РФялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ щивав чияс лъагIалие кваназе хIажатаблъун ва пайдаяблъун рикIкIунеб буго гьанал 73 килограмм. ХIакъикъаталдаги Россиялда кваналеб буго 83 килограмм (гьелда гьоркьоб аслияблъун ккола абизегIанасеб пайда гьечIеб гIанкIуязул ва болъоназул гьан). Бищун цIикIкIараб къадар чIегIербоцIул гьанал кванала Аргентинаялда (46 кило), болъоназул гьан — Хорватиялда (57,4 кило), гIи-цIцIаназул — Монголиялда (68,5 кило).
Дагъистаналда кваналеб гьанал къадар тарихаздалъун мухIканго лъачIониги, нилъеда гIемер лъикI лъала гьеб нилъее гьечIого гIолареб нигIмат букIин.
Жакъа ниж руго МахIачхъалаялъул централияб базаралда ва гьений дандчIвана гьанал даран-базаралда йигей Шамил районалдаса ГIайшатгун.
— ГIайшат, кин мун гьаб хIалтIуде ккарай, чан сон бугеб гьаб ишалда йигелдаса?
— Цере ниж рукIана Тула областалда. Дун хIалтIана райпоялда, колхозалда, тукада. Добаги нижер букIана гIи-боцIи, гIодоркъоязда унаан гьан бичизе аскIоб бугеб шагьаралде. Гьелдаса байбихьана кинабго. Дагъистаналде тIадруссун хадубги нижер буго гьебго магIишат — ЦIияб ТIидиб хъутаналда хьихьула гIиги бусбиги, магIарухъ руго чуялги. Гьединлъидал гьаниса байбихьана нижерго боцIул гьан бичизе (бичула гIага-божарал, лъикI лъалел гIадамазул босарабги), кигIан захIмат бихьаниги, гьалдаса лъикIаб хIалтIи гьечIин абун, гьаб тIаса бищана.
— Дур пикруялда, гьан гIезабизейищ бигьаяб ва пайдаяб бугеб, гIезабураб бичизейищ?
— ГIезегIан захIмат бихьун хьихьула гIи-боцIи, гIезабула гьан, гьеб кинабго бигьаяб иш гуро. Гьебго заманалда, гIезабун гIоларелъул гьеб, бичизеги ккола, гьединлъидал руго нижги гьанир.
— Лъихъа бугониги босараб гьанада тIаде нужеца лъолеб бутIа гIемераб букIунищ?
— Кинабго букIуна базаралъул багьаялда рекъон, амма 20 проценталдаса цIикIкIун лъоларо. Багьа бараб букIуна гьанал тайпаялда, хъураб жоялъул лагаялда ва цоги гIемерал шартIазда. Мисалалъе, жакъа гьаниб дагь буго гьан, къоги буго цIорораб. Жакъа нижеца чIегIербоцIул гьан босана 560 гъурщиде килограмм хIисаб гьабун, бичулеб буго 630 гъурщиде.
— Даран гьабизе лъикIаб заман кида букIунеб?
— Байрамкъоязда цебе. Шагьаралда цIакъго гIемер руго гьан бичулел бакIал, къанагIат гурони гьечIо гъоркь тукен гьечIеб гIемертIалаяб мина. Гьединлъидал къойидаса-къойиде дагьлъулел руго базаралде рачIунел гIадамазул къадар, нахъе кколеб буго дармил иш.
— Гьан босулесе санагIатаб, лъикIаб заман кинаб букIунеб?
— ГIемераб ва бокьараб тайпаялъул гьан букIуна радал, дагьаб гIадатияб ва учузаб гьеб щола къасиялдехун. Гьединаб буго базаралъул ва гьанал низам.
— ГIемер бицуна хехаб хIалалда гIезабулин гьан инсанасе заралиял уколал гьарун, дараби кьун. Гьединал харбаз хвезабула божилъи. Гьелда хурхун дуца щиб абилеб?
— Дун йиго хIеж борхарай гIадан, дир ракIчIей гьечIеб гьан дица киданиги бичуларо. КIиабизе, гьединаб гьан гьанибеги биччаларо — базаралда ругел ветеринариял хIалтIухъабаз халгьабичIеб нигIмат гьаниб бичуларо. Лъабабизе, гьабго гьан кванала нижецаги нижер рокъосезги.
— ТIубараб къоялъ яхъун чIун гьаний хIалтIарай мун рокъое щолей ятила свакан. ХIалтIи тезе ялъуни хисизе ракIалда бугищ?
— ГIарз бахъизе гIураб захIматаб хIалтIи гуро гьаб. ХIал гьабун дун хIалтIизе тIамулев, гьаний чIезаюлев чи гьечIелъул, дагьаб захIмат бихьани, къан гьабгун уна рокъое. Гьабула рокъоб бугеб боцIул тIалаб, риидал уна росулъе. Дун йиго гIадамазда гьоркьой, дидаса гIадамазе буго пайда, аскIове вачIарасул мурад тIубазе рес щвеялдаса разиго йикIуна. Гьединлъидал гьабсагIаталда ракIалда гьечIо гьаб хIалтIи тезе.
ГIабаш ГIабашилов
