Нижер баркиги баркалаги

Дагьал гьечIо «ХIакъикъат» газета цIалулел, жидецаго хъван гуребги нижехъеги хъвадарулел, цогидазда гьоркьобги гьеб тIибитIизабиялъе жигараб гIахьаллъи гьабулел чагIи.

Исанасеб подпискаялъеги гьез кIудияб хIалтIи гьабуна. Редакциялъул рахъалдасан ракI-ракIалъго баркала кьезе бокьун буго магIаруллъиги хириял, магIарул адабиятги, маданиятги, тарихги бокьулел газеталъул гьудулзабазе. Масала, ЦIунтIа районалдаса ГIиса ГIабдулаевасе, БежтIа участокалдаса ШугIайп Ражабовасе, Шамил районалдаса ГIалилай ХIажиевалъе, ГIабдулвахIид ХIажиевасе, Сайпула ГьитIинамухIамадовасе, Зайирбег МухIамаднабиевасе, МухIамаднаби МухIамад-набиевасе, ГIахьвахъ районалдаса Деньга Махиевасе, Мусабег МухIамадрасуловасе ХIажимухIамад Кучуевасе, Бадрудин СултIановасе, Каримат ГъалбацIовалъе, Мусабег, Гумбет районалдаса Камил ХIадисовасе, Магьди ГIабдурахIмановасе, Хасавюрт районалдаса ва шагьаралдаса Гирай ХIайдаровасе, Нажмудин Залимхановасе, ГIалиасхIаб ХIамзатовасе, МухIамадрасул ШайихмухIамадовасе, МухIамад-расул Расуловасе, ГIалибег Салаватовасе, Казбек районалдаса ХIусен Тупаевасе, ГIалиасхIаб ГIумарасхIабовасе, Избодин МухIамадовасе, Гъуниб районалдаса Зайнудин Зайналовасе, Каримула МухIамадовасе, МухIамад Къебедовасе, Хунзахъ районалдаса Фатима МухIамадовалъе, ГIабидат НурмухIамадовалъе, ЦIумада районалдаса МухIамад Залимхановасе, ХIабиб Давудовасе, Хадижат Залимхановалъе, ЧIарада районалдаса ГIалиасхIаб Давудмирзаевасе, Болъихъ районалдаса Халид СагIидовасе, Салман ХIасбулаевасе, Шамсудин Сиражудиновасе, Гъизилюрталдаса ТIалхIат Ахъбердиевасе, ГIабдулвахIид Лабазановасе, Гъизляр шагьаралдаса АхIмад ХIасановасе, Буйнакск шагьаралдаса Наби ГIисаевасе, МахIачхъалаялдаса Шамил МухIидиновасе, МухIамад ГIалиевасе ва гIемерал цогидазеги.
Гьединго нижеца баркала кьола тIадаб иш ракIбацIцIадго тIубалел почалъул киналго хIалтIухъабазе.
ТIаде щвараб цIияб сонги баркун, гьарула киназего сахлъи, рохел, рокъоб парахалъи ва баракат.
Хьул буго «ХIакъикъаталъулгун» хадубккунги нужеца гьудуллъигун хурхен цIунилилан ва щула гьабилилан.