Республикаялъул Роспотребнадзоралъ лъазабуна хварав чи вукъулеб мехалъ гIемерал гIадамал хабаде хьвадугеян.
ГIорхъичIваял лъазариялъе аслияб гIилла ккола республикаялда ковидалъ унтулел гIадамазул къадар цIикIкIунеб букIин. Гьединлъидал ДРялъул аслияв санитарияв тохтур Николай Павловасда лъикIаблъун бихьулеб буго ахIвал-хIал гIодоцинегIан хабалазде гIадамал хьвадичIого чIей.
Гьел гьукъа-къаял хъатIизе гьечIо чи вукъулеб бакIалда чара гьечIого гIахьаллъизе кколел гIадамазда ва хварасул цересел гIага-божаразда.
Хас гьабун мажгитазде ва хабалазде гьарулел зияратал щай гьукъулелин гIайиб-гъвел гьабулел чагIиги камуларелъул, мисалалъе, жамгIияб транспорталда щай рекIине бегьулелин абулеб буго гIадамаз.
Гьелда бан «МахIачхъалаялъул гIолилал» жамгIияб багъа-багъачариялъул нухмалъулев, жамгIияв хIаракатчи Къородаса Шамил ХIасанхIусеновас гьадин бицана:
— Тохтурзабазги, Роспотребнадзоралъги абураб гIадахъ босичIого чIей гIакълу гуро. Г ь е д и н л ъ и д а л нижецаги (гIолилазул жамгIиял гIуцIабаз) киса—кибго абула цIодорлъи гьабейин, гIемер гIадамал ракIарараб бакIалде инчIого чIани, лъикIаб бугилан.
Амма цо—цо гIолилаз, гьединго чIахIиял чагIазги абулеб рагIула дида гьеб унтудаса жив хIинкъуларилан. Гьединаздаги абизе бокьун буго, дурго ургъел батичIони, дудаго аскIор ругел гIага—божаралниги щвайин гьединаб мехалъ ракIалде.
— Мисалалъе, гьеб унтиялъ каву рагьичIеб цониги росу, хъизан батиларо. Гьебги бихьун, гьанже кIиабилеб карачел байбихьидал, цIодорлъи гьабулел чагIи цIикIкIунел руго. Гьеб гуребги, унтул тIоцебесеб карачел тIибитIулеб заманалда гIадамазда гьелъул хIакъалъулъ лъалеб ва бичIчIулеб жо дагьаб букIиналъги хIалуцинабун букIана иш. Гьанже республикаялъул тIалъиялъги, Динияб идараялъги, гьединго информациялъулал алатазги кьолеб баян г1емерлъидал иш лъалаго лъикIаб рахъалде хисана. Гьелъ лъикIаб хIасил кьунищин гьикъани, узухъда, кьуна. Дида сверухъ гьедин бугоха, ракIалде ккола цогидал бакIаздаги гьедин батилин.
Хабалаздего гIадин, мажгитазде хьвадиги дагь гьабейин лъазабун букIана Роспотребнадзоралъ. Гьеб пикруялъул рахъги ккун, гIадамазде хитIаб гьабуна республикаялъул Динияб идараялъги.