ХIинкъизе ккараб хIал гьечIо

«Дагестанская правда» газеталъул редакциялда журналистазулгун бук1араб дандч1ваялда ДРялъул сахлъи цIуниялъул министр Татьяна Беляевалъ ва Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулев Залимхан ГIумариевас бицана месед унтиялъул рахъалъ бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ.

 

— Исана 200-ялдаса цIикIкIун чи унтун вуго рехсараб унтуца. Нижеца жиндир заманалда унти тIатIинабуна ва цогидазде бахинаредухъ, х1алт1и гьабуна. Гьабсаг1аталда хIинкъизе ккараб хIал гьечIо. Амма цIодорлъи гьабизе ккола, — ян абуна З. ГIумариевас.

 

Месед унтудаса лъимал цIуниялъе бищун лъикIаб къагIида вакцинация кколин баян гьабуна ДРялъул сахлъи цIуниялъул министралъги.

— ГIемерисеб мехалда месед унти бахуна лъималазде. Цо-цояз абула месед унти гьитIинго бахани, лъимер бигьаго унтулин, кIудиял гIедал унтани, цIакъ захIмалъулин абун. Гьедин кIвар кьечIого унти тезе бегьуларо. Месед унтуца захIматал, ай беццлъи, менингит, энцефалит гIадал унтаби ккезарула, — ян бицана Т. Беляевалъ.

 

Месед унтуде данде, календаралда рекъон, тIоцебесеб прививка гьабула лъимадуе лъагIел байдал, хадусеб — анлъго сон базегIан. Ва гьеб гIемерисезе гIумруялъего гIола. Республикаялда гьабулеб буго месед унтуде данде прививка. Министралъул рагIабазда рекъон, месед унтуде данде гьабулеб вакцинаялъул сахлъиялъе хIинкъиги гьечIо. Полиомиелиталъул чIагояб вакцина гIадин, месед унтул вакцина чорхолъа къватIибе кьоларо ва цогидал лъималазде гьеб бахунаро. Месед унтуде данде вакцина гьитIинго гьабун букIун батичIони яги кIочон тун батани, 55 сон базегIан гьабизеги лъикIаб бугин рикIкIунеб буго специалистаз

— Месед унти цохIо нилъер республикаялда гуро тIибитIун бугеб. Гьеб киса-кибего тIибитIун буго. ГIилла — гIемерисез вакцинациялдаса инкар гьаби ва къватIисел улкабаздаса рачIунел гIадамаз гьеб «цадахъ босун» бачIин, — ян бицана З. Г1умариевас.

Гьес ракIалде щвезабуна кIиго моцIалъ цебе республикаялда полиомиелиталде данде туровияб вакцинация гьабулеб мехалда букIараб ахIи-хIур. Вакцинаялъ лъимадул чорхое зарал гьабулин абураб гьереси-хабар тIибитIизабун бук1индалха.

 

— Полиомиелиталде данде 390 000 (88 процент) лъимадуе прививка гьабуна. КIиабилеб турги гьабун лъугIана. Кир ругел гьанже дол вакцинаялде данде чIун рукIарал гIадамал? Вакцинаялдаса бахунеб (вакциноассоциированный) полиомиелиталъул цогIаги лъугьа-бахъин щай гьез бихьизабулареб? Вакцина гьабурал лъималазул цонигияб унтич1о. Гьаб нухалда месед унтуде данде гьабулеб прививкаялда сверухъ гьединал кьучI гьечIел харбал раккиларин ва месед унтуде данде прививкаби кколеб къагIидаялъ гьарилин хьул буго, — ян бицана Роспотребнадзоралъул Дагъистаналда бугеб управлениялъул нухмалъулес.

П. СУЛТIАНМУХIАМАДОВА