АхIи базе ккараб хIал буго

 

 

 Анлъабилеб декабралда «ХIакъикъат» газеталъул редакциялде рачIун рукIана республикаялъул почалъул хъулухъалъул нухмалъулев (УФПС) МахIач МухIамадовги гьесул заместитель Ангелина Акбулато­ваги.

      Миллиял мацIазда риччалел газетазе гьабулеб подпискаялъул къадар цIакъго гIодобе ккун букIиналда бан, гьелда сверухъ гьабсагIат бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицине рачIун рукIана гьел.

    Мисалалъе босани, миллионалдасаги цIикIкIун чи вугеб магIарулазул аслияб басма — «ХIакъикъат» газеталъе гьабсагIат гьабураб подписка бахун гьечIо 1000 экземпляралдецин. Гьеб цIикIкIиналъе щиб гьабизе бегьулеб? Кинал ресал ругел жакъа гьелъие? ГIага-шагарго гьединаб магIнаялъул суалал дандрана редакциялда букIараб данделъиялда.

   ГьабсагIаталда подпискаялда сверухъ лъугьун бугеб ахIвал-хIалалъул хIакъалъулъ бицана бетIерав редакторасул ишал тIуралев Зикрула Ильясовас.

 

   ХIакъикъаталдаги цIакъ хъарци­наб хIал рещтIун бугин жакъа мил­лиял газетаздеян абуна почалъул нухмалъулесул заместитель Ангели­на Акбулатовалъ.

  -Гаджетазги социалиял гьиназ­ги махсараде ккун, щибаб секундал­да гьениб цIилъулеб информациялде гIейги гьабун чIани, бищунго бер­гьунин жалин ккун батани жакъа гIемерисезда, гьел мекъи руго.

  Амма дица кигIан церетIурал IT-технологиязухъ хисиларо бухIилаго, хинлъилаго бачIунеб цIияб газетал­даса букIунеб махIги, гьениб хъва­рабтаралъ гьабулеб асарги.

  Балъгояб жо гуро, газетазул под­писка цIикIкIанагIан, лъикIлъула нижер хъулухъалъул материалияб­гун техникияб базаги, цIикIкIуна щолеб хайирги, хIалтIухъабазул моцIрол харжалги. Гьединлъидал нилъее кIиязего гIахьалаб къва­рилъи буго жакъа газеталъул под­писка нахъеккун букIин. Гьеб бор­хизаби буго кIиязулго гIаммаб масъала, ай газеталъулги почалъулги хIалтIухъабазул.

  Гьеб бакIалда УФПСалъул ва­килзабазе суал кьуна газеталъул бетIерав редакторасул заместитель Пайзула Пайзулаевас -цо газеталъе гьабураб подпискаялдаса нужее щолеб хайирги редакциялъе щолел­даса цIикIкIун букIаго, щайин ре­сал ратуларел почтальоназе харжал цIикIкIинаризеян.

  Газетал жиндир заманалда щай гIадамазухъе щвезаруларелин гьикъидал, росабалъ ругел почалъул хIалтIухъабаз абула 4000 гъурущ моцIрол харжги букIаго, щивав чи­сухъе рокъоре хьвадизе жидерги гъира букIунарилан.

  Гьелъие жаваб кьуна республика­ялъул почалъул хъулухъалъул нух­малъулев МахIач МухIамадовас.

  -Поч бикьулел чагIазе харжал цIикIкIинаризе тIоцебе бокьарав чи вуго дунги. Амма нижер «кверал рухьун ругин» абизе бегьила Дагъи­станалъул почалъул хъулухъ РФялъ­ул УФПСалъул филиал букIиналъ. Москваялъ гьабураб гурони, ниж­го лъикIал лъугьун цониги хIукму къотIизе ихтиярги нижер гьечIо.

  БитIараб буго, цIакъго мукъсанаб гурони щоларо жакъа поч бикьулел чагIазе моцIалъе харж. ЗахIматал шартIазда хIалтIизе кколел руго гьел, гьелде тIаде рикIкIадал магIарул росабалъ почалъул ми­наби руго басралъун, къадал руго загIиплъун. Гьениб гьечIо хIажатаб къайицIа, сурсат ва цогидабги. Гьеб кинабго рукIалиде бачIинабизе кка­ни, миллионалцин гуреб, миллиар­дал гIарац хIажалъула. Кинабго бан хутIун буго гIарцул сурсаталда.

  Нужеда кколеб батани, дун рада­лиса хIалтIудеги вилълъун, рихьдае хъулухъги тIубазабун, гIарацги босун вугилан, гьечIо, гьудулзаби. ГIемераб жавабчилъи буго дида тIадеги бе­гун. Щибаб къоялъин абиларо, амма гьоркьоса къотIичIого тIоритIула данделъаби, бичIчIизабула щивасда, подпискаялъул иш роцIинабизе нилъ­еца гъеж гуризе кколин, гьеб бугин нилъерги газета гьабулел чагIазулги гIаммаб хинкI. КIвараб яхI бахъ­улеб буго нижецаги, амма гьеб хIаракаталъул хIасил цо нилъ рохи­леб гIадаб гьечIоха. БичIчIизабизе къваригIун буго гIадамазда, милли­яб газеталъул къадар гIодобе ккани, гьелъул иш лъугIулеблъи, букIинесеб гьелъул гьечIеблъи. Гьелдаго цадахъ нилъер гIаммаб маданияталъулги, рахьдал мацIалъулги, адабияталъул­ги букIинесеб ракьулъ тIупулеблъи.

   Миллияб газета кидаго букIана гIун бачIунеб гIелалъе нилъер эбелаб рахьдал мацIалъул пасихIлъиги гъва­рилъиги тIокIкIун рагьулеб иццлъун. Миллиял мацIазда рахъулел цогидал басмабазда цадахъ газеталъ кида­го борхана кIвар бугеб масъала: гIун бачIунеб гIелалъе нилъерго болмацI цIунизе, гьеб бечед гьабизе. Жакъа газета цIалулев чи щив вукIуневинги абун, тIасамасаго, ургъичIого гьа­бураб каламалъ нилъее зарал гьабизе буго. Гьединлъидал кIвараб яхI бахъ­изе ккола нилъеца, -ян абуна МахIач МухIамадовас.

   Гьединаб букIана итни къоялъ ре­дакциялда тIобитIараб данделъи.

   Подпискаялъул компания лъугIула гьаб моцIрол ахиралда, 28 декабралда. Гьединлъидал редак­циялъул хIалтIухъабаз ахIи балеб буго миллатцоязде.

   Хъвай нилъерго гIагараб ва рекIел гьудуллъун кидаго букIараб басма «ХIакъикъат»!

   Нусго соналдаса цIикIкIун та­рих нахъа тараб газеталдехун гьадинаб агъаз гьечIеб бербала­гьи букIине бегьиларо. Бащдаб лъагIалие газета хъваралъухъ унеб анлънусгоялде гIагарун гъурущ, жакъасеб роценалда рекъон бала­гьани, кIудияб жо гуро. Нужго гьеб цIализе гьедигIанго кIвахIаллъунги чIухIунги ратани, хъвалесе сайигъ­атлъун букIинегIаги гьабе подпи­ска. Гьабе нужецаги гьединаб сай­игъат.

   ЦIакъ къадру бугел умумул рукIана нилъер. Гьез тIаса мицIир камизе течIого, камил гьабун, на­хъе цIунун щвана нилъехъе рахь­дал мацI, болмацI. БолмацIалда гьарурал кучIдул ахIана некIо бер­табалъги, гьеб мацIалда гьабураб шигIру щурулаан инсуца тIоцеве гьавурав васасде, кинидахъ гьеб мацIалда ахIарал кучIдуз ахх бача­на дуеги дур эбелинсуеги.

   Гьеб мацI цIунулеб вакил­лъун, божарав гьоболгьудуллъун букIана жакъа къоялде щвезегIанги гьабсагIат дуца кодоб ккун бугеб магIарул газета. Гьалдаса хадубги, дуцаги цогидазги гьеб гьединго ко­доб кквезе бокьун буго нижее.

  Газеталде мугъ рехун нилъ чIани, миллаталъул аслу билула, лъи­малазда магIарул мацI тIубанго кIочона. МагIаруллъиялъул махIги рухIги хьуцIилъе тIагIун инал­да хIинкъи буго гьеб мехалъ. Гье­бищха нилъер киназулго мурад букIараб!?