Гьал къоязда ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул министерствоялда хIукуматалъул председателасул заместитель Нариман ГIабдулмутIалибовасул нухмалъиялда гъоркь тIобитIана социалиял идарабазде гьитIичазе кьезе кванил нигIматал росиялъул рахъалъ суалал рорхараб данделъи. Гьелъул аслияб мурад букIана МахIачхъалаялъул социалиял идарабазде ричун росулел нигIматал жидехъ кьураб багьаялде дандекколареб, къадараб бати ва тIокIалъ гьединал хIужаби ккеларедухъ хIалтIи гIуцIи.
Данделъиялда гIахьаллъана ДРялъул Росдал магIишаталъул ва кванил нигIматазул, ЗахIматалъул ва социалияб цебетIеялъул, Лъай кьеялъул, Сахлъи цIуниялъул, Спорталъул министерствабазул хIалтIухъаби, гьединго ДРялъул госзакупкабазул комитеталъул, Роспотребнадзоралъул, Россельхознадзоралъул, ЖамгIияб палатаялъул вакилзаби.
ЦебегIанги школаздагун яслиахазда лъималазул сахлъиялъе заралиял жал гъорлъ жубараб, учузаб нах кванилъ хIалтIизабулеб батун, ДРялда бугеб Россиялъул ЦIех-рехалъул управлениялъ уголовнияб дело рагьун букIана «МахIачхъалапродукт» абураб муниципалияб идараялъул рукIарал нухмалъулезда тIад. Гьез лъай кьеялъул идарабазде щвезабулеб нигIматалъул къадаралъул ва даражаялъул халгьабичIого, школаздегун ясли-ахазде кванил нигIматал росулел хIалтIухъабигун къотIикъайги гьабун ришватал росулел ругин абураб гIайиб гIунтIизабулеб букIана.
Лъималазул сахлъиялда барахщичIого, жидеего хайир кколедухъ, гьезул кванилъ хIилла-рекIкI гьабулел какун ва гьеб ришватчилъи цIикIкIараб пиша роцIинабизе мурадгун кIвар бугеб масъала борхана ДРялъул ЖамгIияб палатаялъул председателасул кумекчи ГIалибег ГIалиевас.
Гьес бицана щарил нахинги абун бичулеб пальмаялъул нах гъорлъ жубараб, нахуда релълъараб жо, базаралда бичулелдаса кIиго нухалъ хираго бичулеб батанин пачалихъиял лъай кьеялъул идарабазе. Гьеб нах лъималазул сахлъиялъе заралияб букIин чIезабуна Роспотребнадзоралъги. Гьес бихьизабуна, 23 октябралда ДРялъул бетIер Сергей Меликовасги социалиял идарабазе росулел кванил нигIматазул даража какараблъи.
ГIалибег ГIалиевас данделъиялда гIахьаллъарал министерствабазул хIалтIухъабазда цебе суал борхана росдал магIишаталъул рахъалъ цебетIураб, 2022 соналда 853 азаргогIанасеб гIака хьихьараб, 940 000 тонна рахь кьолеб республикаялда лъималазе квание хIалтIизаризе рахьдал нигIматал цогидал республикабаздаса щай росизе кколелин абун.
Гьеб масъалаялда тIаса ГI. ГIалиевас гьадин бицана «ХIакъикъат» газеталъе:
Лъималазул сахлъиялде кIвар кьолеб гьечIо
— Нилъер лъималазул сахлъи цIуниялъул кIвар бугеб данделъи тIобитIана ДРялъул Росдал ма гIишаталъул министерствоялда. Гьенире ахIун рукIарал лъималазул сахлъиялдаги, гIумру гьабиялъул даражаялдаги хурхарал министерствабазул нухмалъулел рачIинчIо.
Лъималазе квен гьабизелъун нигIматал ричун росулеб идараялдайин абуни рукIине ккола гIицIго щолеб харжалъул пикру гьабулел хIакимзаби гурел, унго-унгоги лъималазул сахлъиялъул ургъел гьабулел, гьеб суалалъ ракI унтарал гIадамал. Жидерго лъималазде гIадаб бербалагьи букIине ккола гьезул ясли-ахазул ва школазул лъималаздехун.
Кванил нигIматазда бараб буго лъималазул сахлъи. Гьеб жагъаллъани, лъимал цIалулъги нахъе ккола, цогидал захIмалъабиги раккула.
Лъималазул сахлъи цIуниялъул суалал рорхараб данделъиялде рачIинчIо ДРялъул я сахлъи цIу ниялъул, я лъай кьеялъул, я захIматалъулгун социалияб цебе тIеялъул министрал.
Лъай кьеялъул идарабазде нилъерго республикаялда гьабулеб бацIцIадаб нигIмат босизе квалквал гьабулеб буго ишги лъаларел, хIалтIизеги бажаруларел чагIаз. Лъиего балъгояб жо гуро гьеб идараялъул нухмалъиялде гIадатиял гIадамал кколареблъиги.
Лъималазе квен гьабизелъун нигIматал ричун росулеб идараялдайин абуни рукIине ккола гIицIго щолеб харжалъул пикру гьабулел хIакимзаби гурел, унго-унгоги лъималазул сахлъиялъул ургъел гьабулел, гьеб суалалъ ракI унтарал гIадамал. Жидерго лъималазде гIадаб бербалагьи букIине ккола гьезул ясли-ахазул ва школазул лъималаздехун.
Докладал хIажат гьечIо
Исана пачалихъалъ «МахIачхъалапродукталъе» 800 миллион гъурущ биччан букIана лъималазул ахазде хьвадулезе ва школлъималазе мадараб квен босизе.
Цебеги гьеб суал гIемер борхулаан дица. Аслияб жо буго лъималазе квен босулеб бакIалда рукIине кколел хIалтIухъабазул суал. Нижеца гIуцIана жамгIияб совет. Лъималазул ахазда, школазда кинаб квен кьолеб бугебали халгьабулел экспертал тIаса рищана.
Баркала буго Нариман ГIабдулмутIалибовасе дица борхараб суалалъухъги гIинтIамун, лъималазул кванил ва сахлъиялъул хIакъалъулъ кIвар бугеб данделъи тIобитIаралъухъ. Гьеб данделъиялдаса хадубги хIукму гьабуна, лъималазул сахлъиялъе зарал бугел нигIматал школаздагун ясли-ахазда хIалтIизариялъул хIужаби тIокIалъ такрарлъиларедухъ хIалтIи гьабизе.
Вице-премьерас лъазабуна гьеб суалалде тIокIалъ тIадруссинаредухъ чIванкъотIараб хIукму гьабулеб цоги данделъи тIобитIизе бугин.
Гьес абуна, лъималазул сахлъиялъе заралги гьабун, гьелдаса хайир босулел Аллагьасукьа хIинкъизе кколин. Гьеб суалалда тIасан данделъиялда докладал цIаларал министерствабазул ва цогидал идарабазул вакилзабазда Н. ГIабдулмутIалибовас абуна, нужер докладал хIажат гьечIин, лъималазул кванирукъал унтичIого рукIиналъе хIалтIи гьабизе кколин абун.
«МахIачхъалапродукталъул» цIияв нухмалъулевгунги кIалъана дун. Дие рекIее гIуна гьесул пикрабиги хIалтIудехун бугеб бербалагьиги. Гьесие квербакъи гьабизе буго дицаги. Гьес рагIи кьуна лъималазул сахлъиялъе гIоло хIалтIи ракIбацIцIадго гьабизе ва социалиял идарабазе бо сулеб кванил нигIматалъул даражаялда хадуб халкквезе.
Нилъерго гьаниб гьабураб щай босулареб?
Ахираб 15 соналда жаниб рахьдал нигIматал гьарулел нилъерго республикаялдаса предпринимателал школазде нигIматал росизелъун производителазда гьоркьоб тIобитIулеб конкурсалда бергьине толел гьечIо.
Ахираб 15 соналда жаниб рахьдал нигIматал гьарулел нилъерго республикаялдаса предпринимателал школазде нигIматал росизелъун производителазда гьоркьоб тIобитIулеб конкурсалда бергьине толел гьечIо. Гьеб буго гIемерал соназда намус гьечIел нухмалъулез хIалтIизабулеб бугеб, ругьунлъараб къагIида. Нилъерго производителал гьоркьоре ккеларедухъ ургъараб къагIида буго гьеб.
Гьеб буго гIемерал соназда намус гьечIел нухмалъулез хIалтIизабулеб бугеб, ругьунлъараб къагIида. Нилъерго производителал гьоркьоре ккеларедухъ ургъараб къагIида буго гьеб.
Гьел конкурсаздаги бергьуна Дагъистаналда дандеккун гIезегIанго дагьаб къадаралда гIачи хьихьараб (123000 гIака) Кабардино-Балкариялъул производителал. Гьедин босулеб нигIматги учузаб букIуна. Учузлъиялъе гIиллалъунги ккола унго-унгоял нигIматазул бакIалда ба къвазабураб рахь ва пальмаялъулаб жубараб нах босулеб букIин.
Гьединго Дагъистаналъул лъимал кваназаризе Удмуртиялдаса баччулеб батана рахьдал нигIмат. Ришватчилъиялъул къагIидаялда нигI матал росун ругьуназ нилъе р производителал аскIоре къазе толаро, нилъерго гьаниб гьабураб бацIцIадаб нигIмат босани, гьезие гIарац тIокIлъуларелъул.
НигIматал росулеб идараялъ тендер тIобитIулеб мехалда, гIада тияздаса гIодорегIанал багьаби хъвалел руго. Гьединаб багьаялде нигIмат бичун нилъер производителазе хайирги щоларо.
Нилъер производителал хIадур руго жидерго нигIматал учузго ричизе, жидеегоги зарал кколареб хIалалда. БоцIуе кьолеб кормаялъухъги, нигIматал гьарулаго гьезда тIад гьабураб харжги рикIкIун, гьелдаса гIодобе кколареб багьаялде бичизе хIадур руго гьел.
Дица данделъиялдаги абуна лъикIаблъун букIинин анцIго соналдасаги цIикIкIун заманаялъ нигIматал ричулел ругел, щаклъи гьечIел производителал гурони къецалда гьоркьоре къазе риччачIониян.
Бегьула гьезул нигIматазухъ халгьабулеб хасаб комиссия гIуцIизеги.
ПатIимат СУЛТIАНМУХIАМАДОВА