Тушманасда гӀадин дандчIвана, вац гIадин тӀовитӀана

Цебе заманалда росабалъ къанагIат гурони рукIинчIо унтаразе кумек гьабизе лъалел чагIи. ХIатта ца-гIус унтидалцин, къебедасухъеги ун, чолгъецIалъ бахъулаан унтараб ца. Амма, хасаб лъай гьечIониги, камулароан Аллагьасго гьунар кьурал местIерал, хасго рагъда санитараллъун хIалтIарал чагIи. Мукъсанаб гурони лъай-махщел гьечIел гьезул цо-цояз, гьабизе жо тIагIиналъ малъулаан бетIер унтарасда, ботIрода сверунжоги бан, гIочIоца къаян.

ТIадехун бицунелъе нугIлъун букIине рехсела цо лъугьа-бахъин. Пуланаб росулъ ресалда вугев АхIмадица хур бекьизе вачуна ГIумар. ХIалтIухъан кваназавизе кколаан къасиги. Кваназелъун маркIачIуда гьев щола АхIмадил рокъове. Гьений гьесда АхIмадил гIолохъанай яс Ача ятула. Кваназе гIодов чIаравго, нуцIаги рагьун, бахъун ханжаргун жаниве кIанцIун вачIуна Ачал вац Хирач ва дир яцалъулгун рокьудайищ вугевиланги абун, гьел рагъизе ккола. ГIумарица Хирачил килищ къотIула ва гьесие рес ккола лъутизе. Ццидаца гьалаглъарав Хирачица, чохьолъ ханжарги къазабун, яц чIарбида лъола. АхIи бахъун рачIарал мадугьалзабаз, гьабизе жо тIагIун, лъукъаралда катан жемула. Хадув витIун чигун, аскIоб бугеб росулъа вачун вачIуна япониязулгун букIараб рагъда санитарлъун хIалтIарав ГIиса. Ясалъул ахIвал-хIалалъухъги балагьун, гьес абула: «Жаназа чурулеб росоний цIамул лълъелъ лъуни гурони, гьабизе кIолеб жо гьечIо», — ян. Гьедин гьабидал, захIматго лъукъарай Ача, заманалдасан сахлъула.

ГIадаталда рекъон, Хирачица, жиндасаго баккизабураб бидухъ, рецIел босизе кколаан. Пуланаб къоялъ Хирач вачIуна ГIумарил колоде ва абула рецIел босизе вачIун вугилан. Босехаянги абун, гьес жиндирго килищ цебе ккола. Кьабун ханжаргун Хирачицаги гьеб къотIун рехула. Чоде вахунаго Хирачица абула: «ГIумар, къотIараб килищ кIващулъ лъе, хехго сахлъула», — ян.

Гьеб хIалалда букIараб халкъалъе кумекалъе Гьидалъе хIалтIизе витIун вачIарав гIолохъанав тохтурасулги бицинин.

Доб букIана тIабигӀаталъ хурдузул ва тӀугьдузул тӀанса ракьалда тӀибитIараб июль моцIалъул къо. Гьеб къоялъ ГӀурада участкаялъул больница бугеб Габдано абулеб бакIалде ракIарун рукIана гьидерил гӀадамал. Гьелъие ккараб гIиллаялъул бицунаго, больницаялъул бетIерав тохтур ХирамухIамадов МухIамадица абуна, жидеца нухда тӀовитӀулев вугила къиматав гьобол ва кӀудияв вац. Гьев кколила гьидерил ва районалъул сахлъи цӀуниялъе кьучI лъурав асатIинав Бугулов Михаил Николаевич.

1928 соналда Азербайжаналъул мединститутги лъугIизабун вачIана Бугулов Гьидалъе хIалтIизе. Дол соназда батIи-батIиял захIматал унтаби тIиритIиялъ, холел рукIана гIемерал чагIи, хасго лъимал. Гьединаб къварилъиялда ругел гьидерица, мугIрузде кингIаги ккаравилан гьесда гьикъидал, гьес бицунаан жив кколин Дербенталда гьавурав, Осетиялъул Бугуловка поселокалдаса бечедаб ва кӀудияб тухумалъул чийилан. «Инкъилабалъул бакӀаб михиралъ мерхьана нижер бечелъи ва тIагӀинабуна тухум. ЧIвазе рес ккечIеб мехалда, нижеца гьабилин дие гӀадлуйинги абун, дун гьаниве витIана. КӀиабилеб гӀилла — ТӀидиб росулъ гурони букIинчIо больница гьабизе рес бугеб кӀудияб мина», — ян.

Больница гIуцIизе гьесухъе кьуна хIукуматалъ пачаясул армиялъул полковник Хандиев МухIамадихъа бахъараб кӀитIалаяб мина. Гьениб 12 унтарасе вегизе бакI бугеб больница гӀуцIиялдасан байбихьана гьес хӀалтIи. Хадуб, мадугьалихъ ругел росабалъа ралагьана гIадамазул сахлъи цӀуниялъе кумек гьабун бажарулел чагIи. Гьезул кумекалдалъун гьабуна унтаразул мухIканаб сияхI. ТӀоцебесеб заманалда гьес квераз ишараби гьарун бичIчIизабулаан унтаразда гӀемерисеб жо. Амма гIемерисел гьесухъе рачIунароан, капурчиясухъе ани хIакъ букӀунинги абун.

Бугуловасул махщалие къимат кьезе рес ккана ГьентIа росулъ ккараб лъугьа-бахъиналдаса хадуб. Хурзабазул гIурхъи сабаблъун дагIбаги ккун, Ибрагьим ва Будун цоцаца лъукъун ругилан хехаб ахӀухъе щварав тохтурасда, лъавудаса арал, захІматго хӀухьел цIалел гьезухъ балагьун ратана гӀадамал. «Гьазие тӀокIаб нилъер кумек хӀажалъуларо, Аллагьас гьел жиндихъего ахӀизегIан дугIа-алхIамалда рукӀин гуреб, гьабун бажарулеб жо гьечIо», — янги абун, тохтур нахъе витIулев вукIана дибирас. Лъихъго гӀенеккичӀого, гIолохъанав тохтурас лъукъаразухъ халгьабуна, гьел хвасар гьаризе кIвеялде хьул бугинги абун, больницаялде рачана. 12 ругъун лъун батана Ибрагьимида ва анкьго ругъун — Будунида. Лъабго сордо-къоялъ кьижичIого Бугуловас гӀолохъабазе гьаруна операциял, биччана би, хӀалтIизаруна гӀемерал дараби ва даруял хурдул. Щуабилеб къоялъ унтараз берал рагьана ва загӀипаб гьаракьалъ тохтурасе баркала кьуна. 23-абилеб къоялъин абуни гьел рокъо-рокъореги ана…

ГӀумруялъул 85 сон барав унтарав ТIидиса АхIмадие Бугуловас хъван буго рецепт. Лъелъе биччан, тIад хъвараб жоги биинабун, гьелъул лъим гьекъедал, жив сахлъанилан бицунеб букIун буго гьес.

Бугуловасул бицунаго, херал чагIаз гӀемер ракIалде щвезабулаан цо гӀажаибаб лъугьа-бахъин. Загьруяб борхьица хӀанчIун букӀун буго ТӀидиса ГӀумарил квералда. Гьорон квергун вугев гьесде тӀаде щун вуго тохтур. ГӀурул рагIалдеги вачун, гьес гIурулъа ккун гьитIинаб къверкъ лъун буго ругънада тIад. Гьелда тIад, лъелъа бакIарун лъел чIахIги чIван, ругъун бухьун буго. КIиабилеб къоялде квер сахлъун, къверкъ хун батун буго.

Гьесул махщалил хIакъалъулъ хабар рагIидал, сахлъи цӀуниялъул халкъияв комиссарас тахшагьаралде хӀалтIизе ахӀун ана Бугулов. КӀудияб пашманлъиялда тӀовитӀана гьидерица гьев нухда. Бихьулеб букӀана гьесиеги нахъе ине захIмат букӀин. «ДандчІвана тушманасда гӀадин, нухарегӀулев вуго вац гӀадин, баркала нужее», — ян абуна Бугуловас къо-лъикI гьабулаго…

Гьелдаса нахъе ана 33 сон. Цо-цо кагътаздасан лъалаан гьидерида Михаил Николаевичасул берал сах гьарулев гӀалимчи вахъун вукIин. РагIана Дагъистаналъул медицинаялъул институталде цІализе лъугьунезул экзаменазул комиссиялъе председательлъи гьабизе ункъо соналъ тӀатIалаго гьев Москваялдаса вачIун вукӀинги.

Гьидерица Бугуловасулгун гьоркьоблъи хвезе толароан. Хъвалаан кагътал, ритIулаан посылкаби, гьесие бищунго бокьулеб бакъвараб гьанги, цIоросаролъул гIатIги, урбаги жаниб лъун. Цо-цо щолаан гьесухъе, мединституталъул ректорасухъе, Орджоникидзеялдеги.

«Инсул беразе захIматаб операция гьабизе кколеб букIун, дун Орджоникидзеялде, Бугуловасул клиникаялде ана, — ян бицана ГӀурадаса Сулейман МухIамадовас. — Вацасда гӀадин дандчIвай гьабуна гьес, эмен гостиницаялда вугин бициндал семана, хадуб машинаги битӀун, больницаялда лъуна. Гьесие цIакъ бокьулаан эменгун магӀарул мацIалъ кIалъазе. Бищунго дун хӀикмалъизабураб жо ккана, хIакъикъияв магIаруласул гIадаб гьесул ретӀа-къай: хурумалъул чакмаял, галифе-тIажу, гужгат, бухари-тIагъур».

1964 соналъул маялъул ахиралда ГӀурада росдал участковияб больницаялъул бетӀерав тохтур МухIамад ХирамухIамадовасухъе бачIана телеграмма. Бугуловас гьелда хъван букIана анкьабилеб июналда жинца къабул гьаризе ругин берал унтарал, хIадурлъи гьабеян абун.

ХIебде щвезегIан, гьесда дандчIвай гьабизе ана гьидерил гӀадамазул къокъа. Цинги, ТӀидиб росу бихьулеб бакIалде щведал, гьес машина чӀезабуна. «Дир гӀемерисел гьалбал ва гьудулзаби хабалалъ рукъун руго, гьезда аскIове дун машинаялдаги рекIун ине бегьуларо», — янги абун, кӀиго километралъул манзилалъ лъелго ана гьев. Росулъе щолаго, киса-кирего бералги щвезарун, абуна: «Дун гьанив хIалтIулеб мехалда цо чиясул гурони ах букIинчIо, гьанже тIубараб росуго ахалде сверун буго. ХӀалчIахъадал, кигIан берцинаб росуха гьабун бугеб», — ан.

Гьесие бокьана жиндирго больницаялде щвезеги. Гьениве щолаго хисана гьесул хIатIазул росиги, гьурмал разилъиги, хӀатта гьаракьгицин. Гьев гIолохъанлъун гIадин лъугьанин кколеб букIана. Гидас гӀадин биџунеб букIана гьес «гьаб рокъоб букIана дир аптека, гьаниб унтарал регулеб палата, гьанир къабул гьарулаан унтарал, аскIоб букIана склад» абун. Азбаралъуре щварабго: «Гьаб магIида бухьун букIунаан дир хехаб юргъа-чу», — янги абун, велъана гьев.

Цо гIодобчIеялда лълъар борхулаго, гьес абуна: «Изну кье дие гьаб стаканалда жаниб бугеб гIаркъил бащалъи ракьалде тIезе ва ракьулъ лъун ругел рагъда хваралги, херлъун арал дир гьалбалги, гьудулзабиги рaкIaлде щвезарун, гьезул хIурматалда, тIаде рахъун, гьекъезе», — ян. Гьидерил жамагIаталъул хIакъалъулъ гIемерал берцинал рагIаби абуна гьес ва тIадеги жубана: «Цо бадибчIвайги бугебха дир нужее гьабизе. Гьаниве вачӀунаго, дида ккун букIана гьидерил гIадамал ратилин лъиданиги релълъинчIеб добго гӀамал-хасияталда, яшавалда, тIабигIаталда дандекколеб берцинаб ратIлил формагун. Гьеб нужеца хисун буго, гьанже нуж киназдаго релълъун руго», — ян.

Профессор М. Н. Бугулов вукIана Северияб Кавказалдаго цlap paгlapaв беразул тохтур. Гьес гIелмуялда кIудияб бутIа лъун букIиналъе нугIлъи гьабула гьадинаб мисалалъ: дунялалда тIад тӀоцебе гьесухъа бажарана катарактаялъе операция гьабулаго ясбер гургинго цӀунизе. Гьединаб къагIида гьес ургъизегIан, операциялдаса хадуб ясбер хъвалисун унаан.

Гьеле гьединав инсанасул цIар лъун буго гьес кьучI лъураб Гьидалъ участковияб больницаялда ва, кигIан заман аниги, гьидерида киданиги кIоченаро Михаил Николаевич Бугулов.

Нури  Нуриев