Рагъида диваналда егун йигей Хамизил берал кавудахъ лъун рукIана, гьебги рагьун, жаниве цониги чиго вачIинародайилан.
— Вай, хирияв Аллагь, сундухъха дуца дие гьаб тамихI гьабулеб бугеб? ГIолохъанго росги хун хутIарай дица гIезаюна яс. Гьей дие йикIана гIумрулъунги рухIлъунги. Амма жакъа гьелъулгицин заман гIолеб гьечIо унтарай, херлъарай дихъе ячIине. Чан нухалъ гьараниги, жиндего аскIоеги ячинчIо. КигIан абуниги, ясги йитIичIо дида хадуб хъулухъ гьабизе. РагIунго букIана баркала гьечIел бахьикъосал рукIунин лъималилан. Божулароан. Бицун божичIев бихьун божагийилан абухъе, дидаго бадиб цун бихьизабуна ТIадегIанас, — илан къваридал пикрабазда йикIана Хамиз. Цо заманалдасан каву рагьулеб гьаркьихъе гьей бусадаса кIанцIун тIаде яхъана, ва гьелда йихьана, гIунтIун гIансагун, кIвезего кIоларого, болъабазул хIокIазда кверги чIван, кIичIван къулун ячIуней Майсарат.
— Вай, дир хирад! Гьеб хIалалда кIоларого ячIинейищ ккелей йикIарай. ЯчIунги лъикI мун — ракIщун букIана, дунго цохIо чIалгIунги йикIана,- ян данде яхъине хIалбихьана Хамизица. Амма кIвечIо. Гьелъ дагьабги ракIбакъвана Хамизил. Майсаратида хадуйго гIунтIун, екерун ячIана гьелъул яс Машидатил яс ГIайнаъ.
— ДахIабаба, дун ячIинегIанги чIечIого, щай арай, — иланги абун, гьелда баана ясалъ. Гьезухъги ялагьун, рухIдаллъизе бачIана Хамизида, ва пикрабаз гьей ячана доба кибалиго рикIкIада хутIараб гIолохъанлъуде…
Хамизги Майсаратги рукIана цоцаздаса тIезаризе кIоларел гьудулзаби. ГIамалалъ релълъарал гьечIониги, гьезул кидаго дандекколаан. Майсарат йикIана мутIигIай, хIеренай, сабру бугей. Хамизида аскIобейин абуни, сабру киданиги къанго батиларо. Жиндиего бокьараб гурони, гьабизеги гьабулароан гьелъ. ХъачIлъиялда хадуйги киениги ине кколароан. Майсаратица гIемер малъа-хъваялги гьарулаан гьудулалъе. Амма Хамизица гIинтIамулароан гьелъул рагIухъ. Росасул гIагарлъиялъулгунги рагIи дандеккечIо Хамизил тIоцересел къояздаса нахъего. «БахIаралъул хинкIал» квине рачIаразеги, жиндир ясалъе росасе аралдаса я макьу, я рахIат гьечIиланги абун, питна гьабулаан Хамизил эбел РахIматица. ГьитIинабниги дагIба- къец Хамизидаги ХIамидидаги гьоркьоб кканиги, гьение гьоркьоеги жуялаан РахIмат. Эбел аскIое ячинейилан лъугьарав ХIамидги гьелъ цо кIалъан чIезавуна, жинца яс дур эбелалъе гурей, дуе кьун йигиланги абун. ГIагарлъи дандечIун букIаниги, жиндиего йокьун ячарай Хамизил рагIудаса кьуризе бегьуларин ккана ХIамидидаги. Язихъго, мискинго жийго цохIо рокъой йигей эбелалъухъе ваккизецин къанагIат гурони унароан ХIамид. Хамизицаги яс Анисатие тIубанго гьукъана кIодоэбелалъухъе ине. Анисатида цебе гIемер хIакъирал рагIабиги абулаан Хамизица якьадалда.
Хераб хъаз, куцквеш, марга, беццаб руз — гьел рукIана херай ХIапизатида нусалдасан рагIулел бищунго «хIеренал» рагIаби.
Майсаратил яс Машидатин абуни, дада-бабае хъулухъги гьабун, гьелда аскIойго чIана. Ясалда божунги толароан Майсаратица якьад. Къойил лъабабго ригьалъ хинаб квенги щвезабулаан гьелъ Загьратие, анкьида жаниб кIиго-лъабго нухалда чвердезеги гьаюлаан гьелъ якьад. ГIодобе тIуни карщ чIикIилеб хIалалда, бацIцIадго чIезабун рукъги букIунаан гьелъул. КигIан Майсаратица гьараниги, аскIое ячинеги кIвечIо Загьрат. Цинги гьелъие хъулухъалъе Майсаратица яс йитIана. Унтарай жиндирго эбелги аскIое ячана Майсаратица. Майсаратил эбел РахIимахъе гIемер щолаан Хамизил талихIкъосарай эбел РахIмат. Якьадалъего гIадай «хIеренай» эбелалъеги йикIана Хамиз. Гьелъиего гIадал «хIеренал» рагIаби эбелалъеги сайгъат гьарулаан Хамизица. БатичIо хинлъи херай РахIматида цохIо йигей ясалъул гъасда. Гьеб хинлъиялда хадуй гIемер щолаан гьей Майсаратил дое. РекIелгъеялъе РахIимаги ятулаан гьелда гьений. Ясалъ гьабичIеб хъулухъги гьабулаан Майсаратица гьудулалъул эбелалъе. Чанги нухалда сардал ранги жидедаго аскIой чIезаюлаан Майсаратицаги РахIимацаги РахIмат. Анисатицаги цIехолароан дахIабаба. Машидатида цадахъ Майсаратилъуе ячIарай гьелда цо- цо дахIабабаги ятулаан гьений. Чияр дахIабабада гIадин кIалъалаан Анисат РахIматида. Майсаратил яс Машидатицацин, къвалги бан, хIеренго баулаан Хамизида, цинги — Майсаратида ва РахIимада. Гьел лахIзатаз магIил цIолаан РахIматил берал. Анисат йихьизе гIоло гIемер хьвадизе лъугьана РахIмат Майсаратил дое. Цо-цо Хамизги яккулаан гьудулалъухъе. Эбелалдехун бугеб бербалагьиялъухъ бадирчIваялги гьарулаан Майсаратица Хамизие.
— Дуе гIоло гIумруги рухIги кьурай эбелалдехун кисан бижараб гьеб рокьукълъи? — ян семулей Майсаратил суалалъе Хамизица абулаан эбелалъе сабру гьабизе манзилхалалъи гIоларин жиндирилан. Жинцаги яс гIезайизеги, цIализайизеги, росасе кьезеги кколин кьварун лъазабуна Хамизица. Мунги эбелалъул цохIо йикIанин, гьелъ мунги гIезаюнин абураб Майсаратил жавабалде дандеги жаваб батулаан гьелда:
— Доб букIана батIияб заман, цо гурде букIаниги гIолеб. Гьаб заманалда дир яс йикIине ккола бищунго къачIарайги бечедайги,-ян хичун кIалъалаан Хамиз Майсаратида.
ГIумру цо бакIалда чIун букIунарелъул, гIуна кIудиял Майсаратилги Хамизилги ясал Машидатги Анисатги жидее улбуз кьурал гIумруялъул дарсалгун цадахъ. Къисматалъ Машидат шагьаралде ячана. Майсаратие бокьун букIинчIо, росуги рукъги тун, ясалде аскIое яхъине.Машидатица жиндирго яс ГIайнаъ йитIана магIарухъе, дахIабабаде аскIое. ЧIухIарайги, бечедайги, берцинайги Анисатги ккана дагьабги кIудияб шагьаралде. Гьаюна гьелъиеги яс. Хамиз урхъун йикIана ясалъухъги гьелъул гьитIичихъги. Амма гьеб урхъи цIакъго халатбахъана — ахIичIо Анисатица эбел жиндихъего. Цо-цо ругьелал щолаан гьелъухъе ясалъухъан цин доя, цин гьаний — батIиял пачалихъазда тира-сверулей йигилан. ГIадамазукьа нечарай Хамиз яс йигеб шагьаралда гIумру гьабун йигей гIагарай гIаданалъухъе унаан цо-цо, кIи-кIи моцIалъ, Анисатихъе щвезе ине йигиланги абун. Ана абадияб рокъоре РахIматги РахIимаги. Бесдалго хутIараб РахIматил хабадеги щолаан Майсарат. Машидатги ячIунаан санайил КIалбиччанкъоялъ кIияйго дахIабабал хабаде щвезе. Ясалъ кинго къабул гьайичIей Хамиз ахир- къадги росулъе тIадюссана…
Гьале жакъаги щвана Майсарат Хамизихъе. Майсаратие бокьун букIана гьудулалда гIолохъанлъи ракIалде щвезабизе. Амма жинцаго ясалъе кьурал гIумруялъул дарсазул къурбанлъун ккарай Хамизил бадиса гирун рачIунел магIил гараз Майсаратида щурулеб букIана Хамизида гьеб кIочараб къого гьечIилан. Гьедин харбида кIияйго гьудул йикIаго, жание лъугьун ячIана шагьаралдаса ячIарай Машидат. Гьелда цадахъ моцIидасан шагьаралде гочинехъин руго Майсаратги Хамизги. ГIайнаил школа лъугIана, гьейги институталде заочно цIализе лъугьинехъин йиго — гьелъ хъулухъ гьабизе кколей кIиго дахIабаба йигелъулха.
ХадурагIи
Жакъа, лъималги чIаго рукIаго, херазул рукъзабахъ ругел эбел- инсул рагIарабго, дида ракIалде щола гьаб къваридаб къиса. Цощинаб гьелги кколадай гIанчIаб гIолохъанлъуда лъималазе жидецаго кьурал гIумруялъул дарсазул къурбаналлъун?!
Шамай Хъазанбиева

