Ахираб заманалда Дагъистаналда ВИЧалъ унтаразул къадар тIадеялдаса тIаде цIикIкIунеб буго. Гьелъие бугеб гIилла лъазабизелъун нижеца гара-чIвари гьабуна «Республикаялъул СПИД-централъул» сах гьариялъулгун ВИЧ унти чIезабиялъул отделениялъул нухмалъулей Зумруд ГIабдулмутIалибовалъулгун.
— Зумруд, ВИЧ тIибитIиялъул рахъалъ Дагъистаналда жакъа кинаб хIал бугеб?
— ТIоцебе Дагъистаналда ВИЧ загьирлъараб 1989 соналдаса нахъе исана октябралде щвезегIан гьеб унти бахун буго 6504 чиясде. Жакъа диспансерияб сияхIалда вуго 3291 ВИЧалъ унтарав. Щибаб соналда республикаялда тIатинавуна 300-ялдаса цIикIкIун ВИЧ бугев. Гъоркьиса, гьабго заманалде дандеккуни, гьеб къадар 39 чияс дагьлъун буго. ВИЧалъ унтаразул 65 процент ккола бихьинал, руччаби — 33 процент, 1,8 процент — ВИЧалъ унтарал улбуз гьарурал лъимал.
ЦIикIкIарасеб къадар бихьиназул букIиналъе гIилла ккола гьез зиначилъи гьабулеб букIин ва наркотикал хIалтIизарулел рукIин. ГIемерисеб мехалда руччабазде ВИЧ бахуна россабаздаса. Ахираб заманалда 50-60 соналдаса тIаде арал ВИЧалъ унтиялъулги хIужаби руго.
— Кинаб батIалъи бугеб ВИЧалдаги СПИДалги гьоркьоб?
— ВИЧ абула инсанасул чорхолъе вирус ккеялда, гьелъ загIиплъизабула рахунел унтабаздаса черх цIунулеб иммуналъулаб гIуцIи. ТIубанго иммуналъулаб гIуцIи хведал, гьеб сверула СПИДалде. ВИЧ СПИДалде сверула щуго-анкьго соналда жаниб.
— ВИЧ бахун букIин кин лъалеб, ай кинал рукIунел гьелъул гIаламатал? Гьелда щаклъи ккарас кибе хитIаб гьабизе кколеб?
— ВИЧалъул тIоцересел гIаламатал ккола: лимфабазул гарцIал кIодолъи, цIа-кан бахин, тIомоде тIанкIал рай, риххел щвей яги гъиз ссвари, гьуърул гьорой, би дагьлъи. Гьел гIаламатал тIатунел ругони, хитIаб гьабизе ккола поликлиникаялде. Гьениса тохтурас унтарав витIула нижер централде. СПИД-централда буго гьаб заманалъулаб диагностикияб база, рес буго лабораториялда ВИЧалъул киналго цIех-рехал тIоритIизе. Жакъа кинабгIаги хIажалъи гьечIо гьелъие гIоло республика тун къватIире иналъе. Гьеб гуребги, жакъа республикаялда хIалтIулеб буго ВИЧ/СПИД-инфекциялъул экспресс-цIех-рехал гьарулеб 10 лаборатория. ТIубарал цIех-рехал гьарула СПИД-централда ва гьаниб лъола ахирисеб диагноз.
— ВИЧалъ унтун вугин чIезабидал…
— Унтарав нижеца восула сияхIалде ва гьесда хадуб букIуна халкквей. Къуватал дарабазул кумекалдалъун, гьесул чорхолъ ВИЧалъул вирусал гIемерлъизе риччаларо. ВИЧ ккола сах гьабизе кIолареб, амма, халгьабиялда гъоркь ругони, тIаде цIикIкIине биччачIого чIезабизе кIолеб унти.
— ВИЧалъ гIадамал кин унтулел?
— ВИЧ бахуна лъабго батIияб куцалда: жинсияб гьоркьоблъиялдасан, уколалдасан, ай биялдасан ва унтарай эбелалъ лъимадуе керен кьеялдалъун. ТIоцебе Дагъистаналда ВИЧ тIибитIизабурал чагIи ккола наркоманал. Жакъа ВИЧалъ унтаразул гIемерисел ккола хъахIбалъиялда хьвадулел гIолилал, хасго саяхъал наркоманал.
— ВИЧалъ унтаразе сахал лъимал гьарулищ?
— Гьарула. ВИЧалъ унтарай лъимаде йигей гIаданалъ тIадчIун дараби гьарулел ругони, ургьиб бугеб лъимаде къанагIатги ВИЧ бахунаро. Амма эбелалъ лъимадуе керен кьезе бегьуларо. Дараби хIалтIизарулел гьечIони, гьарурал лъималазул 50 ва жеги цIикIкIун процент букIуна ВИЧалъ унтараб.
ХIатта рос-лъади ВИЧалъ унтарал ругониги, гьабизе бегьула сахаб лъимер. Амма лъимаде йигей гIадан йикIине ккола руччабазул консультациялъулаб халкквеялда гъоркь. Гьелъ рихьизарурал тIадкъаял тIуразарулел ругони, хIинкъи букIунаро лъимаде ВИЧ бахиналда.
Ахирал соназда цIикIкIунеб буго ВИЧ-унти бугел руччабаз лъимал гьари. Гьелъие бугеб аслияб гIилла ккола, исламалда дандекколарин абун, ВИЧ бугел цо-цо руччабаз тохтурзабазул рихьизариял тIуразаризе инкар гьабулеб букIин.
— Дагъистаналда гIемер ругищ ВИЧалъ унтарал лъимал?
— Жакъа республикаялда буго ВИЧалъ унтараб 67 лъимер, аслияб куцалда, гьел ккола республика тун къватIиб гIумру гьабун рукIарал ва ВИЧги «босун» тIадруссун рачIаразул лъимал. Гьезда хадубги централъул букIуна тIадчIараб халкквей.
— ВИЧ тIибитIиялъул рахъалъ кинал районазда бугеб бищунго хIалуцараб ахIвал-хIал?
— ВИЧалъ бищун цIикIкIун чагIи унтун руго Дербент, Каспийск, ДагъОгни, Избербаш, Буйнакск ва МахIачхъала шагьаразда ва гьезда аскIор ругел поселоказдагун росабалъ.
— Республикаялда гьеб ахIвал-хIал лъикIлъизе букIиналде хьул бугищ?
— Буго. Щибаб соналда нижеца сияхIалде восула гIага-шагарго 300 унтарав. Бищунго цIикIкIун чагIи ВИЧалъ унтарал 2005-2006 соназда, Дербенталдаги гьелда аскIор ругел росабалъги, цо моцIида жаниб нижеца тIатинавуна 15-20 чи. Гьениб ВИЧ тIибитIулеб букIана наркоманаздасан. Республикаялъул Наркоконтролалъги медицинаялъул идарабазги цадахъ гьабураб хIалтIул хIасилалда бажарана лъугьун букIараб хIал саламатго лъикIлъизабизе.
Жакъа Дагъистаналда вуго гIицIго СПИДалъ унтарав щуго чи. Гьезда гьоркьоса исана унтарав – кIиго чи.
— Социалиял гьиназул кумекалдалъун гIолилазда гьоркьор рукIунел тохал бухьеназги ВИЧ тIибитIиялъе квербакъулеб батила…
— ГIемерал гIолилал руго хIалтIи гьечIел, западалъул культура берцин бихьулел. Гьеб темаялда бан эбел-инсуца лъималазулгун гьабулеб гьечIо ракIрагьараб гара-чIвари, малъулеб гьечIо унтиялдаса цIунизе кколеб къагIида. Лъималазда кинабго лъалеб буго Интернеталдасан яги къватIул «гIакълучагIаздасан».
— ВИЧалдаса гIолилал цIуниялъул мурадалда централъ кинал тадбирал тIоритIулел?
— Щибаб соналъул тIоцебесеб декабралда, ай СПИДалда данде къеркьеялъул къоялда бан, республикаялъул шагьараздагун районазда СМИяздасан гьарула ВИЧалъул бицунел лекциял, лъай кьеялъул идарабазда ва хIалтIул коллективазда — тохтурзабазулгун дандчIваял. Телеграм-каналалда руго гьеб масъалаялда тIасан нижер гIемерал лекциял ва малъа-хъваял.
Машинаялда тIад рекъезабураб лабораториялда ВИЧ-тестал гьаризе тохтурзабазул бригадаби уна гIемерал гIадамал ракIарулел бакIазде ва росабалъе. Шагьаразул вузазда, школазда ва колледжазда хасалихъеги ихдалги тIоритIула ВИЧ-тестал.
— Арал соназда дандеккун, ВИЧ тIатинабиялда ва сах гьабиялда батIияб-цIияб жо щиб бугеб?
— ДРялъул хIукуматалъ тасдикъ гьабураб ведомствабазда гьоркьосеб программаялда рекъон, рагьана «кабинет низкопорогового доступа». Документал гьечIого, цIар цIехечIого ва иргаялда чIечIого, бокьарав чи чIового ине бегьула гьениве ВИЧалъ унтун вугищали цIех-рех гьабизе. Гьединабго кабинет буго Дербенталда, Буйнакскиялда ва МахIачхъалаялда. Цоги цIияб жо ккола, централда хIалтIулел рукIин психолог, социалияв хIалтIухъан ва тохтур-реабилитолог. Масала, рокъоса къватIиве вахъине кIоларев ВИЧалъ унтарасе социалияв хIалтIухъанас гьабула къваригIараб кумек ва заманалда гьесухъе щвезарула дараби.
— Централъул хIалтIуе сунца квалквал гьабулеб, гIолареб жо щиб бугеб?
— Жакъа нижее камураб жо гьечIо, дарабазулги къварилъи гьечIо. Диспансерияб сияхIалда вугев унтарасе кинабго чIобого чIезабун буго. ТIадежоялъе, гьединазе социалияб кумекги гьабула.
ГIайиб чIвазе бегьулеб жо буго цо, ВИЧалъул масъалаялъул рахъалъ нилъер гIадамазул гьечIеб культура ва социалияб жагьиллъи.
— ГIолилазда щиб абилеб, кинаб хитIаб гьабилеб?
— ВИЧалдаса цIуниялъе квербакъула сахаб гIумру гьабиялъ, мехтулел жалаздасагун наркотиказдаса цIуниялъ ва яхI-намусалда хьвадиялъ. «Спи один» абураб махсараялъул буго кIудияб магIна.
ЛъикIаб букIинаан, лъудби рачиналде цебе, киналго бихьинал ВИЧалъул цIех-рех гьабизе тIамулеб закон бахъани.
Нури Нуриев
