Цебе цIакъго тIибитIун букIараб, ахираб заманалда, талихIалъ, кIочон толеб бугеб гIадат буго йокьарай яс хъами. Гьеб бахIарчияб ишлъунцин рикIкIунебги батана. Гьеб диналда гуребги, гIакълуялдаги рекъолеб иш гурелъулха.
ГIемерал бусурбабаз абула гьеб бегьулареб жойищилан. ШаргIалъул цIадирабазда борцани, гьеб буго кутакалда кIудияб мунагь бугеб иш. Чияр магIишат бикъи мунагьги такъсир гьабиги гурищ? Гьединаб такъсиралъухъ гьабулеб тамихIги, шаргIалда рекъон, цIакъ кьварараб букIуна.
ГIезегIанго заман буго Дагъистана-лъул Динияб идараялъ, ГIалимзабазул советалъ имамзабазда яс хъамураб бакIалде маслихIат гьабизе гьоркьоре лъугьунгейин лъазабуралдаса. Гьелъул аслияб магIнаги ккола гьеб иш гьабугейин абураб. Щайгурелъул, имамзабаз рекъел гьабичIого толаринги абун, гьезда мугъчIвайги гьабун унел руго гIолохъаби нахъегIанаб ишалде.
Кинаб хIукму гьабуниги, имамзабазухъе рачIинчIогоги чIолел гьечIелъул, бачIунеб буго суал кин гьабилеб гьезда гьоркьоб маслихIатин абураб. Бищун гьелъие лъикIаб нухлъун гIемерисел гIалимзабаз рикIкIунеб буго хъамурай яс эбел-инсухъе нахъе кьей, гьеб мехалъ гьабизе букIине маслихIатги. Гьелдаса хадуб эбел-инсуе бокьани кьела яс, рихани – тела. Хирияб хIадисалда буго: «Бащадаб рагIиялдалъун бугониги квешлъиялъе квербакъарав чи, гьелъул гIахьалчи ккола», — ян. Цоги, нилъеего бокьулареб жо цогидазеги гьабизе бегьуларин абураб нух буго исламалъул. Жидер яс хъамун арал чагIазул бакIалда лъезе рекъараб букIуна щивасе живго. Цинги лъала гьесда кин жиндие бокьизе бугебали.
Щай гьеб иш гьабурабин цIехедал, батIи-батIиял жавабал кьола. Цояз абула кьеян гьараниги кьечIин, цогидал ратулел руго кьейинго абичIого цогидасе абурай яс хъамулелги, жиндие гьей йокьулинги абун. Гьанже балагьеха, эбел-инсуца кьечIеб заманалдаги гьей яс ячине кколин чIей шаргIалда рекъолищ? Гьесул кинаб ихтияр бугел гьелда тIад, хIатта яс разияй ятанигицин?
Лъималазе лъикIаб жо эбел-инсудаса лъикI лъалев чи вукIунаро, гьез абуралда тIасан рахине жалго лъималазеги лъикIаб букIунаро, хадусеб гIумруялда кинабгIаги баракат, икъбалги букIунаро гьезул.
ГIолохъабазда кIочонеб буго рокьи кьолевги, берцинлъи цIунулевги, талихIалъул кверщел кодосевги БетIергьан Аллагь вукIин! Гьесул нух цIунун хьвадани, кинабго щвезе ресги буго.
ХIасил гьабуни, гьеб нахъегIанаб пиша, чияр яс хъами халкъалда гьоркьоса тIагIунаро гьев васасул гIагарлъиялъгун, росдал жамагIаталъ гьей эбел-инсухъе тIадюссинайизе гьел тIамичIони.
АлхIамдулиллагь, нилъ руго бусурбаби, нилъеда тIадаб борч буго щулаго исламалъул нух кквей. Чияр мулкалда, черхалда, къартIалда хIал гьабун кверщел гьаби исламалъ гьукъараб, мунагьаб пиша буго ва БетIергьанасде гIасилъиги ккола.