КIочонарел цIарал

Дагъистаналъул чIухIи —  ГIали ГIалиев 

 

29 ноябралда 85 сон тIубана машгьурав гугарухъан,
дунялалъул щуцIул чемпион гьавуралдаса

ГIали ГIалиев — дунялалда цIар рагIарав гугарухъан. Гьавуна 1937 соналъул 29 ноябралда Гъуниб райо­налъул ЧIохъ росулъ. ЛъугIизабуна Дагъистаналъул медицинаялъулаб институт. Вахъана медицинаялъул гIелмабазул кандидатлъун.
ГIахьаллъана лъабго олимпиадаялда — 1960, 1964, 1968 соназда. Эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул щуцIул чемпион (1959, 1961, 1962, 1966, 1967 сонал). 1963 соналда дунялалъул чемпионаталда щвана кIиабилеб бакI.
1963 соналда вищун вукIана ДАССРа­лъул Верховный Совета­лъу­л депутатлъун.
1968 соналда вахъана Европаялъул чемпионлъун. СССРалъул чемпион (1959, 1960, 1961, 1963, 1965, 1966, 1967, 1968, 1970 сонал).
Хвана 1995 соналъул 7 янва­рал­да. 1998 соналда гьесие МахIач­хъа­лаялда, Ленинилаб комсомола­лъул паркалда, ХI. ХIамидовасул цIаралда бугеб спортивияб комплексалда аскIоб бана памятник. Гьединго 2015 соналъул 12 августалда гIагараб росулъги бана ГIалие памятник. Памятник бана Каспийск шагьаралдаги Спорталъул кIалгIаялда цебе. Гьесул цIар кьун буго Каспийскалъу­л Спортивияб кIалгIаялъе ва Ма­хIачхъалаялъул лъималазулгун гIо­лилазул спортивияб школалъе.

ГIалил гIумруялдаса
цо-цо лъугьа-бахъинал

1959 сон. Иран. Эркенаб гугариялъул рахъалъ дунялалъул чемпионат. Турциялъул гугарухъабаз «нухдаго бикьулеб букIана» чемпионаталъул месед. Гьелда рекъон, цо меседил медаль щвезе кколаан тIадагьаб цIайиялъул гугарухъан АхIмад Билекие. Гугарухъаби Цалкаламанидзе ва Саядов чемпионаталда гIахьаллъулел рукIинчIо. Гьезул бакIалда чемпионаталда гIахьаллъизе вукIана жеги машгьурлъичIев ГIали. Гьелъго батила Билекил ракIчIун букIараб бергьенлъиялдаги. Специалистазги рикIкIунеб букIана Билекиде вахарав речIчIухъан гьечIилан, я Ираналдаса Хожастепур, я Пакистаналдаса Нияз, я Япониялдаса Хиратай. Чемпио­наталда советияв гугарухъанасул тIоцебесеб бергьенлъи. Гьев бергьана Ираналъул гугарухъан Хожастепуридаса. Гьелъул хIакъалъулъ гьадин хъван букIана «Керхани Вершези» газеталда:
— Хожестепур къуна ГIа­лие­вас­даса баллазул кIудияб ба­тIалъигун. РакIалде ккун букIин­чIо ираналъулав къелилан.
«Эттеляатте Жаванан» газеталда, некролог хIисабалда, хъван букIана:
— Гьанже Ираналъул ресал гьечIо тIоцебесебали щиб гурин, кIиабилеб бакI щвезегицин.
ГIалил бергьенлъи бигьая­б букIинчIо. Турказги гьесие чIвалеб хъатилги гъугъай бу­кIана. Гьел гьесде аскIоре рекерунцин рачIана ва гьикъардизе лъугьана туркав гурищилан.
— Гуро. Дун Дагъистаналдаса вуго,-ян чIухIадго жаваб кьуна гьес.
Кинха чIухIиларев — имам Шамилица дунялалда рагIизабураб Дагъистаналъул цIар цоги нухалда гьесул баракаталдалъун такрарлъизехъин бугеб мехалда. Гьеб бергьенлъиялдаса хадуб чемпионаталда кIвар кьуна ГIалиде. Гьединазул хIакъалъулъ абулебги батила машгьуравлъунги талихIавлъунги ворчIанин.

Бергьенлъиялде
тIамураб гали

Цебе букIана японияв Хиратайилгун ва пакистанияв Ниязилгун гугари.
— Лъала, дуе захIматго букIине бугеблъи. Амма хIаракат бахъе Ниязикьа бергьине. КъваригIун буго цохIо бергьенлъи. Гьелда бараб буго нилъер тIасабищараб командаялъул къисмат», — илан абуна гьесда гьенив чемпионлъун вахъарав Георгий Схиртладзеца.
ЛъугIана гугари. Ва Дагъистаналдаса гугарухъан тIоцебесеб нухалда вахъана дунялалъул чемпионлъун. Дунялалъул чемпионаталда ГIалил тIоцебесеб бергьенлъи рикIкIине бегьула Дагъистаналъул гугарухъабазда бергьенлъабазде нух бихьизабураб цIвалъун. Амма машгьурлъиялъги бергьенлъабазги гIамал хисичIо ГIалил. РакI-ракIалъ рохелгицин загьир гьабулароан гьес. ЦIарги машгьурлъиги гьес жиндиего пайдаялъе кибниги хIалтIизабунги батиларо. Гьеб букIана унго-унгояв магIаруласул хасият.
Юрий Шагьмурадовасул «Наш Али» абураб тIехьалдаса