Намусалъул сивуний сси
бугей магIарулай
МугIрул чIужугIадан! Дур бицун свакалей гьечIо дун. Цо-цо мехалда дур берцинлъи рагьизе рагIабигицин ратуларого йикIуна.
ГIагарал мугIрузул тIогьазда дуцаго дуего бараб намусалъул сивуний гIодойги чIун, хIайранго ялагьун йиго мун дуниялалъухъ.
Роол иххаз чурхъаниги, хасалил бураназ квегъаниги, къуркьичIо мун къисматалъе. Гьез дагьабги къуват кьуна дуе. КочIолъги ахIараб дур берцинлъиялъул, къисаби сайгъат гьарурал дур гьайбатлъиялъе, хъизамалъул гъасда даим сунареб дур цIаялъе бетIерги къулараб жибго гIумруялъ.
МугIрул чIужугIадан! Бокьун буго жакъаги цоги нухалда дуе сайгъат гьарурал рагIаби хъвазе. Гьаб нухалда дир лъай-хъвай ккана Зайнабилгун. Щвана дун гьелъул рокъоеги.
Дица нуцIа рагьулаго, дандего ячIана сабураб гьурмада гьимиялъ жиндирго накъишал рахъарай чIужугIадан. ЛъикI щварайилан магIарул мацIалда гьей кIалъаниги, гIурус мацIалда жаваб кьолей дие бадибчIвайги гьабуна гьелъ. Дунги дагьай йихха-хочана, гьей магIарул мацIалда кIалъайдал.
— Щай дида лъалареб магIарул мацI. Валлагьги лъалебха. Дун чIухIула магIарулай ятиялдаса. Болъихъ гьаюрай ва гьенийго гIурай дида цIакъ лъикIха лъалеб магIарул мацI, — иланги абун, гьимана гьей.
Гьелъухъ кодоб букIана дагьаб цебегIан къватIибе биччараб «ХIакъикъат» журналги.
— Вай-вай, магIарул журнал-газетагийищ дуца цIалулеб? – илан дица гьикъидалги, гьаб нухалдаги жавабалъул бакIалда гьимана гьей.
Унго-унголъунги, гьимиялъ чIужугIадан берцин гьаюн толеб куц. Гьелъ херлъиялъе кьун букIунеб гьайбатлъи. Гьелъулъго бахчун букIунебщинаб къварилъиги! Цогидаздаса пашманлъи бахчараб гьими…
ТIоцебесеб иргаялда, гьелъ ракIалде щвезабуна жиндирго тухумалъул тарих. Ва дагь-дагьккун гьелъ дун ячана ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде. Гьениб гъасда гьелъ цIидасанги бакана цIа.
РакIалдещеял. Гьелин абуни, гIезегIан ругоан Зайнабил. Бицана гьелъ дие умумузул, кIудиял умумузул, гьезулги…, гьезулги… умумузул къиса. Гьелъ гьединго лъазарун руго гьезул хобал ругел бакIалгицин.
Гьеб кколарищ жакъасеб гIелалъе унго-унгояб мисаллъун, анкьумумузул къисматалъул балъголъаби лъазари. Гьеб букIана дие Зайнабидасан щвараб гIумруялъул дарс.
— Я, дир эбел, гьай ячIун йиго, дур анкьумумузул хъвазе гурей, дур хIакъалъулъ хъазе,- йилан яс Аминатица абуниги, Зайнабица жиндирго ракIалдещвеял лъугIизаруна.
— Гьале гьанже щванаха дидего ирга, — йиланги абун, цодагьалъги лъалхъун, цоги нухалдаги гьимун, цIидасанги ракIалдещвеязул карачелазулъе лъугьана гьей.
Гьез еэдулей йикIана, санал ран кIодолъаниги, гIолохъанлъиялъул гьимиялъе хилиплъичIей, хъахIаб халгIаталъе бараб гьаялъе жегиги ритIухъайлъун хутIун йигей Зайнаб Агъларовна ГIалиева.
ХъахIаб халгIаталъе бараб гьа
Болъихъ гьоркьохъеб школаги лъугIизабун, гIолилай цIализе лъугьана Дагъистаналъул пачалихъияб медицинаялъул институталде сах гьариялъул факультеталде.
Гьебги лъугIизабун, хIалтIана Гъизилюрт шагьаралъул больницаялда, жиндиего къисмат гьимараб Казбек районалъул больницаялда. Чанго соналъ нухмалъи гьабуна гьеб больницаялъе. ЦIакъго жавабчилъи цIикIкIараб гьеб хIалтIи роцIинабулаго, гIемер захIмалъабиги къулчIизе ккана гIолохъанай бетIерай тохтуралъ.
1975 соналда ячIана МахIачхъалаялде, Централияб больницаялда хIалтIизе. Цин хIалтIана гастроэнтерологлъун.
1984-2011 соназда хIалтIул кIудияб хIалбихьи щварай Зайнаб ГIалиева хIалтIана гьебго больницаялда поликлиникаялъул рахъалъ бетIерав тохтурасул заместительлъун.
Гьенибги тохтуралъ жийго йихьизаюна махщелчилъи тIадегIанаб даражаялда бугей хIалтIухъанлъун.
Гьелъ жигараб гIахьаллъи гьабуна Дагъистаналда амбулаториябгун поликлиникияб хъулухъ гIуцIиялъулъ. Гьеб заманалда Дагъистаналде рачIине лъугьана Чачаналдаса, Ингушетиялдаса ва Северияб Кавказалъул цогидалги регионаздаса унтарал.
— Дун щвечIеб районги шагьарги Дагъистаналда хутIунго батиларо. Гьеб дица кIудияб талихIлъунги рикIкIунаан. ГIадамазе кумек гьабизе щвейги, гьезухъе гIумруялде рокьиги хьулги тIад буссинабиги, гIагараб халкъалъул сахлъи цIуниялъул хъаравуллъуда чIезе рес щвейги – гьеб букIана дица хъахIаб халгIаталъе кьураб гьа. РакIалда гьечIо цониги нухалда дун гьелъие хилиплъараб хIужаги. ХIалтIи бокьулеб бугони, дуда захIмалъабигицин рихьуларо. РакIалда буго 1994 сон. Дагъистаналда нахъеги багъарана вабаъ (холера) унти. Гьеб букIана унтаразе хехго кумек къваригIараб заман. Сордо-къо гурого, хIалтIулел рукIана тохтурзаби. Амма унти нахъчIвазе бажарана, тохтурзабазул жигарчилъиялдалъун. Дида доб заман ракIалде щвана, жакъа бугеб ахIвал- хIал бихьидал. КоронавирусгIан захIматаб гьечIониги, вабаалъги чанги гIумру ана бакIарун. Амма доб заманалде дандеккун, жакъасеб медицинаялъулъ гIемерал хиса-басиялги ккана, цебетIунги бачIана. Щаялиго хадур гъезе толел гьечIо нилъ гьаб унтуца. Дунялалда ругелщинал лъикIал тохтурзаби тIаделъаниги, къеларин чIун бугеб унтуца гъурулеб бугеб халкъ бихьидал, беразда магIуги бакъвалеб гьечIо, — янги абун, къварилъахъдизе лъугьана Зайнаб.
Тохтурлъиялъул аслиял хIалтIабазде тIадеги, Зайнабил рукIана цогидал ишалги.
Масала, гьей кколаан Дагъистаналъул Сахлъи цIуниялъул министерствоялъ республикаялда тIобитIулеб «ЛъагIалил бищунго лъикIав тохтур» конкурсалъулаб комиссиялъулги, «Российское общество по организации здравоохранения общественному здоровью» гIуцIиялъулги членлъунги.
Зайнабил библиотекаялда бугеб бицатаб цо тIехьги кодобе босана дица. Ургъунго босараб гIадин, гьеб батана «Кавказалъул машгьурал» абураб тIехь. Гьенир хъван ругоан миллияб тарихалда лъалкIал тарал руччабазул хIакъалъулъ макъалаби. Бегана тIехь — гьенисан дие цоги нухалда гьимана Зайнаб — берцинаб гьурмада намусалъул накъишал угьарал багIарал гIанабиги, гьезда чIвараб мугьру гIадал, гвангъарал, талихIалъул цIурал зодилкьерал бералги ва гьале доб гьимиги, кидаго – сонги, жакъаги, метерги — Зайнабида цадахъ гIумруялъго бугеб, гьелъул къисматалъул сухъмахъалги къалъизарулаго.
ГIумруялъул тIохьодаса тIанчал
Зайнаб Агъларовна ГIалиева – тIадегIанаб категориялъул тохтур. Гьей мустахIикълъана «За доблестный труд» медалалъе (1970 сон). Гьей ккола «ДРялъул мустахIикъай тохтур» (1998 сон), «Сахлъи цIуниялъул отличник» абураб каранда балеб гIаламатги щвана 1975 соналда.
Зайнаб ГIалиевалъул ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде гьабураб сапаралъул пикрабазда йиго дун. ГIемераб жого къваригIунеб гьечIо чIужугIаданалъе, талихIайлъун йикIине ккани, хасго мугIрузда йижаралъе. Диргун къо-мех лъикI гьабулелъулги, гьелъул гьимиялъ цоги нухалда ячIайилан гьарулеб букIана. ГIумру гIадамазе кумек гьабулаго арай, жинцаго жиндиего къачIараб берцинаб херлъиялъул гъанситохъ гIодойги чIун йигей Зайнаб зама-заманалдасан щола жиндирго ракIалдещвеязул чIинкIиллъиялде. Гьениб буго жакъа гьелъул талихIги…