Къисматалъ вачараб нух къосун ккечIев

Дагьалъ цебе Россиялда кIодо гьабуна Машинаби гьарулезул къо. Гьелъул хIурматалда байрамалъул тадбир тIобитIана Южносухокумск шагьаралда бугеб «Южносухокумский электромеханический завод» («ЮСЭМЗ») абураб АОялдаги.

Гьеб завод ккола Совет Союз биххун хадубги хIалтIулеб ва улкаялъул батIи-батIиял шагьаразда ругел заводазулгун бухьенги тIезе течIеб предприятие. Завод цIуниялъе квербакъана гьелъул учредительлъун бугеб «Концерн КЭМЗ» абураб ОАОялъулги «ЮСЭМЗ» абураб АОялъул генералияв директор Залбег Жалиловасулги жигараб хIаракатчилъиялъ.

Байрамкъоялъ заводалде рачIана ДРялъул промышленносталъулгун дармил министр Низам Халилов, ДРялъул энергетикаялъулгун тарифазул министрасул заместитель Ражаб Набиев, «Росснефть-Дагънефть» ПАОялъул генералияв директор Муслим Гьиндиев, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъул управлениялъул начальник ГIазизхан ГIазизханов ва цогидал гьалбал. Гьезда заводалъул цехалги рихьизарун, хадуб букIана 107,5 кВталъул къуват бугеб гьорол кIиабилеб энергоустановка рагьиялъул тадбир. Гьелъул багIараб чалу къотIана Н. Халиловасги, Ражаб Набиевасги ва Залбег Жалиловасги. Гьебго тадбиралда Н. Халиловас заводалъул хIалтIухъабазда байрам баркана ва хIалтIул церехъабазе шапакъаталгун грамотабиги кьуна. Баркана байрам Р. Набиевасги, Южносухокумск шагьаралъул бетIер СаидахIмад Маммадовасги, М. Гьиндиевасги.

Байрамалда церерахъана Дагъистаналъул машгьурал кочIохъабиги. Тадбиралъул гIахьалчагIи рохизаруна «КочIолаб ЧIарада» абураб Пачалихъияб Халкъияб хоралъул солист ГIабдула МухIамадмирзоевасги, рехсараб хоралъул хормейстер, халкъазда гьоркьоселги тIолгороссиялъулги фестивалазул лауреат Мадина Шагьмурадовалъги, Южносухокумск шагьаралъул маданияб централъул солистал Зинфира Рагьимовалъги, ТIагьир Мустапаевасги ахIарал кучIдуз. Бокьана гьезие Лъималазул искусствоялъул школалъул «Юность» абураб ансамблялъул «Халкъазул гьудуллъи» абураб кьурдиги.

Бокьун буго Залбег Жалиловасул къисматалъул хIакъалъулъ бицине.

Залбег Жалилов гьавуна 1953 соналъул 15 маялда ЧIарада районалъул Гьунухъ росулъ лъимал гIемераб ГIабдулкаирил хъизамалда. Гьесул эмен вукIана росдал къадруяв учительлъун.

Гьоркьохъеб школаги лъу­гIи­забун, ГIабдулкаирил микьалго лъималазул щивас тIаса бищана ракIалъе бокьараб пиша. Залбегие бокьун букIана Ленинградалъул гуми ралеб институталъул филиалалда цIализе ине, амма икъбал ккечIо. Амма Залбегида ракIалдего ккечIо росулъе тIадвуссине – гьев ана «Дагъдизель» заводалда хIалтIизе. Гьенисан ана армиялдеги ва хъулухъ гьабуна Венгриялда, танказул часталда.

Армиялдаса тIадвуссиндал, Залбег Жалилов цIализе лъугьана Дагъистаналъул политехникияб институталде. Аваданав, гIелцоязда гьоркьов ракIгъурав гIолилав цIалулъ вукIана церехъабазул кьерда. Ункъабго соналъ гьес нухмалъи гьабуна студентазул стройотрядазе ва мустахIикълъана ДАССРалъул Верховный Советалъул ХIурматалъул грамотаялъе.

 

КЭМЗалъул хIалтIухъан — ЮСЭМЗалъул директор

1978 соналда цIалун вахъана Залбег Жалилов ва байбихьана Гъизляралъул электромеханикияб заводалда хIалтIизе.

1983 соналъул 10 январь. Гьеб букIана цIорораб хасалил къо. КЭМЗалъул директорлъун вукIарав ГIабдуразакъ Мирзабековасда цадахъ З. Жалилов тIоцебесеб нухалда щвана Южно-Сухокумск поселокалде. Гьев тIамуна КЭМЗалъул филиаллъун кколеб 57-абилеб цехалъул начальниклъун. Гьеб къо даим ракIалда хутIана Залбегида. Цин цехалъул начальник, хадуб — гьитIинабго электромеханикияб заводалъул нухмалъулев ва ахиралда — транспортияб авиациялъеги халкъалъеги хIажатаб къайи хIадурулеб «ЮСЭМЗ» ОАОялъул генералияв директор. Гъоркьиса кIодо гьабуна рехсараб заводалъул 50-сонилаб юбилей. Гьенив Залбег хIалтIулев вуго 42 соналъ. Къисматалъ жиндие гьабураб сайгъатлъун рикIкIуна гьес «Концерн КЭМЗ» АОялъул генералияв директор, жинца кIудияв вацлъун тарав Ибрагьим АхIматIовасулгун лъай-хъвай ккей.

Гьесул гIакълабаздасаги жиндирго бажариялдасаги пайдаги босун, З. Жалиловас цIиял бергьенлъабазде бачунеб буго завод. Дагьалъ цебеги конкурсалъулаб комиссиялъ тIадегIанаб къимат кьуна Южносухокумскалъул электромеханиказул «Техническое перевооружение и модернизация существующего производства за счет внедрения современного оборудования» абураб проекталъе. Гьелда рекъон заводалда лъезе буго цIияб къайи-алат, камиллъизе буго гьениб хIадурулеб къайи, рукIине руго цогидал гIадамазеги хIалтIизе бакIал. Гьелде тIадеги, ДРялъул Промышленносталъулгун дармил министерствоялъулгун къотIи гьабун буго Южносухокумскалъул заводалъе пачалихъияб кумек гьабиялъул хIакъалъулъ.

ГьабсагIаталда завод буго берцинаб бакIалда. Гьелъул цехазда жаниб цIунун буго рацIцIалъи. Заводалда гIуцIун руго хIалтIухъабазе санагIатал шартIал. Гьелъул буго тIагIамал кванил нигIматал хIадурулеб богорукъ. Гьениб квен гьабула бакIалдаго гIезарурал, экологияб рахъалъ рацIцIадал овощазул. Заводалъул хIалтIухъабаз къадекванихъ харж гьабураб гIарцул бащдаб бецIулеб буго предприятиялъ.

ТIаса бищараб пишаялъул гъварилъуде ваккарав махщелчи гуревги, Залбег Жалилов вуго магIишат гIуцIизе бажари бугев инсанги. Гьев гIемер вукIуна хIалтIул сапаразда, амма гьесда лъала: щивав хIалтIухъан вуго жиндир бакIалда ва щивасе щола мустахIикъаб харжги. ХIалтIухъабазе вокьула гьев – гIаданлъиялъухъ, гIакъиллъиялъухъ ва жидер гьабулеб даимаб тIалабалъухъ. Гьединал нухмалъулел жакъа къанагIат гурони ратуларин абула гьез. Масала, культураялъул хIалтIухъан Расул РурахIмаевас гьадинаб пикру загьир гьабуна директорасул хIакъалъулъ: «СССР биххарал соназда гьесухъа бажарана завод цIунун. Чанги хIакимчи вукIана гьелде ишан босарав, бутIаби гьарун, заводги гьелъул ракьги бичизе хиял лъурав. Доб заманалда Залбегица гьезде данде рагъ баялъул хIасил бихьулеб буго жакъа нилъеда», — ян.

Халкъалъеги республикаялъеги пайдаяб хIаракаталъухъ Залбег Жалилов мустахIикълъана гIемерал ХIурматалъул грамотабазеги Баркалаялъул кагътазеги. Къадру-къимат гьабула гьесул шагьаралъул жамагIаталъги. Гьев кидаго хIадурав вуго хIажаталъубе кумек гьабизе. Гьединаб кумек гIемер щола спортсменазеги, пагьмуял ракьцоязеги ва СВОялъул гIахьалчагIазеги.

З. Жалилов вуго лъабго васасул эменги гьезул лъималазе хирияв кIудадаги. Гьев кидаго уна вижараб ватIаналда КIалбиччанкъо кIодо гьабизеги, умумузул хабаде зияраталъеги, гIагарлъиялде щвезеги.

МахIачхъалаялде тIадруссунаго, дун йикIана Залбегида цадахъ, гьесул васасул машинаялда. Хабар-кIалалда рукIана ниж. Гьениб дие рагьана З. Жалиловасул цоги рахъ: гьесда кутакалда лъикI лъалеб бугоан Дагъистаналъул адабият. РакIалде ккана: гьабсагIат школалда адабияталъул дарс кьезе бегьилаанин гьес. ЦIакъ бокьулеб бугоан музыкаги, хасго «КIочолаб ЧIарадаялъ» ахIулел кучIдул.

Бикеханум ГIалибекова