ЧIужу хвей – цо балагь, чIужу ячине ккей – кIиго балагь

Аллагьас гучаб черхги лъикIаб сахлъиги кьун, кIодо гьавурав чи вукIана Сурхай. «Дир мокъокъ», «Дир месед» абун гурони, гьес хитIаб гьабулароан лъадуде. 75 сон барав херасе цIакъ захIмалъана гьей хвей. «Ана дир месед, къана дир талихI, бесдаллъана дун», — абун, гIодулаан пакъир. Заманалдасан гьев бетIер сверун гIадин лъугьана ва лъагIалидасан хвана.

Цоцазе рокьун данделъана Исламги ГIашатги. ТалихIаб хъизам, лъикIал лъимал. Херлъана рокьул маххал, унтана лъади. Жакъа-метерин йигей лъадуда цеве, накабазда чIун, гIодулаго гьедулаан херав: «Мун гьечIеб дунял дие кIваричIо, дица диего гIажал босула, дун дуда хадув вачIуна», — ян. БосичIо Исламица гIажал, инчIо гьев лъадуда хадув. Гьей хун лъагIел балалде, чIужу ячине бокьун, сверулев вукIана. Амма щвечIо гьесие «кьарияй, ччоборай гIадан».

Лъади хун мех иналде байбихьана Ибрагьимица къорол руччабазда сверун сентIезе. «БичIчIичIо» гьезда херасул мурад, къабуллъичIо гьесул габуралда къвал базе. Гьезда ццин бахъарас байбихьана гьекъезе. Мехтанщинахъе, иццухъ ругезде ахIулаан: «ЧIухIана нуж дие рачIине. Балагьилаха, Ельцинихъеги ахIун, къотIизабила дица нужее пенсия, гьеб мехалъ щвела дие бокьарай», — ян.

Лъади гьечIев бихьинчи — чIобогояб рукъ

Херлъун вугониги, къороллъуда хутIарав чиясе бокьула лъади ячине, чIужу аскIой йикIине ва гьелда цадахъ гIумру тIамизе. Амма бегьуларо 60-70 сон барав чияс 20-25 сон барай ячине, гIемерисебго гьединаб ригьиналъул хIасил пашманаб ккола. Психологаз малъулеб буго, херал-бахIаразе лъикIаб бугила жидерго гIадаб ригьалъул руччабазулгун ригьин гьаби.

Аслияб куцалда херал бихьиназе руччаби уна, гьел хун хадуб, гьезул нахъе хутIараб буголъи жидеего щвелин абураб хьулалъ. Гьелъие нугIлъи гьабулеб цо мисал бачина. Лъабкъоялда анцIилъа арав къоролав ГIумарие бокьана мадугьалихъ бугеб росулъа Булбул ячине. Гьелъ гьесда чIванкъотIун абуна: «ЯчIина дуца дие шагьаралда кIиго рукъалъул секция босани яги нижер росулъ мина бани», — ян. Рес щиб, херасул васас бана инсул бахIаралъе мина, гьабуна бертин. Гьелдаса хадуб лъабго соналдасан хвана ГIумар, Булбулин абуни, яхъана хъалималъе щвараб цIияб минаялъуе.

КигIан цIакъал лъимал ругониги, жидерго хIалтIи-пишаялдаса гьел регIуларо кидаго херав инсуда аскIор рукIине, гьезул лъималазулги букIуна жидерго гIумру-магIишат. Данде кколей гIаданалъулгун ригьин гьабуни, гьелъ берцин гьабула гьесул янгъизлъи. Гьединаб хIалалда эмен вугони, хIалхьиялда кьижизе бегьула лъималги.

 

Инсухъ ракIбухIун гуро, дунялалъул боцIи гIазизлъун

 

Цо-цо лъималаз инсуца лъади ячин рикIкIуна кIудияб такъсирлъун, батIи-батIиял гIиллаби ратун, бесдал эбелалда лъазабула зар букъараб рагъ. Гьайгьай, инсухъ ракIбухIун гьабулеб дагIба-рагIи гуро гьеб букIунеб, гьеб букIуна жидеего ирсалъе щвезе кколеб буголъиялъул ками ккеялда хIинкъун. ГIажаибаб жо, цIияй бахIаралъ лъималазда тIаса босула инсуда хадур гьаризе кколел хъулухъазул ботIрол унти. Гьединлъидал, бетIер къулун, гьелъул адаб-хIурмат гьабизе кколеб бакIалда, дунялалъул боцIи сабаблъун гьей хIакъир гьаюла.

Гьайгьай, жидерго хIеренай, хIалимай эбел ракIалдаса инчIел лъималазе захIмат букIуна гьелъул бакIалда дадал бахIарай къабул гьайизе. Лъималазе захIмалъи гIайиб гуро, абула росас цIияй чIужу ячараб сордоялъ, хварай чIужуялъул бетIер горбодаса батIалъулилан.

Гьайгьай, лъималазе эбел хвей ккола кIудияб ками, амма гьелда­лъун гIумру лъугIуларо. Амма щулияб хъизан лъугьуна гIицIго бесдал эбелалда росасул лъимал жиндиралголъун рихьулел ругони ва росас лъадул хIурмат хвараб жо биччалеб гьечIони.

Цо-цо гIагарал чагIаз, гьудул-гьалмагъзабаз ва гьесул чIахIиял лъималаз какула, ай гьабизего бегьулареб жолъун рикIкIуна херас лъади ячин, гьесие гьитIинабго талихI бокьи. Гьезул пикруялда, хварай лъадуда хадув угьдулаго, хвезегIан херав чIезе ккола къороллъуда.

 

Диналъ беццуларо

къороллъуда чIей

 

ШаргIалъ какараб буго къороллъуда чIей, лъикIаблъун рикIкIуна, лъимал рукIин-рукIунгутIи цIехечIого, лъади хведал, чIужу ячин. Лъимал мукIурлъизе ккола шаргIалъ малъулелда. ГIисинал лъимал ругев къороласда тIадаб буго лъади ячине, гьесул лъадуде тIаде ккола росасул лъималазе тарбия кьеялъул масъала. ЛъикIаблъун рикIкIуна, чияр гIадан ячинчIого, росасул лъималги рокьулей, гIумру-магIишатги лъалей, лъималазе тарбия кьеялъул хIалбихьиги бугей гIагарай гIадан ячин.

 

Лъималазе алжан —

дадал хIатIикь

 

Къороллъуда вугев инсуда кIоларо, жиндие лъади ячине бокьун бугин лъималазда рагьун абизе. Гьеб хIалалда гIагарал чагIазда тIадаб букIуна, цере рахъун, гьесулгун гьеб суал дандбазе ва, жидедего тIаде босун, гьесие лъади ячине. Гьеб тадбиралъ квербакъула бесдаллъарал лъималазул ракIал сахлъиялъе ва эбел гьечIого чIобоголъараб бакI цIияй эбелалъ берцин гьабиялъе. Гьелъие нугIлъун букIине цо гIадатияб гуреб лъугьа-бахъиналъул мисал бачина.

Авариялде ккун хвана АхIмадил лъади. Рахъ-рахъалде ун васалгун, янгъизлъиялда хутIана херав. Я хинаб квен гуро, я гьоркьоблъи-къваригIаралъе аскIов чи гуро. Лъабго сон бана херас гьеб пакъирлъиялда. Цо пуланаб къоялъ инсухъе щвезе рачIана васал. Заманалдасан Расулица абуна: «Хирияв эмен, гьадинаб янгъизлъиялда нижеца мун толаро. Нижеда тIадаб буго мун хьихьизе. ГьедигIан херлъунги гьечIо, гьединлъидал нижеца дуда цебе лъолеб буго лъабго шартI. Дуца тIаса бищаралда ниж рази рукIина. ТIоцебесеб иргаялда кIи-кIи, лъаб-лъаб моцI бан, мун вукIина васазул хъизамазда гIумру гьабун ва ракI рекъараб бакIалда даималъго рещтIина. КIиабилеб, дуца нижеда йихьизайила лъадилъун ячине бокьарай гIадан. Лъабабилеб, дуца нижее изну кьела дуе дандекколей гIадан ялагьизе. Гьедин мун парахат гьавун гурони, ниж гьаниса унаро», -ян.

Ячана васаз инсуе лъикIай гIадан. АнцIила кIиго соналъ, ай гьев хвезегIан тIадчIараб хъулухъ гьабуна гьелъ херасда хадуб. Гьесул васазулги цIияй эбелалъулги букIана цIакъ берцинаб гьоркьоблъи. Сайгъат-саламгун гьел гIемер щолаан гьелъухъе, толароан гьелъие камураб жо. Цо-цо гьелда къвалги бан, гьез абулаан: «Эбел, нижеде ккезе течIого, дуца нижер инсуе хъулухъ гьабуна, гьев дудаса цIакъ рази вукIана. Гьанже дуе хъулухъ гьабизе ирга щвана нижеде, мун хвезегIан, нижеца дур адаб гьабила», — ян.

КигIан кIудияб берцинлъиха бу­кIараб гьеб гIаданлъи — лъикIлъия­лъул.

 

«Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео»

 

Гьаниб борхулеб масъалая­лъул буго цо лайикъаб рахъги. Дица бицунеб буго, нахъаса релъулаго гIадамалгун, 80-85 сон барал цо-цо хараби, хабалъе бох бортарал бихьинал, цIияй бахIарай ялагьизе росдал къоролзабахъе ва мадугьалихъ ругел росабалъе хьвадулел рукIиналъул. «ЧIужу абилалде, цо духъгоги валагье», — ян малъулеб кициялъул хIисаб гьабе. Гьелъие нугIлъун букIине мисалги бачина.

Хвана 82 сонил гIумруялда вугев Ирбахъалил лъади. Зигараялъ вачIарав гьоболасда гьес абула, чIужу хвараб къоялдаса ячараб сордого лъикIаб букIанилан. Нух битIулаго, къан гьесул кверги ккун, абула: «МоцIидасан дица цIияй бахIарай ячине йиго, мун берталъе кватIуге», — ян.

ГIемерал къоролруччабазда сверун сентIана Ирбахъали, амма цонигияй разилъичIо гьесие ячIине. Ццин бахъарас къоролзабазе цо «хIилла» ургъана. ТIад ретIана кьер-кьераб ретIел, цIвакизаруна хурумалъул чакмаял, ботIрода лъуна багьаяб бухари-тIагъур. Гьеб къачIа-кIатIаялда, бачизего лъалареб пандурги хъентIезабулаго, къойида жаниб кIиго-лъабго нухалъ сверулаан росу. «ВихьичIо» гьев къоролзабазда, щвечIо гьесие лъади. Гьеб мехалъ ургъарал ккола гьесул «Дунял буго, дун вуго, дандебусле жо гьео» абурал рагIаби.

Ран руго гIемерал сонал, ахиралде щун буго гIумру, херлъун, тату хун буго черхалъул. Кинай лъади, кинаб бертин?! «ЧIорого квералги» росун ахираталде ине бегьуларо, гIумруялъул ахирал къоялгIаги Аллагьасе гIибадат гьабиялда тIамизе ккела.

Нури Нуриев