«Росабалъ тохтурал гIолел гьечIо»

ДРялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ тохтурзабигун фель- дшерал ахIулел руго «Земский доктор» программаялда рекъон хIалтIизе. Медицинаялъул учреждениязде рикIкIадал росабалъе хIалтIизе унел ругони, цо миллионгун бащдаб тохтурзабазеги, 750 азарго гъурущ фель- дшеразеги кьолеб буго. АскIоса гIебеде ругел районаздегун росабалъе унел ругони, цо миллион гъурущ кьолеб буго тохтурасе.

Гьедин бицана талат къоялъ «Дагправдаялъул» редакциялда тIобитIараб пресс-конференциялда ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ. 2012 соналдаса нахъе хIалтIулеб буго «Земский доктор» программа. Гьеб заманалда жанив, 2022 соналде щвезегIан хIалтIудалъун хьезавун вуго 1800 чи. Жакъаги специалистал гIолел гьечIо ва хIалтIи къваригIарал гьеб программаялда рекъон росабалъегун районазде хIалтIизе ин буго нижер мурад. ГIолел гьечIо гIемерал батIи-батIияб специализациялъул тохтурал: педиатрал, реаниматологал, наркологал, кардиологал. Кинав специалист вугониги, гьесие хIалтIи буго гьабсагIаталда Дагъистаналда.
Аслияб масъала ккола тIаса бищараб районалде щуго соналъ хIалтIизе унел ругин къотIи-къай хъвай. Цебе ригьалъухъ балагьулел рукIарал ратани, гьанже гьелъухъги балагьулел гьечIо. ГIолохъанал, херал батIалъи гьечIого, хIалтIизе гъира бугев чи министерствоялде вачIине бегьула. Гьениб нижеца гьесие кинабго баян гьабила, документалги цIезарун, гьев чи бокьараб больницаялде, бо- кьараб росулъе хIалтIизе ина», — ян бицана министралъ.
Тохтурал гIоларел районазда гьоркьор гьелъ рехсана МухIарамкент, Дахадаев, Табасаран, Дербент, ЧIарада районазулги, Хасавюрт, Гъизилюрт шагьаразул больницабиги.

ПатIимат МУХIАМАЕВА