данделъиялдаса хадуб ХI. ГIарабиев цоги нухалда щвана къварилъи ккарал росабалъе. Гьесда цадахъ рукIана заместитель С. ХIажиевги, районалъул депутатазул собраниялъул председатель КIудамухIамад МахIачевги, нухал къачIазе ругел подрядчиказул вакилзабиги.
Арчиб-Шалиб нухрикьуда (гьенисан чвахулел руго иххал) гьел дандчIвана бакIалъул жамагIатазул вакилзабигун. Гьез бицана тIоцебесеб иргаялда гьабизе хIажатаб кумекалъул хIакъалъулъ.
Хадуб халгьабуна Магъар росдал къватIазухъ, ракь ччукIарал бакIазухъ. Щвана токалъул хIубал лъолел бакIаздеги.
Хадусеб къоялда ХI. ГIарабиев дандчIвана Шалиб росдал бегавул Айвазхан ХIасановгун ва гьеб росдал депутатгун. Бицана заманалда росулъе хьвадизе санагIат гьабиялъулги, дарабигун кванил нигIматал ва хIажатаб къайи щвезабиялъулги хIакъалъулъ. ХIукму гьабуна, райадминистрациялъул ресаздаса ва Шалиб росулъ бугеб техникаялдаса пайдаги босун, Арчибехун унеб нух бацIцIад гьабизе ва гьедингIаги токалъул масъала тIубазабизе.
Кавсарат Сулейманова

