Жамиля Пахрудинова гьаюна МахӀачхъалаялда. Гьей йиго пагьмуяй шагӀир, хъвадарухъан ва таржамачӀужу.
Цин сайгъат гьабуна, цинги бичун босана
Шагьаралда гӀурай йигониги, Жамиляда кутакалда лъикӀ лъала магӀарул мацӀ. Жиндирго асаралги гьелъ хъвала магӀарул ва гӀурус мацӀазда. Школалда малъичӀеб, сверухъги рагӀулареб мацӀ кин дуда лъарабан гьикъидал, гьадин бицана гьелъ: «Нижер рокъоб батӀияб мацӀ бицунароан киданиги. Гьелде тӀадеги, эбел-эмен рукӀана магӀарул адабият хириял, доб заманалда басмаялде бахъараб щибаб магӀарул тӀехьги цӀалулел, газеталгун журналалги хъвалел гӀадамал. Почтальоналъ «БагӀараб байрахъ» бачӀинегӀан (доб заманалда гьеб бачӀунаан щибаб къоялъ) яхӀ гьабизе кӀоларого, гӀарацги кьун, гьитӀинай дун йитӀулаан инсуца киоскалдаса гьеб босизе», – ян.
Рокъобе бачӀараб щибаб магӀарул газета, журнал, босараб цӀияб тӀехь – кинабго рагӀизабун цӀалулеб букӀун буго Пахрудиновазул хъизамалда. Гьедин лъан буго Жамиляда магӀарул мацӀалда хъвадаризеги цӀализеги. «Нижер букӀана цо азбаралда хӀебтӀараб кӀиго мина. Гьобол камураб къо букӀунароан. Жидерго къваригӀелалъ магӀарухъа рачӀарал гӀадамал, инсулги эбелалъулги росуцоял анкьазги рукӀунаан нижехъ. Нижер каву киданиги рахалароан. Рукъалъул кӀул букӀунеб бакӀги киназдаго лъалаан. Ниж рокъор гьечӀониги, рачӀунел-унел рукӀунаан гьалбал. Гьезиеги цӀалулаан инсуца магӀарул тӀахьалги, газетаздаса ва журналаздаса макъалабиги. Цо нухалда ккана гьадинаб лъугьа-бахъинги.
Дица, тукада бичулебги батун, инсуе босана МухӀамад-СагӀид СагӀидовас хӀадурараб «Авар кицаби ва абиял» абураб тӀехь. ТӀаде вачӀаравщинав чиясе цӀалулаан инсуца гьеб. Гьев больницаялде ккана. Цадахъ босана гьес кицабазул тӀехьги. Гьенивги вукӀун вугоха цӀалулев. Больницаялдаса унев цо гьалмагъас инсуда абун буго: «ГӀумар, цо дир гьари тӀубаларищ?» – ан. Гьайгьай, тӀубалин жаваб кьун буго гьасги. Гьеб тӀехь жиндие сайгъат гьабиларищан гьалмагъас абидал, чарахун лъугьун вуго эмен. Мурад тӀубалинги абун, кьечӀого кин телеб? ТӀехьги кьун, кин вукӀинев? «Дидани ракӀалде ккун букӀана, магӀарухъе ине гӀарац гьарилебин гьес. Амма дихъа гьарана дие бищун къиматаб хазина!» – ян бицана хадубккун инсуца. Маянги абун, кьун буго тӀехь. Вохарав гьалмагъас къайи бакӀарулебгӀан заманалъ инсуда ракӀалде ккун буго досухъа тӀехь бичун босизе!
Кисиниве ваккидал, батун буго 30 гъурущ. «Ле, гьанже дуца тӀубазе ккола дир гьари! Ма дуего 30 гъурущги, биче дие гьеб тӀехь!» – ан абун буго инсуца. Гьелъухъ 30 гъурущ кьолеб батани, бичилаха дица дуе гьебанги абун, инсухъе тӀехь тӀадбуссинабун буго гьалмагъас. Гьелдаса вохун вукӀарав куцха дир эмен!» – ан бицана Ж. Пахрудиновалъ.
ГӀемер цӀалун, бакӀ-бакӀалдаса рилъ-рилъун ун, тӀеренлъун тӀанчалгун букӀана кицабазул тӀехь. ГӀумарица гьеб къачӀалаан, хъалиян кьурулеб кагъатги седон. Гьеб хутӀана хъизамалъулго къиматаб хазиналъун ва жакъаги цӀунун буго Жамиляца. Цевего къадаралде щвана гьелъул эмен. ГӀемерал соназ хъулухъ гьабун хьихьана гьелъ бусада хутӀарай эбелги. Цо дагьал соназ цее Ж. Пахрудинова ахӀун йикӀана гьалмагъзабигун дандчӀвазе. Тахшагьаралъул аслияб майданалдехун унаго, гьенир ричулел тӀахьазда рукӀунаан гьелъул берал кидаго: басриял томазда гьоркьоб чанги батана гьелда къанагӀатаб тӀехь. Гьелго тӀахьазухъги балагьулаго, дандчӀваялде уней йикӀарай гьалда бихьана доб кицабазул тӀехь. Рокъоб цӀунун бугелдаса гӀемерго цӀияб бугоан гьеб. Гьебги кодобе босун, аскӀоб букӀараб хьонбакӀида кӀусана Жамиля. Инсуца тӀехь цӀалулеб лахӀзат цебетӀамуна. Берал магӀил цӀуна. Чвахулаго гаралгун, инсуцаго гӀадин, добго шавкъгун, халкъалъул мацӀалъул бечелъиялдаги берцинлъиялдаги гӀащикълъун, байбихьана гьелъ кицаби цӀализе. Ва сагӀаталдасаги цӀикӀкӀараб заманалъ кватӀана дандчӀваялде.
ПасихIаб каламги камилаб пикруги
Жамиляца гьитӀинго байбихьана кучӀдул хъвазе. Гьел рукӀана заманалда рекъарал, коммунист партиялъеги гьелъул ишазеги рецц-бакъ гьабулел, талихӀаб лъимерлъиялъулги улкаялъ гьабулеб тӀалаб-агъазалъулги хӀакъалъулъ бицунел. Цо нухалда гьелда телевизоралдаса бицунеб рагӀана мискинчагӀазда ракъи кӀоченабизе Америкаялда цӀияб къагӀида ургъун бугилан абун. Телевизоралдаса пакъиразда бихьизабулеб букӀун буго кополаб передача, релъанхъизеги гьарун, ракъи кӀоченабиялъул мурадалда. Гьелъул хӀакъалъулъ сатирияб кечӀ хъвана гьелъ ва битӀана «Крокодил» абураб журналалде. КӀудияб гӀелалда ракӀалда батила гьеб журнал – улкаялдаго ккарал гъалатӀалги рекъечӀел ишалги какулеб басма. «Цо къоялъ дун ахӀана школалъул директорасухъе. Дун цӀалулей йикӀана №34 школалда. Щибдай дихъа борчӀараб гъалатӀан пикрабалъ йикIана дун. Школалъул комсомолалъул нухмалъулей йикӀиндалха. Щвана кабинеталде. Гьенив ватана логода ворхатав, къамартӀав цо чи. «Здравствуйте, графиня!» – ян абуна гьес дида гӀурус мацӀалда. Гьев вукӀун вуго ГӀумархӀажи Шахтаманов. «Крокодилалда» дир кечӀги цӀалун, дун ялагьизе вачӀарав вукӀун вуго гьев. Гьес дун ахӀана Дагъистаналъул Хъвадарухъабазул союзалде, Расул ХӀамзатовасеги цӀакъ бокьун бугила мун йихьизеянги абун», – ан ракӀалде щвезабуна Ж. Пахрудиновалъ.
Гьедин ккана гьитӀинай магӀарулалъулги авар адабияталъул классиказулги лъай-хъвай. Союзалде щведал, гьенир ратарал шагӀирзабигун накъиталда йикӀаго, жаниве лъугьун вачӀана Расул ХӀамзатов. Гьесие салам кьезе тӀаде рахъун руго киналго. Расулица цин Пахрудиновалъул квер бачун буго, нуж гӀемер руго, цин чӀужугӀаданалъул адаб гьабилинги абун. Гьедин ккараб лъай-хъвай сверана кӀудияб гьудуллъиялде. «ХӀажиявги гьесул хъизан Чакарги рачӀунаан дихъе, йилълъа Расулихъеян абун. Чанги хьвадана гьезухъе рокъое. Ккана чанги кополал лъугьа-бахъиналги. Цо нухалда – гьеб букӀана Расул унтараб заман – шагӀирас дида гьикъана, дуе жив вокьулищан абун. ХӀажиявги Чакарги рихха-хочана, гӀантаб суал кьолеб бугоян ракӀалдеги ккун. Расги йиххичӀого, дица гьесда абуна: «Дунял-гӀаламалъего вокьизе бегьулев мун, дие щай бегьулареб? Валлагьги вокьулаха», – ян. Кутакалда гӀаданлъи бугев чи вукӀана мунагьал чурад», – ан бицана Жамиляца.
Литинституталъул бакIалда — юридикияб факультет
Школа лъугӀилелде, Жамилял художествиял асаразул нахърател цӀакъ бечелъана: районалъулги, республикаялъулги, тӀолгосоюзалъулги газетаздагун журналазда рахъарал асарал ракӀарун рукӀана гьелъ. Гьелъул хьул букӀана Максим Горькиясул цӀаралда бугеб Москваялъул Литературияб институталда цӀализе лъугьине. Амма гьелъул анищ тIубачIо. Жамиля цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб университеталъул юридикияб факультеталде. Гьедин дун яхъана судьялъун», – ин ракӀалде щвезабуна Жамиляца.
ЛъугӀана ДГУ. ЦӀалулеб заманалдаги хъвадарулаан Ж. Пахрудинова. Диплом кодобе щведал, гьей ана «БагӀараб байрахъалъул» редакциялде. Редактор ГӀали Камалов кутакалда вохана, хӀалтӀизе бакӀилан Жамиля ячӀиндал. Щибаб кабинеталдеги ячун, мухбирзабазулгун лъай-хъвай гьабуна. Метерго хӀалтӀуде ячӀаянги лъазабуна. Ахирисеб кабинеталда ватана Жамиляда цевего лъалев мухбир. «Рукъ тӀубазе рес кьолеб махщелги кодоб букӀаго, дуе мухбирлъи щай? Кий хӀалтӀулей йигониги, макъалаби, художествиял асарал хъвазе рес буго дур. Цин рукъалъул тӀалаб гьабизе рес кьолеб пиша гьабе», – ян хабар бицана гьес. Жамиляги мукӀурлъана ва журналистикаялде квер хьвагӀун тана.
22 соналъ судьялъун
Тахшагьаралъул Советский районалъул судьялъун хӀалтӀана Жамиля 22 соналъ. КӀудияб талихӀлъун рикӀкӀуна гьелъ яхӀ-намусалда куцарал ва къадруяб цӀар цӀунарал ритӀухъал судиязул кьеразулъе ккей. Гьединал рукӀана араб гӀасруялъул судьяби. Гьезда гьоркьов киназего мисаллъун вукӀана Багъужа ГIонжолов. Гьесул малъа-хъваял дие гӀумруялъго дарсаллъун хутӀана», – ян бицана Ж. Пахрудиновалъ.
КIудияб адабгун рехсана гьелъ гIемерал соназ цадахъ хIалтIарал Шамай ХIажиева, ПатIимат МахIатIилова, Гунащ Набиев ва сулейман Сулейманов.
Бицана гьелъ судиялъул гӀумруялда ккарал цо-цо лъугьа-бахъиназул хӀакъалъулъги. «Дие бокьулаан дирго хӀалтӀи. Гьениб рес щолаан гӀадамазе кумек гьабизе. Масала, цӀакъго цӀикӀкӀараб болжалалъул туснахъ тӀаса бищичӀого тезе. ХӀукму гьабулаго, такъсирчиясул хӀалалъухъ халгьабулаан дица. Цояс бикъула, вакъуца хунгутӀизе, цогидас – бугеб жоялъ гӀорцӀунгутӀиялъ. Мискин-пакъирасда ракӀ гурхӀулаан дир кидаго. РакӀбацӀцӀадго хӀукму къотӀизе хӀаракат гьабулаан. Гьединлъидал батила, шагьаралдасан унаго, цояз машина чӀезабула къваригӀаралъуе дун щвезайизе, цогидал сайгъаталгун рачӀуна. Пуланаб соналъ жидее ритӀухъаб хӀукму гьабиялъухъан абун, баркала кьола», – ян бицана Жамиляца.
Жакъаги, мустахӀикъаб хӀалхьиялда йигониги, гӀадада заманги чӀваларо – батӀи-батӀияб юридикияб кумек гьабула гӀадамазе Жамиля Пахрудиновалъ. Гьанже рес щвана тӀубанго художествиял асаразде юссине. Адабият бокьулел магӀарулазда гьоркьой гьей машгьурлъана пагьмуяй шагӀирги, хъвадарухъанги, таржамачӀужуги хӀисабалда.
Диеги цӀакъ рокьула гьелъул кучӀдулги харбалгун къисабиги. ХӀакъикъияб лъугьа-бахъиналъул кьучӀалда хъварал руго гьелъул гӀемерисел хабариял асарал. Хъизамалъул, гьудулзабазул, цоцазде рокьи ккарал гӀолилазул къисмат буго гьел асаразул аслияб темаги. Масала, «БекьичӀого хутӀараб хур». Цоцазе кутакалда рокьарал Муслимилги Зарипатилги къисмат бигъиналъе сабаблъун ккараб хур ахирги бекьичӀого хутӀула. БекьичӀеб хуралъул гӀадаб пашманаб буго кӀиязулго гӀумруги. ЧӀахӀиязул чӀанда-дагӀба ккана гьелъие гӀиллалъун.
Эбел рехун тарай ясги, яс ячӀиналъухъ даим балагьун хутӀарай, гьелде бугеб урхъи буссинчӀого, абадияб рокъое къокъарай эбелги – гьеле цоги хабаралъул тема. Гьебги буго жакъа къоялда цӀакъ бегӀераб масъала. РукӀа-рахъиналъул цо хӀужаги рехсон, гьелъул кьучӀалда Жамиляца гӀуцӀула гъваридаб магӀнаги кӀварги бугеб хабар. Гьеб бицуна цӀалдолесул рекӀелъе бортуледухъ, пасихӀаб, бечедаб, бацӀцӀадаб магӀарул мацӀалда.
Кавсарат Сулейманова

