25 ноябралда тIобитIана Россиялъул Журналистазул союзалъул ХII съезд
Гьениб гIахьаллъи гьабуна Россиялъул батIи-батIиял регионаздаса 700-ялде гIагарун, Дагъистаналдаса — 30 журналистас.
2013-2017 соназ гьарурал аслиял хIалтIабазул бицана Журналистазул союзалъул председатель Всеволод Богдановас. Гьес 25 соналъ нухмалъи гьабуна Союзалъе. Бищун захIматал, киналго жамгIиял гIуцIаби риххулел соназда гьесул хIаракаталъ цIунана журналистазул цолъи.
Гьанжесеб съездалъул аслияб масъала букIана цIияв председатель вищи.
Журналистазул нухмалъиялъул гIуцIиялда гьеб хиса-баси тамашалъи гьабизе ккараб лъугьа-бахъин гуро. Богдановас жив нахъе иналъе гIиллалъун рехсана жиндирго ригь (73 сон). «Унго-унгояв журналист» абун тIадегIанаб къиматги кьун, гьес жиндирго бакIалде вихьизавуна Владимир Соловьев.
Россиялъул Журналистазул союзалъул цIияв председательлъун вищарав Владимир Соловьев лъала хIалбихьи бугев журналист хIисабалда (политикаялъул обозреватель, телеведущий, документалиял фильмабазул автор).
Съездалде рачIун рукIана Санкт-Петербургалъул, Татарстаналъул ва Москваялъул журналистазул союзазул вакилзабиги. Гьел Союзал Россиялъул Журналистазул союзалде гъорлъе унаро. Ахирисеб съездалда гьезги цолъизе рагIи кьуна.
Гьанибго ракIалдещвезабилин, гъоркьиса тIобитIараб иргадулаб гуреб съездалда рищун рукIана цIиял секретарал. Гьелда данде чIаралги рукIана, гьелдаса рази ругелги рукIана. Гьелъие гьадинаб къимат кьуна цIирищарал секретаразул цояв Денис Токарскияс: «ЦIиял гIолохъанал секретарьзаби рищи квеш ккечIо союзалъе, гьелъ рес кьуна хIалтIи жеги камил гьабизе».
Пачалихъияб Думаялъул информациялъулаб политикаялъул комитеталъул председатель, Журналистазул союзалъул секретарь Леонид Левиница жиндирго кIалъаялда кIвар кьуна регионалиял союзазде. «Регионазул журналистазе кумек гьабизе ккола, гьезул Журналистазул союзазулгун букIине ккола лъикIаб бухьен. Гьабизе ккола экономикияб рахъалъанги кумек, гурони нилъехъа рагIуе эркенлъи цIунун бажаруларо. Гьеб мурадалда 2018 соналда 500 млн гъуруш биччан буго регионалиял СМИязе кумекалъе. Гьеб квалквал гьечIого щвезе буго регионазде. Гьеб гуребги Журналистазул союзалъе щвезе буго 85 млн гъуруш, гьеб харж гьабизе буго регионалиял союзазулгун гьабулеб хIалтIуе», — ян.
Съездалда къабул гьабуна цIияб уставги. Гьениб гьабураб аслияб хисилъун тезе бегьула СЖРалъул председатель кIиго болжалалъ гурони вищизе бегьунгутIи.
Всеволод Богданов вищана Россиялъул Журналистазул союзалъул хIурматияв председательлъун.
Съездалъ бищана цIияб Секретариат. Цебе букIараб секретариаталъул 60 процент нахъе ана. ЦIияб секретариаталде нахъеги вищана «ХIакъикъат» газеталъул бетIерав редактор ГIали Камаловги.
Съездалда гьабураб кIалъаялда Камаловас абуна: «Разияб хIужа – власть журналистикаялде гIагарлъулеб букIин. Жакъа регионалияб журналистикаялъул расги лъикIаб хIал гьечIо. Гьанир рехсарал тарихаз вохизавуна. Хьул буго регионалияб журналистикаялъе пачалихъалъул рахъалъан хадубккунги букIинин кумек. Регионазул журналистика ккола жамгIияталъул берал. Амма регионалияб прессаялъул бицунелъул кIочене бегьуларо миллияб прессаялъул бицинеги, цIакъго квеш буго миллиял мацIал цIуниялъул суал. Дица цебеги Леонид Левинилгун ва Владимир Соловьевасулгун дандчIваялдаги бицунги букIана, хIажат буго парламенталда цебе гьеб суал борхизе. Татарстаналда, Башкортостаналда, Удмуртиялда, Якутиялда ва хасго Кавказалъул республикабазда рахьдал мацIазда сверухъ гьабсагIат бахъун бугеб ахIи нужеда лъала.
Гьаниб бицана чIварал журалистазе памятник баялъул хIакъалъулъги. Гьелда сверухъ хIалтIи гьабулеб буго Дагъистаналда. Нижеца гьелъул хIакъалъулъ лъазабун буго цогидал регионаздаги. Гьеб бачIого гIоларо. Гьеб буго ритIухълъиялъе гIоло гIумру кьуразе балеб памятник. Жеги цониги журналист чIваялъул рагIалде щвараб цIех-рехги гьабун гьечIо», — ян.
Шамсият Султанбегова