Дагьал церегIан къоязда редакциялде жиндирго сатириял маргьабигун, хъвай-хъвагIаялгун вачIана гьанжего гьанже 73 сон тIубарав «гIолохъанав» хъвадарухъан-сатирик ХIажиев ХIажияв. Гьев ккола ГIахьвахъ районалъул ГIанчихъ росулъа.
Цо-цо номеразда кьезе руго ХIажиясул маргьабигун асарал.
Лъарал рагIалда, гьитIинаб гохIда язихъаб гIумруялда рукIанила яшав гьабулел цо цIунцIраги гьесул чIужуги. Гьезие цIакъ рокьун рукIанила жидерго лъимал рукIине, амма, цIакъго мискинаб гIумру букIиналъ, рес рекъолеб букIинчIила лъимал хьихьизе. Жидеего кIиязегоцин гIолеб букIинчIила квине жо. Кутакаб ракъиялда рукIанила рос-лъади. Рес къотIун, ракъун хвеялдаса хIинкъун кIиялго унаанила мадугьалзабазухъе гьардезе. Амма гьел цIунцIраби рукIанила Аллагьасда божилъи бугел. Гьез гьарулеб букIанила Аллагьасда гурхIел ва цодагьабниги бечелъи кьеян. Гьезул гьари Аллагьас къабул гьабураб гIадин, цо пуланаб риидалил къоялъ, багIариялъухъ балагьичIого, цIакъго ресги къотIун, бахъанила гIорккун къватIибе бихьинаб цIунцIра, цо щибниги кваназе щвелародаян абун. Квине жо цIехолаго, сваканила цIунцIра ва, щибниги батуларого, цодагьалъ хIухьбахъизе лъикIин, гIодоб чIанила. ЦIунцIраялда хIатIазда гъоркь бихьанила цо цIвакараб жо. Хал-шал гьабидал, бугила маххул гIарац. ЦIунцIра цIакъ боханила, лъугьанила кьурдизе, дун бечелъана, дун бечелъанаян абун. Аллагьасда рагIанин жиндир гьарийин абун, ракIбохиялъ ахIдолеб бугила цIунцIра. Банила гьез гIодоб батараб гIарцухъ цIияб мина. Босанила рокъоб лъезе цIияб къайи-къоно, цIезабунила цагъур квана-гьекъолеб сурсаталъул. ГIарцуца гIамал хисизабулин абухъего, рехун танила цIунцIрабаз как бай. Сундуейин как балеб Аллагьас жиндие къваригIарабщинаб жо кьун бугин абун. Бихьинаб цIунцIраги тIокIаб жиб мажгиталде инарин чIанила. Щайин жиб гьал мискин-пакъиралгун аскIоб чIезе кколебин абун лъугьанила. Бечелъиялъ тIубан гIамал хисанила рос-лъадиялъул. Лъугьанила гьел ракIчIухIараллъун, гIамал батIияллъун. Цереккун жал гьардезе унел рукIарал цIунцIрабигун хвезе гьабунила гьудуллъи. Мадугьалихъ ругел жидехъе гьардезе рачIарал лъимал ганчIица нахъе къотIулел рукIанила, тIокIалъ жидер къавудухъе рачIунгеян. ТIубанго гьоркьоблъи хвезабунила жидерго гIагарлъигун ва мадугьалзабигун. Жалго гIадал цIунцIрабигун гьудуллъи гьабизе чIухIун, хIутI-хъумургун гьалмагълъи ккунила.
БичIчIанила Аллагьасда гьел цIунцIрабазул жинда гьабураб божилъи гьересияб букIараблъи.
Цо пуланаб къоялъ, кидаго гIадин, гарцIица кьолеб букIараб концерталдаса рокъоре рачIунел ругила рос-лъади. Жидерго рукъ букIараб бакI лъахъван гIоралъ ун батанила гьезда. Ва хутIанила цIунцIраби, церего гIадин, щибниги жо гьечIого, язихъго. Рес къотIун, гьанжеги, церего гIадин, гьардезе ине байбихьанила гьез. ГьабсагIатги хьвадулел ругила гьел гьардезе, амма, гьезул гIамалги бичIчIун, лъицаниги щибниги кьоларила гьезие.
Дир маргьаялъул магIна:
Имам Шамилил рагIаби — ТIадегIан вахиндал, гIодове виччай. Къуватавлъун лъугьараб мехалъ, гурхIел бугевлъун вукIа.
