ХIалтIиги гIарацги

Россиялда «Земский тохтур» программа хIалтIизе байбихьана 2012 соналдаса нахъе. Росабалъе хIалтIизе арал тохтурзабазе миллион гъурущ, фельдшеразе -500 азарго гъурущ кьола хIукуматалъ. Рорхатал мугIрузул росабалъе аразе, бакIалъухъ балагьун 1,5 миллион ва фельдшеразе 750 азарго гъурущги буго бихьизабун.

Аза-азар медицинаялъул хIалтIухъан ана гьедин рикIкIадал районаздегун, росабалъе  хIалтIизе.

Жакъа къоялде «Земский тохтур» программаялда рекъон нилъер республикаялда 66  специалист хIалтIулев вуго. Гьезда гьоркьоса 53 — тохтур ва 13- медицинаялъул гьоркьохъев хIалтIухъан.  

Дагъистаналъул сахлъи цIуниялъул министерствоялъ гьабсагIатги къабул гьарулел руго росабалъе (росу, шагьар, поселок букIа 50 азарго чи гIечIеб бакI букIине ккола гьеб) хIалтIизе ине бокьарал ва  гьезул сияхIалда 182 специалистасе бихьизабураб бакI буго .

ГIарцулаб кумек букIин гуребги,  гьеб программаялъул  лъикIаб рахъ буго ригьалъул гIорхъичIвай гьечIолъиги. Нилъеда лъала, хIалтIи балагьулаго тIоцебе сонал ва хIалтIизе бугеб бажари цIехолеблъи.

2022 соналдаса нахъе гIарцулаб кумек щвезе ккани, росбалъе гочинецин кколел гьечIо. ЦIализе шагьаралде арал гIолилал жидерго росулъе хIалтIизе тIадруссаниги гIолин хъвалеб буго социалия гьиназда.  Гьеб рохизе ккараб хIужаги буго, росбалъ хIалтIизе бакIалги ругони, лъикIал шартIалги ругони, гIадамаз жидерго рукъги ракьги рехун теларо.

Шагьаралдаса — ЦIунтIе

«Земский тохтур» пачалихъияб программаялда рекъон, чанги тохтур  ва медицинаялъул гьоркьохъев хIалтIухъан вуго  магIарул росабалъ хIалтIулев.  Гьединазул цояй ккола ЦIунтIа районалъул Кидеро централияб больницаялда бетIерай тохтуралъул заместитель ва акушер-гинеколог  Хадижат ГIалихазумова.

Хадижат гьаюна Болъихъ районалъул Гъодобери росулъ. Къисматалъ  гьей ячана ЛъаратIа районалде, гьение росасе ана.

 16 соналъ хIалтIана Хадижат ЛъаратIа районалъул централияб больницаялда батIи-батIиял хъулухъазда. 2007 соналдаса 2019 соналде щвезегIан нухмалъи гьабуна  ЛъаратIа районалъул родильнияб отделениялъе ва цадахъго хIалтIана акушер-гинекологлъун.  

Гьелъ лъугIизабуна Волгоградалъул медицинаялъул универститет. Гьенибго лъугIизабуна акушерствоялъул ва гинекологиялъул ординатураги.

ЛъагIелгIан заман буго Хадижат шагьаралдаса  рикIкIадаб ЦIунтIа районалде хIалтIизе аралдаса. Жийго магIарухъе иналъул, гьенир ругел шартIазул, хIалтIул  хIакъалъулъ бицана нижее Хадижатица:

— Цееккун дун хIалтIулей йикIана ЛъаратIа районалъул централияб больницаялда родильнияб отделениялъул нухмалъулейлъун. КIиго соналъ цее  гочана МахIачхъала шагьаралде ва «Акрополь» клиникаялда хIалтIулей йикIана акушер-гинекологлъун ва узи гьабулей  тохтурлъун. Араб соналда дир лъай-хъвай ккана ЦIунтIа районалъул централияб больницаялъул бетIерай тохтур Мадинат Рамазановнаялъулгун. Гьелъ гьесизаюна дун  «Земский тохтур» программаялда рекъон хIалтIизе ЦIунтIа районалде гочине. Гьедин  араб соналдаса нахъе дун ЦIунтIа районалда хIалтIулей йиго узи-тохтурлъун  ва больницаялъул бетIерай тохтуралъул сах гьариялъул рахъалъ заместительлъун.

-Районалъул гIадамаз, коллективалъ кин мун къабул гьаюрай?

— ГIадамазул лъикIлъи бихьани, гьаниса нахъего ине бокьиларо. Коллективги буго цIакъ лъикIаб, жидерго хIалтIиги лъалел, гьудуллъиялъулаб бербалагьиги бугеб. Дидаги гьез берцинаб дандчIвай гьабуна. Коллективалда гIемерисел руго республика бахун къватIир цIаларал, хIалтIарал, хIалбихьи бугел специалистал. Жидерго ватIаналде тIадруссун, гьенир хIалтIулел руго гьел.

-ХIалтIуда шартIал ругищ? Жаний чIезе рукъ-бакI кьунищ?

-ХIалтIуда шартIал квешал гьечIо, кинабго лъикI буго.  Рукъалъул суал дагьаб захIматго тIубанин абизе бегьула. Больницаялда аскIоса гIебеде рукъ букIана дие бихьизабун. Гьенир шартIал рукIинчIо, гьединлъидал дица рикIкIад бугониги, Гьигьалъ росулъ батана данде ккараб бакI, рукъ гьениб ккуна.    Радал-бакъанида, гIемерисеб мехалда йилълъун уна Гьигьалъ росулъа Кидерое хIалтIуде. Лъабго километралъул манзил буго кIиябго росадада гьоркьоб.  Дицаго гIарацго кьола рукъалъухъ, кьуниги гьенир дие данде кколел шартIал руго.

— Хадижат, харжалъул рахъ босани, шагьаралдайищ цIикIкIун щолеб букIараб, гьенибищ щолеб?

— Путиница тIаде биччараб гIарацги рикIкIун, харж гьаниб цIикIкIун щола.

— «Земский тохтур» программаялда рекъон  кигIан гIарац кьураб ва  заманалда щванищ гьеб?

— ХIалтIизе лъугьун, къотIи-къай хъван кIиго-лъабго анкь иналде гIарац бачIана. МугIрузул борхалъуда букIиналъул рахъги хIисабалде босун, миллионгун бащдаб щвана дие.

— РакI бухIанищ гьение хIалтIизе иналдаса?

Гьеб буго дагьаб захIматаб суал. РакIги бухIичIо, амма лъималаздаса дагьай рикIкIад йикIиналъ рекIее рахIат букIунаро.

КIиго вас ва щуго сон барай яс йиго дир. КIудияв вас цIалулев вуго Политехникияб университеталда, гьитIинав вас цIалулев вуго 11 классалда. Гьел руго шагьаралда. Дица цадахъ ячун йикIана яс, гьание ясли-ахалде йитIилин абун. Амма гьеб суал дагьаб захIмалъана нижее. Яслиялда бакIги щвечIого, щибаб къоялъ хIалтIуде нахъе цадахъ ячине ккана дица гьей.

Гьелъиеги диеги бигьаго букIинчIо гьедин хьвадизе.

-Отпускалъ ине бегьулищ? Хъизан-лъималазухъе ине, гьел  рихьизе рес щолищ?

— Отпускалъги ине бегьула. Шагьаралда тохтурзабазул семинарал, нижее рихьизарурал данделъаби ругони,  гьениеги уна. Больницаялъул нухмалъи  бичIчIи бугеб, кумекалъе ратулел руго.

— Къоялъ чан чи вачIунев духъе хал гьабизе?

— АнцIгоялдаса цIикIкIун чи вукIуна щибаб къоялъ.

-Щуго сон ун хадуб, гьенийго хIалтIизе чIайин абуни, бокьилаанищ чIезе.

— Бокьиларин ккола. Хадуб щиб ккелеб лъаларо.

— Мунго гIадин гьаб программаялда рекъон хIалтIизе инин ккаразда щиб дуца абилеб? Унищ лъикI хIалтIизе, инчIогойищ?

— Дида ккола хIалтIизе бокьарав чиясе лъикIаб, санагIат программа бугин гьаб. Заманги гIезегIан хехго унеб буго, гьединлъидал бегьулареб хIалтIи гуро гьаб.

 

ПатIимат МухIамаева