Дуниял цIоролалде…

 

Гьал къоязда журналисталгун дандчIвана ДРялъул пачалихъияб жилищнияб инспекциялъул нухмалъулев Сергей Касьянов. Республикаялда ругел минаби хасалоде кин хIадур гьарун ругелали букIана аслияб суал. Амма гьелъул бицине байбихьилалде, гIаммаб куцалъ гIемертIалаял минабахъ бугеб ахIвал-хIал расги лъикIаб гьечIинги абуна гьес.

 

   — ГIемерал хиса-басиял гьаризе лъугьун руго гIадамал гьединал минабахъ. Рагъи къватIибе цIан рукъ гIатIид гьабула цояс, цогидасин абуни бегьизего бегьулареб бакIалда гьоркьоб къедги гьабун батIа тIезабун батула жанахI, лъабабилес гьединабго къед балеб буго подъездазда. Жалго лъикIал лъугьун бачунеб буго токалъул квар. ПалхIасил, цояб тIаде бан, гъоркь букIараб биххизабун, гIалагъважа гьабулеб буго. Сунде гьелъ рачине бегьулел? Гьедин ургъичIого гьабураб иш сабаблъун бокьараб къоялъ цIа ккезе, къед биххизе, рагъиялда тIад гьабураб тIох тIун бачIине бегьула. Гьеб мехалъ кире кIанцIизе ругел? Ине бакIги лъачIого, чара къосараб бакIалде ккола иш. Жакъа лъидаго ракIалде кколеб гьечIо гIумру гьабун вугеб минаялъул хIакъалъулъ законалда щиб хъван бугебали лъазабизе.

   Гьединал гIадамазе кумекалъе Госжилинспекциялъул сайталда рагьун буго «Горячая связь» абураб хасаб «горду». Гьенивеги ваккун, бокьарав чиясул рес буго нижергун бухьен гьабизе, бичIчIулареб суалалъе жаваб щвезе, — ян бицана С. Касьяновас.

Гьелдаса хадуб байбихьана 2022-2023 соназде гIемертIалаял минаби хасалиде хIадурлъиялъул рахъалъ гьабураб хIалтIул бицинеги. Гьес абуна хасалиде хIадурлъизе жидеца байбихьанила риидалго.

  — Хал гьабуна котельныязул щиб хIал бугебали, токалъул мухъазухъ, бухIараб лъим кьабулел рогIрал хвечIого, туричIого ругищали. 15 сентябралдехун киналго хIалтIаби рагIалде рахъун рукIине ккола. Жакъа къоялде 85-87 процент хIалтIул гьабун буго нижеца. РакIалда буго сентябралъул бащалъиялде 100 процент тIубазабизе, — ян бицана госжилинспекторас.

  Гьединго гьес бицана гьанже ралел ругел гIемертIалаял минабазул 457-яб бан бугин ралел бакIазул низамги цIуничIого. Кида-къадги гьел риххизаризе ккезеги ругила.