РФялъул президентас гъолбасана пенсиялъул реформаялда бан хIадурарал законазда гъоркь
2018 соналъул 27 сентябралда Пачалихъияб Думаялъ къабул гьабуна ва лъабабилеб октябралда Федерациялъул Советалъ тасдикъ гьабуна «РФялда пенсия чIезабиялдаги гьеб кьеялдаги бан цо-цо законалъул актазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ» абураб закон. Гьал къоязда гьеб законалда гъоркь гъолбасана улкаялъул президент Владимир Путиница.
ЦIияб закон къабул гьабиялъул хIасилалда хиса-басиял гьаризе ккана цогидал законаздаги. Гьединлъидал рехсараб законалда цадахъ Путиница гъолбасана гьадинал законазда гъоркьги: «РФялъул пенсиялъул фондалъул хайиразулаб бутIа гIатIид гьабиялъул бутIаялда хъинтIулел РФялъул бюджеталъул кодексалъул 46-абилебги 146-абилебги статьяябазда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ», «Социалияб рахъалъ хьезариялъул бищун дагьал роценазул бицунеб конвенциялъул (конвенции № 102) ратификация гьабиялъул хIакъалъулъ», «РФялъул ЗахIматалъул кодексалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ», «РФялъул Уголовнияб кодексалда хиса-басиял гьариялъул хIакъалъулъ».
Пенсиялъул ригь цIикIкIинаби
Пенсиялъул ригь цIикIкIинабиялда бан кIудияб ахIи бахъана Россиялда. ГIуцIун рукIана митингал, дандечIеялъул батIи-батIиял тадбирал, амма гьелъул хIасилго ккечIин абуни, мекъи ккеларо.
Нижеца цебеккун хъван букIана, пенсиялъул ригь цIикIкIинабизе бугин абун: руччаби пенсиялде ине руго 60 сон байдал ва бихьинал – 65 сонил ригьалде рахиндал. Федерациялъул советалда гьеб законалъул рахъккуна 149 сенаторас, гьелде дандечIана щугояв. Гьедин къабул гьабураб цIияб законалда рекъон, 2019-2023 соназда, ай лъагIалидаса лъагIалиде пенсиялъул ригь цIикIкIинабизе буго.
Болжал тIаде щвелалде пенсиялде ине ихтияр букIине буго 42 соналъул захIматалъул стаж бугев бихьинчиясеги 37 сонил стаж бугей чIужугIаданалъеги. Пенсиялъул нахъраталилаб бутIа (накопительная) кьезе байбихьизе буго 55 сон бараб мехалда руччабазеги 60 сон барал бихьиназеги.
ТамихIалде цIазе руго
РФялъул «Пенсиялъул хIакъалъулъ» законалда рекъон, пенсиялда цебесеб ригьалъул чилъун рикIкIине вуго страховияб, ай херлъиялда бан кьолеб пенсия босизе щуго лъагIел хутIарав чи. Гьеб ригьалде гIагарлъулев хIалтIухъан хIалтIудаса нахъе витIизе ихтияралдаса махIрум гьарулел руго идарабазул, предприятиязул ва гIуцIабазул нухмалъулел.
Пенсиялде ине заман щолев чи, кьучIаб гIилла гьечIого, хIалтIудаса вахъани яги хIалтIуде восизе инкар гьабуни, хIалтIикьолесухъа бахъизе буго 200 азарго гъуруш гIакIа, яги предприятиялъул (идараялъул) нухмалъулесул 18 моцIрол харж, ялъуни гьев хIалтIизавизе вуго 360 сагIаталъ. Гьединаб закон къабул гьабуна РФялъул Пачалихъияб Думаялъ, тасдикъ гьабуна Федерациялъул Советалъ ва гъолбасана президентас.
Пенсия босизе бегьула 55 яги
60 сон байдалги
Цебеккун букIараб низамалда рекъон, 55 сон барай чIужугIаданалъги 60 сон барав бихьинчиясги босизе бегьула пенсия. Амма ихтияр буго гIицIго пенсиялъул нахъраталилаб бутIа ва пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалдаса (НПФ) гьеб босизе. Президентас гъолбасараб цIияб законалда рекъон, тIасияб соналъул январалдаса нахъе цIикIкIинабизе буго пенсиялъул ригь. Амма пачалихъияб гуреб пенсиялъул фондалъулгун къотIи гьабурал ва нахъраталилаб бутIаялде процентал данде ракIарарал гIадамазе рес буго 60 яги 65 сон базегIан чIечIого, нахъраталилаб бутIаялъул гIарац нахъе босизе. ГьабсагIаталда гIадамазе кьолеб гьечIо пачалихъияб пенсиялъул фондалъул (ПФР) нахъраталил бутIаялда данделъараб гIарац. Абулеб буго, ПФРалъул счеталда бугеб нахъраталил бутIаялъул индексация гьабизе бугин, амма пенсиялдалъун хьезариялъул пачалихъияб гуреб фондалдаса (НПФ) гIарцул индексация гьабуларин. Гьеб рикIкIуна гIадамаз жидеего бокьун гIуцIулеб пенсиялъул фонд ва гьелъухъ жавабчилъи пачалихъалъ жиндаго тIаде босуларо.
ЧарагьечIеб диспансеризация
Пенсиялъул ва пенсиялда цебесеб ригьалъул гIадамазул чарагьечIого гьабизе буго диспансеризация. Гьелда бан къабул гьабураб цIияб законалда рекъон, щивасул ихтияр буго лъабго лъагIалида жаниб цоцIул ва кIиго хIалтIул къоялъ поликлиникаялде ине ва жиндирго сахлъиялъул халгьабизе. Пуланав чи хIалтIуда гьечIин абун, гьев поликлиникаялде араб къоялъухъ цIунизе буго харж. МахIрум гьавизе бегьуларо гьев хIалтIудасаги (хIалтIуда камунилан гIиллагун). ХIалтIухъанас жиндир идараялъул нухмалъулесда цебеккунго лъазабизе ккола, поликлиникаялде ине вугилан.
ХIадурана
Кавсарат
Сулеймановалъ.
ХIалтIизаруна «gazeta19.ru», «interfax.ru» сайтаздаса баянал.