ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов: «450 азарго гIиялъажо хьихьун буго гIицIго Нугъай районалда»
ИчIабилеб октябралда «Дагъистан» РИАялда журналисталгун дандчIвана ДРялъул росдал магIишаталъулгун кванил нигIматазул министрасул ишал тIуралев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимов. Гьес бицана республикаялъул росдал магIишаталъул цебетIеялъулги Москваялда выставкаялда церелъезе ругел нигIматазулги хIакъалъулъ.
«Выставка-ярмаркаялда гIахьаллъизе буго 70-ялдаса цIикIкIун РФялъул субъект. Нилъее кьун буго кIиго павильон. Гьел къачIазе руго Нарин-хъалаялъул сипаталда.
Исана рагьана Гъизляралда пиринчIги гIиял хIанги хIадур гьарулел цехал. Гьелъул нигIматал рекъонккола ГОСТалда. Дагьалъ цебе Бакуялда тIобитIана Россиялъулгун Азербайжаналъул экономикияб форум. Дида аскIоре рачIун рукIана Бакуялъул предпринимателал, ва гьез цIехолеб букIана нилъер пиринчI. Гьелъул батIи-батIиял тайпабицин лъалел ругоан гьезда. Исана пиринчIалъул лъикIаб бачIинги щвана – жеги бакIарулебги буго гьеб. Краснодаралъул пиринчIалдасаги лъикIаблъун ва тIагIамаблъун рикIкIуна гьеб Россиялда. Исана нилъеца пиринчI бекьана 18,5 азарго гектаралда. Хадубккун гьеб жеги цIикIкIинабизе ракIалда буго. РакIалда буго Гъизляр районалъул Сарсар росулъ бугеб «Нива» агрофирмаялдаги пиринчIалъул цех рагьизе. Цо-кIиго лъагIалидасан Россиялда бекьулеб пиринчIалъул 70-80 процент букIине буго Дагъистаналда ва гьеб хIадуризеги буго гьанибго. Гьединго выставкаялда букIине буго «Денеб», «Мевер», «КIикIуни» ва цогидалги фирмабазул нигIматалги.
Гьединлъидал Россиялда нилъер кванил нигIматал цIакъ машгьурлъун руго. ГIиял гьан ккола Дагъистаналъул бренд. Россиялъул субъектазда гьоркьоб гIицIго Дагъистаналъул гIиял гьан бичулеб буго къватIисел улкабазда. Нилъеца Ираналъе бичана гьелъул 3,8 азарго тонна. Жеги 800 тонна чIегIерхIайваналъул гьаналги къваригIун бугин абулеб буго гьез. Гьелда бан хIадур гьабун буго хасаб проектги. Ставрополь краялъулгун ва Калмыкиялъулгун къотIи гьабизе буго саранчаялде данде цадахъаб рагъ баялъул хIакъалъулъ.
Бокьун буго цIигьабизе Червленые Буруны росулъ букIараб госплемзавод – гьениб гIезабизе буго Грозненская абураб тIеренаб квасулаб тайпаялъул гIи. Гьединаб гIиял нусгогIан бетIер хутIун батана Ставрополалда. Гьелъул хIакъалъулъги къотIи гьабизе ракIалда буго Москваялда», — ян бицана ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовас.
Журналистазул суалазе жавабал
— Кинаб батIалъи бугеб Москваялде росулелги нилъер базаралда ричулелги кванил нигIматазда гьоркьоб?
— КинабгIаги батIалъи гьечIо. Цого гьанги, чагъирги, лимонадалгун сокалги. Нилъер тIабигIаталъул хаслъиялъул хIасил буго гьеб. Масала, Кубанская буренка яги Белоруссиялъул рахьдал нигIматал – моцIал рала гьез холодильникалъур лъун. Гъизлярагрокомплексалъул нигIматаз гьениб анкь баларо. Щай? Химикаталги консерванталги хIалтIизарулел гьечIелъул.
Нилъер буго пекарнябазул масъала. Ролъ гIезабула Ставрополалда. Гьенирго руго гьабалги. Ставрополалъул гьабихъ иргаялда чIун рукIуна нилъерал ва, ххун бахъарабго, гьеб щвезабула Дагъистаналде. Гьелъул гьабураб чедги букIуна даражалъул рахъалъ тIагIам гьечIеб. Чед букIуна жаниса тIубанго бежичIеб. Гьелда бан данделъи тIобитIун букIана дица. Пекарнялъул цо бетIергьанас бицана, жинца чанцIулго тIадруссинарунила ханждал цIурал КамАЗал. Ханждал чед гьабизе бегьула, гьабихъ ххун хадуб 10-ниги къо бараб мехалда.
Дун щвана Ставрополалдаса Нугъай районалъул Карагасалде щвезегIан – цониги гIиял рехъен дида бихьичIо гьениб. Нугъай районалда буго 450 азарго гIи – гочарулеб гIи-боцIухъанлъиялъул магIишатазул рикIкIинчIого. Гьединлъидал республикаялъул нухмалъиялъ цебелъолеб буго боцIи хъолел ва гьанал нигIматал гьарулелги, овощалгун пихъ цIунулелги бакIал (оптово-распределительный центр) хIадуриялъул масъала. Нилъеца хьихьараб боцIул 12-13 проценталъул гурони нигIматал гьаризе рес гьечIо Дагъистаналда. Гьединабго хIал буго пихъазулгун овощазул рахъалъги – гьечIо гьел цIунизе санагIатал бакIал. Масала, СтIал Сулейман районалда «Палас» ОООялда гIезабураб гIеч бичун босизе рачIуна Россиялдаса бизнесменал. Гьез гьеб босула 25 гъуршиде. Цо-кIиго моцIидасан 75 гъуршиде бичизе бугин гьебилан бицана дида цояс. БитIараб бугищха, 50 гъуруш къватIибе ккей? 300 азарго тонна пихъил ва овощазул хIалтIизабулеб бакI букIине ккола Дагъистаналда. Буго гIицIго 24-26 азарго тоннаялъе бакI. Исана «Палас» ОООялъ байбихьун буго 30 азарго тонна овощазул цIунулеб бакI базе. ТIадеялъул пихъ бакIарилалде, 2000 тоннаялъе бакI хIадуризе ккола. Гъарабудагъкент районалда базе буго логистияб центр – 30 азарго тоннаялъе гIураб.
— Грантал кьеялъул иш кин бугеб?
— Аслияб масъала ккола, рукIине кколеб куцалда документал хIадуризе бажарунгутIи. Гьудул-гьалмагълъиялъул яги гIагарлъи-божилъиялъул кьучIалда грантал кьоларо. Гьелъие рукIине ккола кьучIал документал. Гьезул халгьабула хасаб комиссиялъ. Росдал магIишаталъул нигIматал хIадурулел гIадамазе гIарцудалъун кумек гьабизе хIадур руго ниж. Тайпадулаб боцIи гIезабулезеги кумек гьабизе буго. Гьелъул хIакъалъулъ дица бицун букIана муниципалитетазул нухмалъулелгун дандчIвараб мехалдаги. ГьабсагIаталда халгьабулеб буго цересел соназда грантал кьурал гIадамаз гьелъухъ гьабураб хIалтIул. Документазда бихьизабухъе хIалтIизабичIеб гIарац пачалихъалъе тIадбуссинабизе ккела.
— МагIарухъ гIи хьихьулаан, гIицIго гьанае гIоло гуребги, гьелдаса къунцIараб квасуе гIологи. Квас бичун босулел контораби къана. Дагьлъана мугIрузул мучIдузда рукIарал гIиял рехъабиги. Гьеб рахъалъ кинаб хIалтIи гьабулеб бугеб министерствоялъ?
Квас чурулел предприятиял рукIана Невинномысскалдаги, Ульяновскалдаги, Днепропетровскалдаги. Улкаялдаго хIалтIуларо тIадагьаб промышленность. Гьебги буго квас босунгутIиялъе гIилла. Кинабго цIигьабизе ккола. ГьабсагIаталда квас босула Гъарачай-Чергесиялъул фабрикаялда. Гьенире хьвадула цо-цо дагъистаниялги. ГьечIо республикаялда, Хушеталда бугеб «Адам интернейшнл» компаниялъул цо гурони, квас чурулел цехал. Гьез квас битIула Подмосковьеялде. Квасги букIине ккола лъикIаб. Цересел гIиял тайпаби хутIун гьечIелъул (тIеренаб квасул), предприятиязул бутIрузе бокьулебги гьечIо квас босизе. Квас пачалихъалъе кьолел гIадамазе гIарцудалъун кумек гьабула хIукуматалъ. Амма рукIине ккола гьеб кьеялъул хIакъалъулъ документал.
Кавсарат Сулейманова