Коронаялда данде прививка гьабизе бокьарал дагьал гьечIо
18 январалда улкаялда байбихьана коронавирусалда данде вакцина гьабизе. Гьеб тадбир унеб буго нилъер республикаялдаги.
Нижехъе щварал баяназда рекъон, гьабсагIаталда вакцина гьабун буго 700-ялдасаги цIикIкIун чияс.
Республикаялъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ 25 январалда тIобитIараб пресс-конференциялда бицана ракIалда бугин 780 000 чиясе прививка гьабизе.
Аслияб куцалда гьеб гьабизе буго цIикIкIараб ригьалъул гIадамазе. Амма цо-цоязул тIубан божилъиги гIолеб гьечIо гьеб вакцинаялда.
Киназулгойищ гьединаб пикру бугебали лъазе, нижеца цIех-рех гьабуна батIи-батIияб хъулухъ-ишалъул гIадамазда гьоркьоб.
Мария Ражабова, «ХIакъикъат» газеталъул бет1ерай бухгалтер:
— Вакцинаялде данде чIарай гIадан дун гуро. Амма гьабсагIат гьеб гьабизе хIадурго гьечIо. Щайин абуни, вакцинаялъ лъимер гьабизе хIадурлъулел руччабазе зарал бугищ яги гьечIищали жеги чIезабун гьечIелъул. Гьеб рахъ лъазе бокьила дие.
Байбихьуда кIудияб ригьалъул гIадамазе гьабизе те. Мисалалъе, Россиялъул цо-цо шагьаразда ругел лъалел-хъвалез гьабун буго вакцина.