БежтIаса командир

ГIумруялъго росдал школалда хIалтIарал БежтIаса Шайхов СагIадулагьицаги Халатова Райгьанатицаги, лъикIаб лъайгун тарбияги кьун, гIезаруна жидер васал МухIамад, Арсен ва МахIач. Лъабавго васас лъугIизабуна тIадегIанаб цIалул идара ва хIалтIулел руго лъикIал бакIазда. МухIамадил вас СагIадула гьабсагIаталда гIахьаллъулев вуго Украинаялда тIобитIулеб хасаб рагъулаб операциялда.

2020 соналда СагIадулагьица лъугIизабуна Россиялъул БахIарчи ГIабдухаликъ Къурбановасул цIаралда бугеб БежтIа росдал гьоркьохъеб школа. Гьебго соналда гьев ана рагъулал командирал куцалеб Новосибирскиялъул училищеялда цIализе. Лъабго соналдаса тIокIлъиялда гьебги лъугIизабун, гвардиялъул лейтенант С. Шайховас рагъулаб хъулухъ гьабуна Улан-Удэялда, танкистазул бригадаялда.

2025 соналъул марталда гьев витIула СВОялде. Донецкалда бугеб танкистазул ротаялъул командирлъун тIамула гьев, къокъабго заманалда С. Шайхов мустахIикълъана Суворовасул медалалъе. Телеграмалда бугеб «Танковая бригада» абураб къокъаялъул гьумералда гьадин хъван буго шапакъат кьеялъул хIакъалъулъ: «Танказул бригадаялъул гвардиялъул лейтенант СагIадулагьица загьир гьабуна махщелчилъи ва бахIарчилъи. Гьесул нухмалъиялда гъоркь бугеб къокъаялъ ккуна Веселое абураб бакIалда эркен гьабураб бакI. Солдатазул хIаракаталъ къинабуна гьеб бакI нахъе бахъиялъул мурадалда тушманасул мотострелоказ гьабураб гьужум. Гьединго гьез кьвагьизабуна тушманасул лъабго FPV-дронги.

Рагъулаб борч тIубазабулаго бихьизабураб бахIарчилъиялъухъги таваккалалъухъги гвардиялъул лейтенант С. Шайхов мустахIикълъана «Суворовасул медаль» абураб пачалихъияб шапакъаталъе», — ян.

ГьабсагIатги СагIадула вуго рагъул цебесеб кьерда.