Рахьдал мацIалъул гIумру хъизамалда тIегьала

РорчIами, лъимал!

Гьадин байбихьула дица щибаб къо…

Гьалеха жакъаги ине йиго школалде, лъималазе авар мацIалъул дарсал кьезе. АнцI-анцI бер балагьун буго дихъ. ЦIакъ бокьун буго рахьдал мацIалъул хIикматаб ва балъголъаби гIемераб дунялалде гьелгун цадахъ сапар бухьине. Шагьаралъул хIеренаб ва недегьаб кваркьидакь гIун рачIунел ругел гьезухъа бажа­риладай магIарухъе унел сухъма­хъаз­дасан доре мугIрузухъе гьобол­лъухъ щвезе, гьенир борхалъуда тIа­вап гьабулел ругел цIумазулгун гара-чIвари гьабизе, мугIрул ахалъудасан чвахулел лъаразул лазат босизе, хIикматаб мацIалда ахIулел хIанчIазул кучIдузул магIнаялъухъ гIенеккизе.

«РорчIами, лъимал!» — илан дица ахIидал, магIарул мацIалда гьез данде гьабулеб жавабалдасагицин йохулей йиго. Ва цIидасанги пикрабазулъе кколей йиго:

— РагIанадай гьазда АхIулгохIа­лъул къваридаб къиса? Санал ун, кIудиял гIедал, угьдиладай гьал гьенир чIва­рал, магIарулалъул яхI-наму­салда хIур хъвазегIан, хвел тIаса бищарал бахIарчиял руччабазул къисматалъухъ? Сорозе ругелдай гьел, Шамил имамас миллаталъул тарихалда тарал лъалкIазул рагIидал.

Лъималазул гIанчIаб релъиялъ цIидасанги дарсиде ахIулей йиго. РорчIами, лъимал!…

Ниж цоцазда ратана

Гьадинаб цеберагIиялдалъун бай­би­хьулеб буго дица гIагараб ма­цIа­лъе сайгъат гьабураб макъала. «ХIакъикъат» газеталъул мухбирги МахIачхъала шагьаралъул №II гимназиялъул авар мацIалъул учительги. Рахьдал мацIалде дир бугеб хIасратаб рокьул кIиго чIор. Ниж цоцазда ратана. Ва гьелъ дие кIудияб кумекги гьабулеб буго авар мацIалъул хIикматалъул цIураб дунялалде лъималгун цадахъ сапарал рухьине. Дир пикруялда, магIаруллъиги мугIрулги чIаго рукIаго, магIарул мацIги чIаго букIине буго. КигIан нилъеца, гIу­рус мацIалда кIалъалел ругилан ма­гIарухъа лъималазде гIайиб гьабуниги, дозда магIарул мацI кIочене гьечIо! Гьебги кIудияб рохел буго нилъее.

Кинабха бугеб хIакъикъат шагьа­ралъул школазда? Гьоркьохъеб хIа­лалда. ЧIахIиялги гIисиналги те­ле­фоназде, компьютеразде русса­раб гьаб заманалда, нухал дагьал­ги гIатIилъулел руго рахьдал ма­цIалъулгун гьудуллъиялде лъимал ахIизе!

Бокьун буго гьанибго рехсезе «ХIакъикъат» газеталъул лъималазулгун, гьезул эбел-инсулгун, учительзабазулгун ва цIалдолезулгун бугеб щулияб бухьеналъул хIакъа­лъулъ:

Газеталъ санайил тIобитIула авар прозаялъе ва поэзиялъе сайгъат гьабураб «ЧIагояб классика» абураб конкурс. ГIахьалчагIаз жидерго видео-роликал ритIула газеталъул телеграм каналалде ва конкурс гIуцIаразухъе. ХIасилал гьаризе данделъула МахIачхъалаялда, Миллияб библиотекаялда. Гьенибе ахIула телевидениеги. Лъималазул кIудияб гъира-шавкъ букIуна телевидениялъул камераялда цере кучIдул рикIкIинеги. Прозаялъул ва поэзиялъул гуребги, конкурсал тIоритIула батIи-батIиял темабазда. ЛъагIалие щуго-анлъгониги конкурсги кколеб батила. Конкурсазда бергьарал лъимал эбел-эменгун яги учительзабигун цадахъ ахIула редакциялде. Учительзабазда гьоркьорги тIоритIула творческиял конкурсал. Хъизамалда рахьдал мацI цIакъго къанагIат гурони бицунареб гьаб заманалда (хасго шагьаразда) учительзабилъидалха кколел рахьдал мацIалъул гьуинлъи лъималазда кIалдиб хъвалел сихIручагIи. Кие щваниги, рагIула рахьдал мацIал тIагIунел ругин, гьел цIунизе кколин бицунеб лъиениги пайда ва лъугIел гьечIел харбал. Рахьдал мацIалда лъималгун гаргади — гьеб гурищ рахьдал мацIал чIаго хутIиялъе бищунго бигьаяб дару. Нижехъе гьоболлъухъе щола шагьаралъул школазул учительзаби, рачун жидерго цIалдохъабигун. Хасаб студияги буго редакциялда, гьалбал къабул гьарулеб. Гьенир рахъула видеороликал — лъималаз ва учительзабаз ракIалдасан рикIкIуна, цIалула асарал. ХIалбихьула нижецаго «гIисинал аудиотIахьал» гьаризеги. Масала, цIалулеб кечI букIа, проза букIа, бахъула телефоналде. ГIенеккула записазухъ. Лъималазе цIакъ интерес ккола жидерго цIалиялъухъ гIенеккизе. Хадусеб записалде гьез хIаракат бахъула дагьабги лъикI цIализе. Гьединал творческиял хIалтIабаз кIудияб кумек гьабула лъималазе ва гIолилазе рахьдал мацIалда кIалъай хиралъизабизе. Лъималаз жидерго творческиял хIалтIабиги ритIун рачIуна газеталъул «БурутI» гьумералде. РитIула гьел «Лачен» журналалдеги. Гьединаб пайдаяб хIалтIи къойилго гIадин тIобитIула редакциялда. Нижехъе гьобол вачIунареб къоги букIунаро. Газеталъул телеграм-каналалда хIалтIулел ругел гIолилал Жаватхан Жаватхановас ва Рукъият АхIмадовалъ жидерго нухмалъулей, каналалъул администратор ПатIимат СултIанмухIамадовагун цадахъ гьабулеб хIалтIи киназдаго бихьулеб батила. Ралагьизе бокьилеб хIалалда рахъула гьез рахьдал мацIалде рокьи базабулел гIисинал роликал, гара-чIвариялъе ахIула гIолилал.

Руго централ, рахьдал мацIал малъулел. Ургъулел руго гIисиназеги чIахIиязеги рахьдал мацIазда компьютералъулал хIаялги, цогидалги социалиял гьиназдаса батIи-батIиял хIаял ва цогидалги хIалтIаби. Рахъулел руго мультфильмал. Амма гьечIо шагьаралъул лъималазул кIалзулаб каламалъул рахъалъ цебетIей. Ру­го онлайн-школалги. Дагьа-макъаб­гIаги гаргадизе лъалеб гьечIо гьезда. Суалазе жавабал гьез кьунигицин, рохуца холел рукIуна нилъ. Гьелдасан бичIчIуларищ хъизамалда рахьдал мацIалде кIвар кьечIони, лъималазда гьелъул тIагIам лъазе гьечIеблъи.

Сапар битIаги нужей, гIагарал миллатцоял

Нахъеги тIадюссуней йиго цIал­до­хъабазухъе. Сапар бухьунеб бу­го магIарул хIарпазухъе. Гьоболлъи балеб буго рахьдал мацIалъул хIикматаб гъасда нилъехъ къойилго урхъун рукIунел гIагарал, рокьулел хIарпазухъ, авар каламалъул жавгьараллъун жал ругел…

Гьал хIарпазулгун гьудуллъиги ккуни, битIун цIализеги лъани, лъа­ралдаса битIун пайдаги босулеб бугони, дагьа-макъабгIаги рахьдал мацIалда пикру гьабизеги лъалеб бугони, текст хъвазеги лъалеб бугони – гьеле мацI кIочонгутIиялъе аслияб нух. ХутIарабщинаб, социалиял гьиналги, гьенисан кьолел дарсалги, цогидабги… — хадуб. Гьеб киналъго щибго хIасил кьезе гьечIо, магIарул мацIалъул 13 хIарпалъулгун нилъер гьудуллъи гьечIони…

Сапар битIаги нужей, гIагарал миллатцоял, магIарул хIарпазул гъасде. Гьениб нужеда батила щивасе гIураб цIаги, хинлъиги, букIинеселде божилъиги. Гьеб цIа свине тоге, гIагараб миллат!

МагIарул хIарпазухъ

гьоболлъухъ

Дир гIагараб авар мацI, унго, цо дур берцинлъи, аваразул кIалдиб мун рекъонккун букIунеб куц! МагIарулазул гъасда талихIгун рещтIуна мун. ТалихIал нижей дуца бачIунебщинаб хинлъи!

Ассаламу гIалайкум дуе, авар алфавит, алфавиталда бугеб анцIила лъабабго хIарп. Нужехъе гьоболлъухъе ячIине бокьун буго. Къабул гьариларищ ниж, гьитIинал магIарулал?

Гъ, Гь, ГI, Кь, Къегун Х, Хъ, ХI, Хь, ЧI, КI, Лъ, ЦI – Нужехъе щвезе урхъун руго ниж, нужер лъимал. Гьале ниж, магIарулал, рахъа дандчIвай гьабизе. Нужехъ хIасратлъун ругел ниж, аварал, рихьизе.

— Гьая, «КЪ», бахъа цебе, дурго тарих бицине. МагIарул миллаталъе пайда кинаб дур бугеб?

БитIун дур цIар абизе нижей захIмалъаниги, лъала дур гьеб кутакги КЪуваталъулъ бугеблъи.

КЪиралги – мун, КЪвакIи мун, КЪварилъи хIехьолеб – мун. КЪисмат, КЪиса, КЪуркьуге — КЪимат тIокIаб дир «КЪ» харп. КЪуватал гIадамазул КЪеркьеялъул нугIги – мун, КЪоккаразе кумекги – гIемер дир миллаталъул.

— «КЬ», раче дуца кверал, щиб хIалалда мун бугеб? КЬварараб наслуялъул гIелал куцала дуца. КЬураби гIадал васаз КЬурди гьабулеб буго. КЬея гьезие КЬвари, КЬурабазул гIадинаб.

— ГЪургъур бачунеб буго кIиго миккиялъ нижей – Гъалал халатал ясал рачIунел руго цере. ГЪираги балеб буго цIияб гIумру гьабизе. Гъанситохъ цIа сунгеги магIарулазул даим.

— ГЬуинлъи тIагIунгеги дир миллаталъул рокъоб. ГЬоцIогIан ГЬуинлъаги Дагъистаналъул гIумру. ГЬудул-ГЬалмагълъи гучаб нижер ВатIаналъул бакъ! ГЬайбатал чIораз кквеги жеги щулаго. АМИН!

— ГIумру гьуинаб буго гьаб дир Дагъистаналда. ГIелаз ГIелазухъе кьун, цIунулеб буго ВатIан. ГIолохъанлъи гьимула ГIадан цIунизе кколин. ГIолилаз жаваб кьола жал хIадурал ругилан.

Хинлъиги босун, гьале «Х» хIарп­ги тIаде щвана. Халатаб сапаралъ ниж нухарегIулел руго. Холареб гьаб базе гьелъ ругьун гьарулел руго. Хиянатлъи аскIоса бачахъулеб буго гьелъ.

— «ХЪ» хIарп, щибги босун мун нижехъе бачIинеб? – ХЪулухъ кIудияб щунин, воре, ХЪатир рехуге. ХЪамалчилъи жибго тун, ХЪала бай намусалъул. ХЪурмил гIамал жибго тун, гIаданлъун вукIа кивго.

— Гьая, «ХI», цебегIан къай, хIал щиб бугеб дур, бице!? – ХIалихьат нахъегIан те, ХIурматги ХIалтIул гьабе. ХIажат гьечIезда аскIор киданиги къаге нуж. ХIалтIи гьудуллъунги ккун, ХIалалаб гIумру гьабе.

— «ХЬ», гьанже гIенеккила гьел дур дарсазухъги ниж. – Хьами, воре, рикIкIад те, ХЬулалги къокъал гьаре. ХЬирхьиди борхьил бугел гIадамазда божуге, ХЬвагIаралъур речIчIулел рагIул чIорал риччаге.

— ЧIирчIилаго, хIанчIаца рачунел бакънал рагIун, ЧIаголъула ракьалда гIумруги гIадамалги. ЧIухIи рекIелъа хъаме – ЧIван лъола гьелъ мун, инсан. ЧIахIиязул адаб ккве – гьелъулъин нужер икъбал.

— Бицеха, «ЦI», гьанже дий дур къисматалъул къиса. – ЦIа гIадал гIолилаз дир ракI бохизе гьабула. ЦIиял гIелазул ЦIилъи ЦIилъулеб лахIзат бихьун, ЦIидасанги ЦIабу­цIун дие букIунеб рохел!

КIудиял гIолел нижей, «КI», дуца щиб жо гьарилеб? – КIул кьолеб буго дица гьеб нужер талихIалъул. КIиго рагIи кидаго, воре, дуца бицунге. КIудиязе дур кумек кидаго хIажат буго.

ЛЪаялъул кIул дихъ буго, ЛЪимал цIодор гьарулеб, ЛЪалъазе буго дица къойил гIакълуялъул ах. ЛЪан букIа киназдаго — дир хайирги цIикIкIараб — Гьадин чIухIадго цебе эхетана «ЛЪ» хIарпги.

МагIарул хIарпазухъе гьабураб нижер сапар ЛъугIизе толеб буго жакъа, хириял лъимал, ХIарпал кьурдулел руго, хIарпал рохулел руго, магIарул мацI бицунеб гIалам бихьараб мехалъ.

МагIарул миллаталъул анцIила лъабго жавгьар — Гьелъул каранлъ кенчIолел руго, лъимал, цIакъ рохун. Аллагьас нилъей кьураб анцIила лъабго хIикмат рачIа цадахъ цIунизе хадусел наслабазе.

Авар алфавиталъул анцIила лъа­баб­го хIарп, хазиналъун руго нуж нижей, бищун бечедаб. Нуж гье­чIони, ниж гьечIо, гьечIо миллат, гье­чIо халкъ.

ЧIАХЪАГИ РАХЬДАЛ МАЦIАЛ, ЧIАХЪАГИ ДИР ДАГЪИСТАН!!!

Шамай Хъазанбиева