106 ополченцасе — Бихьинчилъиялъул орден
Болъихъ росулъ рагьана КIудияб ВатIанияб рагъдаги, Афгъанистаналдаги, 1999 соналъул рагъулал лъугьа-бахъиназдаги хварал ракьцоязул хIурматалда бараб памятник.
Гьеб рагьиялъул байрамалда гIахьаллъана ДРялъул бетIер Владимир Васильевги. Гьес ракIалдещвезаруна 20 соналъ цере ккарал лъугьа-бахъиналги магIарулаз бихьизабураб бахIарчилъиги ва гьадин бицана: «106 ополченцасе кьуна Бихьинчилъиялъул орден, 42-ясе – «ВатIаналъе гIоло гьабураб хъулухъалъухъ» абураб орденалъул II-абилеб даражаялъул медаль, 16 чиясе – «КъвакIиялъухъ» абураб медаль, нус-нус дагъистаниясе кьуна республикаялъул шапакъатал, микьго дагъистанияв мустахIикълъана Россиялъул БахIарчи абураб цIаралъе. Гьел лъугьа-бахъиназул заманалда ЦIумада, Болъихъ ва ЦIияб Лак районазул гIадамазе ккана кIудияб зарал. Россиялъул президентас кьуна дагъистаниязул бахIарчилъиялъе кIудияб къимат. Дун чIухIарав вуго жакъа доб заманалъул бахIарчиял лъугьа-бахъиназул гIахьалчагIазе шапакъатал кьезе рес щвеялдаса. Дир ракIчIола, цадахърекъон хIалтIани, нилъехъа бажаризе буго Дагъистан цебетIезабиялъул мурадалда гIемерал ишал гьаризе», — ян.
Ополченцазе
шапакъатал кьуна
Байрамалъул данделъиялда Болъихъ районалъул бетIер МухIамад ПатхIулаевас баркала кьуна В. Васильевасе – районалъе гьабулеб бугеб квербакъиялъухъги кумекалъухъги. Цинги Владимир Васильевас абуна: «Нилъеца кIодо гьабулеб буго кIудияб кIваралъул лъугьа-бахъин. Расул ХIамзатовас доб мехалда абун букIана нилъехъе рачIунел хъачагъазе бокьун букIанин Дагъистан дагъистанияздаса эркен гьабизеян абун. Халкъалдаги лъикI бичIчIулеб букIана лъугьа-бахъунелъул магIна. Нужеца гIуцIана лъикIлъиялдаса квешлъи батIабахъулеб фронт. Баркала нужее», — ян.
Республикаялъул бетIерас бицана дагъистаниязул гIумруялъе шартIал гIуцIиялъул мурадалда тIоритIулел тадбиразулги, гIумруялде рахъинарулел проектазулги ва гьел гIумруялде рахъинариялъе меценатазул гIахьаллъиялъулги хIакъалъулъ. «Гьединаб цадахъаб хIаракаталдалъун къачIана ва рана цIиял школал. Гьеле гьеб хIалтIиялъги нужер бахIарчияб гьунаралъги цолъизарула нилъ ва гьедин лъугьуна гъункараб халкъ. Президентасги кIвар кьола нилъеде. Нилъеца гьабулеб ишалъе кумекги гьабула гьес», — ан бицана Владимир Васильевас ва медалал кьуна ЦIумадагун Болъихъ районаздаса ополченцазе.
Муса Азаев