23 августалда тIобитIана ДРялъул лъай кьеялъул хIалтIухъабазул августалъулаб данделъи. Гьенив гIахьаллъана ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулев ГIабдулмуслим ГIабдулмуслимовги.
Данделъи рагьулаго, ГI. ГIабдулмуслимовас абуна ДРялъул бетIерас исана республикаялда лъай кьеялъул сонлъун лъазабун букIиналъ гьарулел тадбиразги хIалтIабазги Дагъистаналда лъай кьеялъул иш борхизабиялъе кIудияб квербакъи гьабулеб бугин.
Республикаялда лъималазул цIалудехунги лъай тIалаб гьабиялдехунги гъира бижизабиялъе шартIал чIезаризе ккелинги абуна ДРялъул хIукуматалъул нухмалъулес.
«Гьеб мурадалда, гъоркьисаялдаса нахъе ТIолгороссиялъул школлъималазул олимпиадаялда бакIал ккуразеги, гьезул мугIалимзабазеги, гьединго ЕГЭялда 100 балл босарал выпускниказеги 100 азарго гъурущ премия кьолеб буго. Исана гьеб премиялъе мустахIикълъана 30 цIалдохъанги 3 учительги».
Жакъа къоялда республикаялда 40 азаргогIан цIалдохъанасе бакI букIунеб хIалалъ 103 цIияб школаги, микьазарго лъимер жаниб хIебтIулеб 56 ясли-ахги балеб буго.
1 сентябралда цIияб 4 школаги 15 ясли-ахги рагьизе буго.
ДРялъул лъай кьеялъул министр ЯхIя Бучаевас бицана, лъай кьеялда хурхарал хIалтIаби гIумруялде рахъинаризе 2021 соналъ 54,3 млрд биччан букIараб батани, исана гьелъул къадар 22% цIикIкIанин — 66,2 млрд бихьизабун бугин. Гьелда гьоркьоса 11 млрд биччалеб буго «Демография» ва «Лъай кьей» нацпроектазе.
М. Манапов