Рагъалъ цолъизабуна Иран

Питнаялъул байбихьи

Америкаялъулги ГIизраи­ла­лъул­ги Ираналде данде гьабулеб рагъ байбихьана 28 февралалда, гьеб пачалихъалъул бетIер ГIали Хаменеи, политикиялгун рагъулал хIаракатчагIи, Минаб шагьаралъул школалда цIа­лулел рукIарал гIисинал ясал чIваял­далъун.

Россиялъ кигIан улкаялъе хIинкъи, хIалихьатал ишал гьез гьарулел рукIаниги, Украинаялъул нухма­лъулев ва рагъулаб генералитет тIа­гIинабизе бегьуларин нилъеде ахIи балел рукIарал Америкаялъ ва ГIизраилалъ Ираналъул бетIер ГIали Хаменеи ва тIадегIанаб рагъул корпусалъул апицерал чIвай ккола гьез бокьараб улкаялде тIаде кIанцIизе жидер къуват букIин бихьизаби. Доз бокьараб гьабизе бегьулеб буго, нилъеца нилъго цIунизе бегьулеб гьечIо.

Гьеб тунка-гIуси ккеялъе рукIана жиндирго гIиллабиги. 1979 соналда Ираналда ккараб хIуригаталъул хIасилалда Америкаялъулги гьеб улкаялъулги гьоркьорлъаби хвана. Гьелъие аслияб гIиллалъун бихьизабулеб букIана Ираналъ ядернияб бомба гьабизе хIаракат бахъулеб бугеб гIадин.

2025 соналъул июналда Ираналда ва ГIизраилалда гьоркьоб ккараб рагъулъги СШАялъ ккуна ГIизраилалъул рахъ. Гьаб нухалда Ираналде риччарал Америкаялъул ва ГIизраилалъул ракетабаз гьенир гIумруялдаса ватIа гьавуна 787 чи. Гьебго заманалда, цо-цо баяназда рекъон, ГIарабазул Цолъарал Эмиратазда ва цогидал улкабазда ругел СШАялъул рагъулал базабазда Ираналъул ракетабазул кьаби щвеялдалъун Америкаялъул чIван вуго 300-гIанасев чи.

Америкаялъулги ГIизраила­лъул­ги тIадецуялде данде Ираналъ гьабулеб буго чIванкъотIараб жаваб. Рагъулал экспертазул пикруялда рекъон, Америкаялъул нухмалъулезда ккун букIинчIо Ираналъ гьединаб бахIарчияб дандечIей гьабилилан. Ва гьанже Америкаялъегун ГIизраилалъе къваригIун буго гьеб питнаялде гъорлъе кIванагIан улкабиги цIазе. Гьеб мурадалда батизе бегьулин рикIкIунеб буго Азербайжаналъул Нахичеван шагьаралъул аэропорталда цояб ва школалдаса гIемер рикIкIад гьечIого бортараб цогидаб беспилотникалги. Гьеб Ираналъул хIалтIи бугин чIезабизе бокьун буго ГIизраилалъеги Америкаялъеги.

Щай Ираналъе мадугьалихъ лъи­кIаб гьоркьоблъиялда бугеб Азер­байжаналда кьаби щвезабизеян абураб суалги бачIунеб буго. Ира­налъул нухмалъулезги абулеб буго гьеб жидер иш гурилан. Ба­тизе бегьула гьеб ГIизраилалъ гьа­булеб рекIкI. Амма, кин бу­го­ни­ги, Азербайжаналъ армия бокьа­раб за­ма­налда тушманасе жаваб кьезе бажарулеб даражаялда хIа­ду­рун чIезабун буго. Гьединал на­хъе­гIанал жал хIалел Америкаги ГIиз­раилги бугони, бусурбабазул ул­каби цолъун, гьезде дандечIей лъазабизеги бегьула. Заманалъ гьеб дагь-дагьккун бихьизабулебги бу­го.

Гьебго заманалда Америкаялъул штатаздаги гIадамаз разилъи гьечIолъи загьир гьабулеб буго, Халкъазда гьоркьосел къотIи-къаял­ги сан гьаричIого, ООНалъул Устав­ги хъачIго хвезабун, жибго жин­даго чIараб пачалихъалъул бетIер, гьесул хъизан-лъимал ва сверухълъи кьвагьизарунин абун.

Цолъарал Штатазулгун гъунки гьечIеб цолъи

Америка ва ГIизраил Ираналде тIаде кIанцIиялъул мурад бугин рикIкIунеб буго цо-цо экспертаз, нарталдагун газалда кверщел гьабиялдаго цадахъ, цIатариялъул багьабиги цIикIкIинарун, Китаялъул ва Евросоюзалъул экономикаялда кьаби щвезаби. Хадуб, Россиялда кверщел гьабиги. Америкаялъ ва ГIизраилалъ Ираналда гIалагъважа гьабуна гIемерисел пачалихъаз жидер рахъкквезе букIиналда ракIги чIун. Амма иш гьезие бокьухъе ккечIо. ТIоцебе Франциялъул президент Макроница инкар гьабуна, Халкъазда гьоркьосел къотIи-къаял хвезарураб жо гьеб кколинги абун. Гьес амру гьабуна самолетал раччун хьвадулеб «Шарль де Голь» гама кьвагьа-гIанхъи бугеб бакIалдаса нахъе, Средиземное ралъдадехун бачеян. Британиялъул Кипралда бугеб рагъул базаялде Ираналъ гьужум гьабидал, Стармер гIедегIана Америкаялъ гьеб бакIалдаса Ираналде кьвагьулеб гьечIин ахIи базе. Испаниялъ Пентагоналъе гьукъана жидерго рагъулал базаби Ираналде гьабулеб тIадекIанцIиялъулъ хIалтIизаризе. Гьеб киналъго Трампил ццин бахъинабуна ва Испаниялъулгун даран-базар къотIизабеян буюрухъ кьуна. Рехсарал пачалихъаз гьединаб къагIидаялда хадубккунги политика билълъанхъизабулеб бугони, СШАялъул Украинаялъулго гIадаб къисмат Молдовалъги такрар гьабизе бугеб гъира гIумруялде бахъинчIого хутIизеги бегьула.

Ираналъ ядернияб программа гIумруялде бахъинабулеб букIин рагъ байбихьиялъе гIиллалъун кка­ниги, киназего хIинкъи бугеб улка кинабин гьикъани, Иран гу­реб, ГIизраил бугин абула ра­гъулал экспертаз. Гьеб пачалихъалъул хIу­кумат хисичIони, дунялалда ракълилаб парахалъи букIине гьечIин лъазабулеб буго гьез. Гьединлъидал бачIунеб буго пикру Ираналъулгун лъикIаб гьудуллъи бугеб Россиялъ ГIизраилалъулгун дипломатиял гьор­кьорлъаби хвезаризе кколин абураб. Щайгурелъул, нилъер бечелъиялдаса гьарзаго пайдаги босулаго, исламалдеги гIурусаздеги данде бугеб пачалихъ кколелъул ГIизраил.

ТIаде кIанцIана, амма мурадалде щвечIо

Рагъ байбихьун ичIабилеб къоялъ Америкаялъул президент Трам­пица лъазабуна СШАялъул ра­гъулал къуватаз Ираналъул кинал­го самолетал кьвагьизарунин ва 44 рагъулаб гама гъанкъизабунин абун.

Амма СШАялъ ва ГIизраилалъ, Ираналъ гьарурал ураналъул нахърателал нахъе росизе хасаб спецназ битIизе бугин лъазабун букIаниги, гьелда хадур жеги щалго унел гьечIо. РакIалде ккола, гьелъие гIи­лла бугин Ираналъул жидерго пачалихъалъул мурадал цIунизе жеги гIураб яргъилаб ва бахIарзазул къуват букIин.

ТIаде кIанцIараз, щибаб къойил рагъуе цо-цо миллиард долларалъул харжги гьабулаго, Ираналъул хIукумат тIаса рехизе масъала цебелъун букIаниги, гьел мурадалде щвечIо. Щайгурелъул халкъалъ бетIерлъун вищана жидеего данде кколев чи. Гьелде тIадеги, гьеб ра­гъалъ нартил багьа бахинабулебги буго. Гьелъул хIасилалда Россиялда данде лъазарун рукIарал энергетикиял санкциял тIаса рехизе кколин абулел пачалихъазул, гьездаго гьоркьоб БакътIерхьул улкабазулги бутIрузул къадар цIикIкIунеб буго.

Ираналъул цIивищарав бетIер, ГIали Хаменеил вас, 56 сон барав Можтабаца ва яргъилал къуватазул нухмалъулез лъазабуна жидеца, рухIалда барахщичIого, ватIан цIунизе бугин абун. Россиялъул президент В. Путиницаги баркана Можтаб Хаменеида тIадегIанаб хъулухъалде тIами ва гьарана бергьенлъаби.

Рагъ байбихьилалде цебе Ираналъул тIолабго халкъалда ва политикиял хIаракатазда гьоркьоб бу­кIинчIеб цолъи, Америкагун ГIиз­раил тIаде кIанцIидал, лъикIго щу­лалъана ва тушманасде данде киналго рахъана.

Зикрула Ильясов