Ахирал соназда цIикIкIунеб буго наркотикал хIалтIизарулезул къадар, гIолохъанлъулеб буго наркоманазул ригьги. Гъизилюрталда букIараб руччабазул колониялда жанир тIамуразул гIемерисел рукIана наркотиказда хурхараб статьяялда (228-абилеб) рекъон гьенире ккарал. Гьединазул цояй, ГIайшатилгун (цIар хисизабун буго) ункъо соналъ цебе колониялда нижер ккараб гара-чIвари буго жакъа гьаниб бахъулеб. Гьей йиго 32 сон барай гIадан, колониялда базе ккола анлъго сон, гара-чIвари гьабулеб заманалда бан букIана лъабго сон.
— Сунца мун тIамурай такъсир гьабизе, кин ккараб наркотиказулгун бухьен?
— Дица хIалтIизарулаан наркотикал, амма киданиги ккун букIинчIо такъсир гьабилин абун. ГIемераб заман хIажалъичIо тIуянго мекъи кколей йикIин бихьизе. Наркотикал хIалтIизаризе байбихьидал, кин гIунги гIолаан гьел росизе гIарац. Дагь-дагьккун гьезулгун «гьудуллъи» цIикIкIанагIан цIикIкIана гьезда тIад унел харжалги. ТIоцебе гIарцул рахъалдасан къварилъи букIинчIо, амма хадубккун хIажалъи кколеб букIана. Цинги, заманалдасан дица байбихьана гьезул цо бутIа бичизе. КигIан хираго рукIаниги, гьел росизе рокьаралги рукIунаан. Гьезда гьоркьов вукIана дида лъикI лъалев, божилъи бугев гIолохъанчи. Иргадулаб нухалъ гьес гьарана наркотик, дица гьеб балагьана ва кьуна гьесухъе, нухда ниж чIезаруна хасаб хъулухъалъул хIалтIухъабаз… ва дида бичIчIана дов «гьалмагъас» дун «йичун» йикIин. Ячана райотделалде, хадуб букIана суд ва гьале ккана гьание.
— Кида бичIчIараб такъсир гьабураблъи?
— Гьеб бичIчIизе байбихьула мун хIалтIухъабаз ккведал. Дица, чIужугIаданалъ, хIалтIизарулаан наркотикал, цохIо гьеб хIужаялъ бихьизабула ва бицуна гIемераб жоялъул. Дица гьел хIалтIизаруна ва гьелдалъун диеги, дир хъизамалъеги, гIага-божаразеги гьабуна кIудияб зарал. Гьебго заманалда дица гьел ричулаан цогидазеги, гьелдалъун тIаде босана кIудияб мунагь – лъие бугониги ккана материалияб зарал, хвана сахлъи, биххана хъизам ва гIемераб цогидаб. Гьеб буго дир гIайибалъул ва гъалатIазул хIасил. ГьабсагIаталда дие кинабгIаги хIажалъи гьечIо цIодорал, берцинал рагIабаздалъун дидаго тIаса «гьирги» босун, гIайибияллъун цогидал гьаризе. Хисизабизе кIолеб жо гьечIониги, халатккун гьаний йигеб заманалда гьел суалазда тIад ургъула цIакъ гIемер ва Аллагьасда гьарула тIаса лъугьаян.
— РекIекълъанищ дуцаго гьабуралдаса?
— Наркотиказулгун бухьен гьаби буго гъалатI, амма гьеб дир къисмат гуро. Гьеб гьедин букIин бихьизабизе дида эркенлъун хадуб гурони кIоларо. Эркенаб заман кигIан бокьаниги бугелъул, дица гIемер пикру гьабула дирго ахIмакълъиялъул. Дида гIемер лъикI лъалаан наркотиказда аскIое къазе бегьулареблъи, амма ккана гIилла — хIалтIуда раккана масъалаби, росасулгунги гуро кинабго роцIцIун букIараб. Дир рукIана гьел хIалтIизарулел гьудулзаби, дида гьелги гьезул пишаги кинго бичIчIулароан, амма… Цо нухалъ хIалбихьана — бокьана, кIиабилеб нухалъги гьабуна гьебго, хадуб лъабабилеб, ана гьедин — кинабго бигьалъана, дун «эркенлъана», масъалаби къана нахъе, кIочон тана. Амма кватIун бичIчIана къориние ккараблъи. Къо байбихьулаан наркотиказдасан, къо лъугIулаан гьездасанго, таманаб заман ана гьедин. Гьелъ ячана гьаниеги.
— Гьанже гьеб кинабго цоги нухалда такрарлъиларин абураб ракIчIей бугищ?
— РакIчун абизе кIола тIокIаб киданиги доб магIишаталде юссинарин абун. Гьание ккун йикIинчIейани, жакъаги йикIине бегьулаан наркотикалги хIалтIизарун. Гьединлъидал, гьание ккей дида кинабго бичIчIизе, дун кантIизе ккараб сабабги батила.
Эркенлъиялда йигеб мехалдаги камулароан тейин гьеб иш, гьелъ мун лъикIалде ячунарин абулел чагIи. Амма доб мехалъ дида гьел рагIулароан, ричIчIулароан.
Дир йиго эбел (56 сон), дир йиго яс (12 сон), дун йиго туснахъалда, жаниса йихъ-йихъулей йигониги, щибго гьабизе кIоларого.
— Дуца гьабураб гьез гьабичIого, дуда бихьараб гьезда бихьичIого букIинелъун щиб дуца абилеб дурго гIага-божаразда?
— РикIкIаде гьаре наркотикал, къаге гьезда аскIоре, гьезулгун бухьен ккун хадуб буго кIиго нух — туснахъалде ялъуни хабалъе. Лъабабилеб нух цIакъго къанагIатазда гурони батизе кIоларо. Ккоге гьудуллъи гьел хIалтIизарулезулгун. ГIинтIаме эбел-инсухъ, гIенекке гьез бицунелъухъ, гьабе гьез малъараб. Дир эбелалдаги бичIчIулеб букIана дир хьвада-чIвадиялъулъ лъикIал гьечIел гIаламатал рукIин, гьелда бихьулаан дун хисун йикIин, амма гьелда лъалароан щиб дие лъугьарабали. Гьелъ гIемер абулаан хьвадейин берцинго, гьей йикIунаан гьабизе жо лъаларого, рахIатхун. Дида бихьулаан гьеб кинабго, амма дагьабги лъикI бихьулаан наркотик. Доб мехалда эбелалъухъ гIенеккун йикIарайани, жакъа гьаб харбида нилъ рукIинароан…
ГIабаш ГIабашилов
