Гьал къоязда нижехъе бачIана Гумбет районалъул Игьали росулъа ГIумарасхIаб Хасаймирзаевасул кагъат.
Гьелда хъвалеб буго:
«ГIадатлъун лъугьун буго, Игьали росдал гьоркьохъеб школалъул дирекциялъ унта-щокъал гIадамазе кумек гьаби. Гьедин, щиб гьабизе кканиги, нижее кумекалъе ратула школалъул цIалдохъаби. Гьез кумек гьабула хасалихъе хуриса тIощелги рохьоса цIулги рокъобе босизе, лъим баччула, цIул бичIула, азбар-рукъ бацIцIад гьабула. Гьединаб ишалъе кидаго кумекалъе ратула школалъул хIалтIухъаби — пионервожатая Аминат Ибрагьимоваги ГIайшат СагIидоваги.
Газета гьоркьобккун, бокьун буго рехсарал педагогазеги гьезул нухмалъиялда гъоркь нижехъе хьвадулел цIалдохъабазеги ракI-ракIалъ баркала кьезе. Ниж гIадин, Аллагьги разилъаги гьединал лъимал гIезарурал эбел-инсудаса», — ян.