«ТIад чIвараб къоркъол тIамхица къотIараб хIетIе сахлъуларо»

 

Стрессазул гIасруян абула гьаб заманалда. Гьединлъидал гьанже баккун буго гIадамал психологазухъе унеб гIадатги. Гьедин дагьалъ цебе социалиял гьиназда Расул ГIалисултанов абулев психологасул страницаялде тIаде ккана дун.

Газеталъе гьесулгун гара-чIвари гьабизе ракIалдеги ккун, лъай-хъвай гьабидал, гьев ватана Лаваша районалъул Урма росулъа.

Гьадин байбихьана Расулилгун гара-чIвари.

 

— Дун гьавуна ва гIуна росулъ. ГьитIинаб къоялдаса нахъе дие бокьулаан литература цIализе. Дир эбелалъ 10 класс гурого лъугIизабичIо, амма гьей йиго кутакалда литература хирияй инсан. Гьелъго бижизабуна дирги гIурус литератураялде рокьи. Жакъаги лъабабилеб-ункъабилеб нухалъ тIатIала юссун цIалула гьелъ гIурусазул классиказул асарал. Рокъов цIалдолев чи вугеб мехалъ, лъималазулги хутIилищха рокьиги гъираги бижичIого. Хьолбохъ нижги чIезарун, асаразда тIасан накъиталги гьарулаан эбелалъ. Художествияб литература гуребги, нижер рокъоб цIалуаан психологиялъул тIахьалги. Масала, дир полкаялда руго жакъаги дица цIалулел, нижеца хъван, нижехъе рачIунел рукIарал психологиялъул хIакъалъулъ журналал.

Бищун цебе гьеб нух тIаса бищана дир яцалъ. Хадуб дирги гъира ккана. Гьанже нижеда ракIалда буго нижерго психологияб центр рагьизе. Дир цоги цIали буго – юридикияб. Гьеб нухалъ инеги рес букIана дир. Амма психологиялде цIикIкIун цIайи букIиналъ, гьаб цояб нухалъ анаха.

ЦIакъ кIвар бугеб жо ккола рекIее бокьараб хIалтIи-пиша тIаса бищи. Щолеб гIарцухъ балагьичIого, рекIее бокьараб, ракI бохизабулеб хIалтIи тIаса бищизе ккола. Унго-унголъунги бокьичIого гьабулеб хIалтIуца хадуб-хадубккунгIаги гIумруялда галгъенал лъечIого толаро. Гьеб сабаблъун рес буго хъизаналъулгунги, эбел-инсулгунги, гьудулзабазулгунги гьоркьоблъи хисизе, захIматаб бакIалде ккезе.

 

— Аслияб къагIидаялъ кинаб ригьалъул гIадамалгун мун хIалтIулев?

— Дун ккола психолог-гипнотерапевт. Ай, кумек гьабизе бегьула, медицинаялъул кумек хIажалъуларев бокьарав чиясе. Аслияб къагIидаялъ дун хIалтIула 18 сонил ригьалдаса тIадехун ругел гIадамалгун. Нижеца рагьизехъин бугеб централде лъикIа-лъикIал специалистазул къокъа бакIарулеб буго нижеца. Гьенив вукIине вуго лъималгун хIалтIулев психологги.

Аслияб куцалъ дихъе рачIуна самооценкаялда хурхараб суалгун. Гьеб буго щибав чиясе чара гьечIого хIажатаб жо. Гьелда бараб гIемераб букIуна. Дихъе рачIуна сункьаниги хIинкъа-къай бугел, эбел-инсулгун, хъизаналъулгун гьоркьоблъи захIматаб хIалалде ккарал гIадамал. Финансазда сверухъ раккулел гIузрабигунги хIалтIула дун.

Инсанасда гIумруялда жанир дандчIвалел гIузрабазул кьучIлъун рикIкIуна мекъаб самооценка. Ялъуни нилъго тIадегIан гьари, ялъуни цIакъго гIодорегIан гьари. Мекъаб самооценка буго хIатIалги гьечIого рилълъин гIадаб жо. Гьел «хIатIазе» дару гьабулел чагIи руго ниж – психологал. Аслияб къагIидаялъ ниж хIалтIула инсанасул самооценкагун.

 

— Нилъер республикаялда ахираб заманалда гIемерлъун руго ригьнал риххиял. Гьелъие аслияб гIиллалъун щиб дуца рикIкIунеб?

Дир пикруялда, аслияб гIиллалъун ккола хъизаналъул бугеб кIвар бичIчIилалдего гьеб гьаби. Ахираб заманалда нилъеда бихьулеб буго 18-19 сон барал гIолилаз хъизанал гIуцIулел рукIин. Дица абиларо гьеб квеш бугин. Амма букIине ккола гьелде хIадурлъиги, жавабчилъи бичIчIиги. Гьеб ригьалда гьезул гормонал хIалтIизе байбихьула. Амма хъизан гIуцIун цо-кIиго моцI индал, гъуждузде тIаде ккараб жавабчилъи бичIчIидал, байбихьула гIузраби раккизе. Сахаб хъизан гIуцIизе ккани, инсанасл рекIел хIалги букIине ккола сахаб.

Кинаб букIаниги психологияб галгъен камурав чи вукIунаро. Гьеб сах гьабичIел чагIаз жиндиегоги сверухъ ругезеги ритIухъаб къимат кьоларо. Сверухъ бугелъе букIине кколеб къимат кьезе бажарунарев чияс сахаб хъизан гIуцIунги бажаринищха.

Масала, цо пуланав 18-19 сон барав васас ячуней йиго рокьи ккун яс. Байбихьудасанго, гормоналги хIалтIун, гьесда рокьи тун батIияб жо бихьулеб букIунаро. Гьей ячинегIан гьев гьей ясалъухъ валагьула йикIинесей лъадиялъухъ гIадин гурей, гормоналгун хIалтIизе бегьулей чIужуялъухъ гIадин. Гьелдасан бихьулеб гьечIищ гьев васас гьей ясалъе ритIухъаб къимат кьолеб гьечIеблъи. Хадуб, кинабго жидедаго ракIалде кковухъе батичIеб мехалъ, гьел ургъизе байбихьула: цадахъ жидерго гIунгутIабазда тIаддай хIалтIилел ялъуни ригьин биххизедай гьабилеб. ГIемерисез тIаса бищула ригьин биххизаби.

Гьединго, нилъерго хъизан гIуцIиялъул къагIида нилъеца босула нилъерго эбел-инсул букIараб гIадаб. Эбел-инсуца гьоркьоблъи гIуцIараб къагIида кидаго гуро битIараб букIунеб. ГIелалги заманаги хисулебго гIадин, гьебги хисула. Жидерго эбел-инсул гьоркьоблъиялъул моделал ритIаралищ тIекъалищ ругелали къимат кьун бажарунаро гьезда. КIиго гьединав чи дандчIвараб мехалъ сахаб хъизанги букIинищха. Гьел гIузраби наслабаз наслабазухъе кьун уна. Психологиялда гьелда абула «Негативный поколенческий сценарий» — ян.

 

— Гьединал ригьназде гьоркьоре эбел-эменги лъугьуна. Гьелъул кумекищ бугеб ялъуни квалквалищ?

— Дагьа- дагьабгIаги халкквеялъул зарал букIунаро, гьел цIакъго гIолохъанал ругониги. Амма гьелъул гIурхъи бахани, гьелъ, узухъда, зарал гьабиларищха. ГIурхъи бахинчIогоги къанагIатги хутIуларо. Бищун лъикIаб буго, щивниги гьоркьове лъугьиннчIого чIани. Гьединлъидалин, хъизанги гIакълуги бичIчIиги цIубараб гIужалда гьабуни лъикIаб букIунеб. Дир пикруялда, хъизанал риххиялъул кIиго аслияб гIиллалъун ккола гIакълу цIубалалде, цIакъго гIолохъанго ригьнал гьари ва гьел ригьназде гьоркьоре эбел-эменги гIагарлъиги лъугьин.

ГIемерисел гIолохъабазул букIунаро жалго бетIергьанаб рукъги къайи-къоноги. Чияр рокъо ячIуней йиго магIишат-яшавалъул хIакъалъулъ жиндирго бичIчIи бугей гIолохъанай яс, гьебго рокъой йигей чIужугIаданлъул-якьадалъулги букIуна жиндирго бичIчIи. ГIиси-бикъинал жал сабаблъунгицин гьезда гьоркьоб ракI сукIи, дагIба-къец ккечIого хутIуларо. Гьебги батIаго букIунареб жо гуро, эбел-ясалда гьоркьобгицн гIемер кколеб жо буго. Амма якьадалдаги нусалдаги гьоркьоблъи гьединал жалаз хIалуцинабичIого хутIуларо.

 

— Расул, жакъа цIакъ гIемер бицунеб буго эбел-инсулги лъималазулги гьитIинаб къоялдаса нахъего хIалуцунел рукIиналъул. Гьебни кидаго букIараб гIузруги батила. Дур пикруялда, щиб гIиллаялда бан жакъа гьеб гIузру цIакъго гIемер загьирлъулеб бугеб?

— Гьанжеги добго самооценка. Жиндидаго ракI чIоларев чияс лъималазеги гьединабго тарбия кьеларищха. Лъималазги гьелдасан босула мисал. Гьанибги добго «Негативный поколенческий сценарий». ГIемерисел эбел-инсуе кIварго гьабуларо жидедаго гьоркьоб ккараб бичIчIунгутIи, дагIба-къецалъул хIисаб-суал гьабиялъул. Гьеб кинабго лъималазда цебелъидал кколеб. Гьеб кинабго лъималазул психикаялдаги хъатIичIого хъутIуларо. Гьелъул хIисабалда, лъималаз жидерго напсалъул хIакъалъулъги мекъаб пикру гьабула. ДагIба-къецалда эбел-эмен рихьидал, лъимералъ пикру гьабула, жиндилъго бугин кинаб букIаниги гIузруян, живго лъиениги къваригIун гьечIин ккола гьелдаги.

Лъималазул психикаялъе галгъенал ккеялъеги гьезулгун гьоркьоблъаби хIалуциналъулги аслиял гIиллабилъун ккола лъималазда цере конфликтал гьари ва букIине кколеб хIалалъ хIисаб-суалги гьабичIого, кIвар кьечIого гьел те. Гьединал гIузраби раккидал, лъикIаб буго психологасухъеги ун, гьесул малъа-хъваял гIадахъ росани. Жинцаго жиндиего кумек гьабун бажарулареблъи бичIчIидал, гьеб гIузруялъе дару гьабулев, гьеб тIагIинабулев специалистасухъе ине ккола чара гьечIого. Масала, лъикIаб хIалалъ хIетIе къотIани, чвахулеб би къотIине тIад гIабкIил, ялъуни къоркъол тIамахги чIван чIунин абун, гьеб къотIунареблъидал. Нилъ уна тохтурасухъе. Гьединго, гIумруялъулъ гIузраби дандчIвайдалги, тIатIала квералги лъун чIани, гьеб тIадеялдаса тIаде хIалуцуна.

Жакъа къоялда, эбел-инсухъан гIураб кIвар щолеб гьечIо гIемерисел лъималазе. Дагьал кIудиял гIейгун, жидерго ругел гIунгутIаби кIочон тезе рукIине, гьел лъимал рала жидеего асар гьабулел жалазде: наркоманиялде, игроманиялде ва гь. ц. Гьелъ гьабулеб асаралъ (азарталъ) гьел гIузраби жанир гъанкъизарула, кIочон тезарула. Цо-цояз жидерго рекIел хIалуцараб хIал хъачIлъиялдалъун къватIибе загьир гьабула (агрессия). Гьеб цонигияб, узухъда, лъикI букIинищха. РукIуна лъимал, хIеренал, хIалимал, лъиего кумек гьабизе рортулел. Гьезие бокьун букIуна жалго рихьизаризе, ай, гьез тIалаб гьабулеб букIуна сверухъ ругездаса жидедехунго кIвар. Гьебги эбел-инсухъан гIураб къадаралда внимание щолареб мехалда букIуна.

 

— 10-15 соналъ цебе, захIматаб хIалалде ккарав чиясде психологасухъе йаин абуни, гьесда дун мекъи вичIчIизеги рес букIана. Жакъа психологасул бугеб кIварги бичIчIулел, гьесдасан щвезе бегьулеб кумекги бичIчIулел гIемер ругищ?

Цебеялде дандеккун, гьанже психологасухъе рачIунезул къадар цIикIкIунеб буго. ГIадамазда гьезухъан щибниги кумек щоларин абулел чагIи, жалго, балъго-гIатIго уна психологасухъе. Жакъа къоялда жалго психологалги гьеллъун рахъине бокьаралги гIемер руго. Жакъа къоялда, психологазул хIалтIиялъул гIадлу-низам гьечIо хIукуматалъул рахъалъан, нижеца кинал рукIаниги налогал кьезе кколаро, лицензия тIалаб гьабулеб гьечIо. Абулеб бугоха, кватIичIого гьеб гIадлу-низам нижер пишаялъулги букIине буго. Гьедин гьабулеб бугони, бащадаялдасаги цIикIкIун психологаз рехун тезе буго гьаб пиша.

 

— Живго психологасе къваригIунищ психолог?

— Узухъда, чара гьечIого къваригIуна. Нижго психологасухъе унел гьечIони, гIадамазеги букIине кколеб куцалъ кумек гьабун бажаруларо нижеда.

 

— Психолог хIисабалда, кинал малъа-хъваял гьарилел дуца гIадамазе?

Психолог хIисабалдаги, гIадан хIисабалдаги, дица сверухъ ругезе гьарила гьадинал малъа-хъваял:

  1. I) ГIелазда гьоркьор дандеккунгутIиялги дагIба-къецалги кидаго рукIарал жал руго. Гьеб букIине бегьулареб жо гуро. Киданиги гьелдаса инкар гьабуге. ГIодорги чIун, гьезул хIисаб-суал гьаби, цогидазул пикруялъухъ гIенеккизе лъай– цIакъ кIвар бугеб жо буго.

2) Кире кканиги, щиб кканиги кодоса тIехь биччаге. ЦIалдеялъ, рекIехъе кучIдул лъазариялъ нилъер гIадалнах сагIат гIадин хIалтIизабула. Цогидаб жоялъул бицинчIониги.

3) Спорталъулгун гьудуллъи кквей. Нилъер гIадалнахуда цадахъ къаркъалаги хIалтIизе ккола.

4) Хъизанал гIуцIилалде цебе, чанцIулго психологасухъе ани лъикIаб букIина. Нилъ гьелде хIадурун ругищ гьечIещали бичIчIизе.

5) БадибчIвай гьабичIого, нилъеегоги гIадамазеги ритIухъаб къимат кьей. Критика гьабилалде, цин инсанасулъ ругел лъикIал рахъазухъ балагье.