22 декабралда «ХIакъикъаталде» рачIун рукIана Гъизилюрталъул №9 школалъул байбихьул классалъул цIалдохъаби. Редакциялъул хIалтIухъабазулгун лъай—хъвайги гьабизе, газета хIадур гьабулеб куцги бихьизе, мухбирзабазе цо—цо суалалги кьезе рачIун ругин жалин бицана гьезул мугIалим Сарат МухIумаевалъ.
Дагьаб цебе нижеца хIалтIизе биччанин «ГьитIинал мухбирзаби» абураб кружокилан бицана Саратица. Гьединлъидал жидеда ракIалде кканила кружокалъул гIахьалчагIиги рачун тIоцебесеб сапар магIарулазул миллияб басмаялъул редакциялде гьабизе.
Анлъго яс йикIана гьелда цадахъ. Расулова Хадижат (5-б класс), Бадрудинова Умакусум (4-а класс), МухIамадшапиева Хадижат (4-а класс), Маликова Шариза (4-а класс), ГIабдуразакъова Аминат, ГIалихIажиева Мадина (4-б класс).
ЧIурканго ретIа-къан, намусго гIодореги къулун гIенеккун рукIана гьел редакциялъул хIалтIухъабаз жидерго хIакъалъулъ бицунеб куцалъухъ.
Жавабияв секретарь МухIамадхIабиб МахIатIовас, жиндиего хасиятаб махсара-хочIги гьоркьоб речIчIизабун, бицана жиндирго хъулухъалъул хIакъалъулъ. РакIалде щвезабуна мунагьал чураяв инсуда цадахъ тIоцеве «БагIараб Байрахъалъул» редациялде щвараб къо. Киназего кеп щвана ГIабдулмажид Хачаловасулгун лъай-хъвай ккараб куцалъул хIакъалъулъ гьес бицараб мехалъ.
— Редакциялъул жанахIалъув чанго чи вугоан хъарпуз кваналев. Гьезда гьоркьов вукIарав цояс: «Гьай, хIалчIахъад, мунгийищ нижехъе щвезе вилълъарав», — иланги абун, гьес квер босана дир. Гьев вукIана газеталъул жавабияв секретарьлъун хIалтIулев ГIабдулмажид Хачалов. Хадуб гьеб сапаралъул хIакъалъулъ сочинениеги хъван букIана, — ян бицана гьес.
БетIерав редактор ГIумахан ГIумахановасги разиго къабул гьаруна редакциялъул гьитIинал гьалбал. Щиб лъалеб, гьезда гьоркьов газеталъул вукIинесев редакторги ватизе бегьулин абуна гьес.
Хадуб редакциялъул хIалтIухъаби Шамай Хъазанбиевалъ, Зульфия ХIажиевалъ, ПатIимат ГьитIиновалъ гIисинал гIолилазе бицана жалго редакциялде хIалтIизе рачIараб куцалъул хIакъалъулъ. РакIалде щвезабуна школалда цIалулеб мехалъго «ХIакъикъаталде» хъвадарараб куц.
ЦIалдохъабаз рикIкIана кучIдул. Бицана жидерго умумузул росу-ракьалъул хIакъалъулъ. Махражалда цIалана «Къулгьу».
РукIана гьезул жидерго суалалги. Мисалалъе, гьезие лъазе бокьун бугоан, гьадинаб бигьаяб гуреб заманалда, цIакъаб, тIокIаб хIалтIи балагьизе лъугьинчIого, магIарул газеталда хIалтIизе рачIине сунца ниж гьесизаруралали лъазе. Гьединго гьабураб хIалтIуда рекъон, ракI разияб мухь щоладайин мухбирзабазеянги букIана гьез гьикъулеб.
Редакциялда хIалтIаралъухъ, цогидал бахилаб мухь жакъа мухбирасе щолареблъи кин гьел гIисинал ясазда бичIчIизабилебали лъаларого дагьал ургъалилъе ккана нижги. Бугониги, махсара-хочIги гьабун, батIаго хIукуматалъ цIакъго къваридги гьаруларин ниж харжалъул рахъалъилан жавабги кьуна гьезие.
Данделъиялъул ахиралда, редакциялъул рахъалдасан, цIалдохъабазе ва гьезул мугIалим Сарат МухIумаевалъе Баркалаялъул кагъталги кьуна.