83 сонил ригьалде яхарай Суайбат Карбахова ккола Гъуниб районалъул Бухтиса. ГьабсагӀаталда гьелъ гӀумру гьабулеб буго Санкт-Петербургалда. Ясалъул лъимал хьихьизеян арай гьей гьенийго хутӀана. 15 соналъ Питералда йигей Cуайбат гьений машгьурлъана ригь аразда гьоркьор тӀоритӀулел батӀи-батӀиял спортивиял къецазул гӀахьалчӀужулъунги, къецазда кидаго бергьенлъи босулей спортсменкалъунги.
Дагьалъ цее Суайбатица гьабуна хирияб ракьалде сапарги. «ГӀумруялъулго кӀудияб анищ тӀубазе рес щведал, дун кутакалда талихӀай йиго. Жеги кӀудияб талихӀлъун рикӀкӀуна дица сапаралда цадахъ лъикӀал гӀадамал ккей», — ян абуна гьелъ, гара-чӀвари гьабулаго.
Щванищ,
дадал Жавгьарат?
Бигьаяб букӀинчӀо С. Карбаховалъул гӀумру. «Эмен хвана машинаялъ аварияги гьабун. Дир букӀун батила 10 сон. Нижер букӀана щуго лъимер, кӀигоял — дидасаги гьитӀинал. ГьабсагӀаталда цо вацас гӀумру гьабула Москваялда. Эбел йикӀана кутакалда диналда тӀад чӀарай гӀадан. Гьей кколаан ГӀуриса ХӀусенил МухӀамад-устарасул муридлъун. РогьинегӀанги гӀибадаталда чӀолаан гьей, печалда цебе тӀамураб къохьол какикьтӀамалдаги кӀусун.
Цо нухалда эбелалъ дида абуна, жий метер устарасухъе ине йигилан. Гьелъул магӀна букӀана, дица рукъалъул хӀалтӀи тӀубазе кколин абураб. Дица гьелда абуна, дуца динияб гӀелму балагьулаго, техникумги, институтги ва аспирантурагицин лъугӀизабунин, унгеян абун. Радал дун яхъинелде эбел ун ятана. КӀиявго гьитӀинав вацги, хӀамагун бечеги — гьезул тӀалаб гьабизе кколей дунги. Школалдеги ине кколаан. Дида ракӀалде ккана: «БоцӀийищ гьекъелеб, васазе квенищ гьабилеб? Ицц букӀана рикӀкӀада. Гьенибе боцӀиги бачун ани, васал лъиде рехун телел? Иццухъа лъим баччизеги захӀмалъулаан гьитӀинай дие. Школалде кин иней?» — ян. Рес къотӀиялъ, гӀодойги чӀун, гӀодана дун», — ан бицана Суайбатица.
Радал яхъун, ГӀурие арай С. Карбаховалъул эбел устарасухъе щун йиго бакъаниде. Гьениб батун буго ХӀусенил МухӀамадихъе рачӀаразул халатаб ирга. Гьайги кӀусун йиго кьерда. ТӀаде чи ахӀулев чияс абун буго, Бухтиса Жавгьарат жание ахӀулей йигилан. Иргаялда чӀаразул гъулгъул бахъун буго, къоялъ балагьун чӀарал жалги тун, гьанжего гьанже ячӀарай гьей жание ахӀунилан. Жание лъугьиндал, устарас абун буго: «Щванищ, дадал Жавгьарат? Жакъаги мун гьание ячӀана, лъималги къварид гьарун. ТӀокӀалъ дихъе ячӀунге! Дуе кьолеб жо кинабго лъугӀун буго», — янги абун, къвалалгьечӀ гьабизе махмаралъул ххамги кьун, нахъе йитӀун йиго.
«Рокъое ячӀиндал, гӀодойги чӀун, эбел гӀодана, мун сабаблъун, устарас жиндихъе ячӀине гьукъана диеянги абун. Лъабго къоялъ кваначӀо гьей, дилъги барщун», — ан ракӀалде щвезабуна Суайбатица.
Халваталда чӀарав чи вукӀана гьелъул инсул эменги. «ТӀохдаса жанибе къваридаб каратӀ бугеб бакӀ букӀана гьесул. Гьенисан бегьулаан гьесухъе квен. 40 къоялъ гьенив чӀолаан кӀудада, канлъиго гьечӀеб бакӀалда», — ян абуна С. Карбаховалъ.
ГIумрудул сухъмахъал
ГӀагараб росулъ анкьгосонилаб школаги лъугӀизабун, Суайбат йитӀана Хунзахъ хъаладухъ бугеб интернаталде. Гьенийги цӀалун, гьей ана Дагъистаналъул мединституталде лъугьинеян абун. Амма гӀурус мацӀалъул экзамен кьун бажаричӀо. Байбихьана МахӀачхъалаялъул Радиозаводалда хӀалтӀизе. Гьений хӀалтӀулаго, гьабизе ккана рекӀее операция. Ине ккана Москваялде — гьенибги Киевалдаги гурони, гьединал операциял гьарулароан доб заманалда. «ЦӀакъ бокьулаан дие тохтурлъи. Амма икъбал ккечӀо. Кин бугониги, медицинаялъул тӀахьал цӀалула дица. Хъвалаан журналал, пайдаял малъа-хъваял ругел тӀанчал къотӀулаан диего. Жакъаги цӀунун руго дица гьел. Лъала хурдузул дараби гьаризе. Дицагоги гьел хӀалтӀизарула. Ковидалъул заманалда дир ясги гьелъул хъизамги унтана, дун унтичӀо — ражидул гьабураб дару хӀалтӀизабулеб букӀунха дица», — ян бицана Суайбатица.
ЦӀализе букӀараб гъира тезе ккана гьелъ. Росулъ лъималазул ах рагьидал, гьениса ахӀи бачӀана, тарбиячӀужулъун хӀалтӀизе ячӀаян. Доб заманалда школалдацин цӀализе ясал риччалароан ва 10 класс лъугӀарай Суайбат цӀакъ хӀажат йикӀана Гъуниб районалъул лъай кьеялъул нухмалъиялъе. Лъималазул ахалда хӀалтӀулаго, Дагъистаналъул пачалихъияб педагогияб институталда заочно цӀалана гьей. Ана росасе, гьабуна лъабго лъимер (кӀиго ясги цо васги). Амма хъизамалъулаб талихӀ Аллагьас гьелъие кьечӀо. Лъабго лъимергун хутӀана гьей, росги хун.
БетIер хIалтIизабуни…
20 соналъ тарбия кьуна С. Карбаховалъ росдал гьитӀичазе ва жеги 25 соналъ йикӀана лъималазул ахил заведующаялъун. 15 соналъ цебе, хӀалхьиялдеги ун, С. Карбахова гочана Санкт-Петербургалде. Гьениб байбихьана кӀиабилеб гӀумру — спорталда тӀадчӀей бугеб, Дагъистаналъул маданияб бечелъи цӀуниялъе квербакъулеб.
«Байбихьуда ясалъул хъизамгун ниж рукӀана Сестрорецкалда. Хадубккун — щуго лъимер бугеб хъизамин абун — С.-Петербургалда рукъ кьуна ясалъе. Гьелъул лъималазул гӀадлуялда йикӀунаан дун. Цояв школалде, цогидав — секциялде, лъабабилев — кружокалде рачун ине кколаан. Хадуб гьел рокъоре рачунаан. Рукъалъул тӀалабги букӀинарищха», — ян бицана С. Карбаховалъ.
Пуланаб къоялъ рокъое ячӀунаго, Суайбатида йихьана тӀугьдул ричулей гӀурусай. Нусго гъурущги кьун, босана гьелъухъа ромашкабазул квацӀи. Жидерго азбаралде щведал, цоялъул лъабго квацӀиги гьабун, ричана тӀугьдул. Щвана 300 гъурущ. Щибаб къоялъ ричулаан гьалъ тӀугьдул, гӀурусазухъаги росун. Хадуб ракӀалде ккана: минаялда нахъа бугеб авлахъалда бокьанагӀан рижулел ругел тӀугьдул щай дица гӀарцухъ росулел? Ана гьение, ракӀарана тӀугьдул. Гьеб заманалде гьалъул бухьен букӀана тӀугьдул ричулел тукабазулгун. Росана гьениса квацӀиялда жемизе кагътал, гьеб берцин гьабулел хурдул. Ричулаан гьелъ кванилъ хӀалтӀизарулел хурдулги. Гьеб лъугьана Суайбатил тӀоцебесеб гьитӀинабго бизнесалъе байбихьилъун. Щибаб гъурущ нахъе лъолаан гьелъ, долларалъухъ, евроялъухъ хисун. Нахъе лъуна багьаял ганчӀал ругел месед-гӀарцул тӀагӀелалги. Дагь-дагьккун, ясалдасаги дурцасдасаги балъго, бакӀарана «капитал» ва босана тӀоцебесеб кӀиго рукъалъул квартира. Гьанже гьелъул кӀиго квартира буго Питералда. Васасулги ясалъулги ясазе гьелъ сайгъат гьаруна бриллиантазул комплектал.
Хадубккун, С.-Петербургалъул Маданияталъул минаялда хӀалтӀулаго, С. Карбаховалъ гьениб гӀуцӀана «Дагъистаналъул лезгинка» абураб лъималазул кьурдул ансамбль. Лъуна «Эбел», «Цыганазул кьурди» ва цогидал кьурдаби. «Дир цӀалдохъаби церерахъана С.-Петербургалъул БагӀараб залалда ва цогидал сценабазда. Диргоги буго лъабго батӀияб миллияб ратӀлил форма. Гьебги ретӀун, дагьалъ цебе Питералда букӀараб магӀарулазул берталъ кьурдизе яхъана дун. ЦӀакъ бокьула нилъер ватӀан, бокьула дагъистаниязул маданияб ирс цӀуниялъулъ гӀахьаллъизе», — ян абуна гьелъ.
Ансамблялъе нухмалъи гьаби гуребги, Суайбат хьвадула кверзул махщеллъиялъул кружоказде. Гьелъул устарлъиялъул тӀагӀелал чанцӀулго гӀахьаллъана Россиялъул халкъазул маданияб ирс цебелъурал выставкабазда ва мустахӀикълъана шапакъатазе.
Цадахъ рукӀаразе кеп щвана спорталда щварал шапакъатазул хӀакъалъулъ гьелъ бициндал. «Иргадулаб нухалда спортивиял къецазда гӀахьаллъизе цӀар дирги хъвайилан ана дун Маданияталъул минаялъул жавабияв хӀалтӀухъанасда аскӀое. «ГӀела дуе! Цогидазеги гӀахьаллъизе бокьун буго. Амма сияхӀалда дур цӀар бихьани, гьез инкар гьабула, киналго призалъулал бакӀал Карбаховалъ «забронировать гьарун» ругинги абун», — ан абуна гьес. 45 соналъ лъай кьеялъул идараялда хӀалтӀаниги, грамотагӀанасеб шапакъат кьечӀо дие Дагъистаналда. Питералда дие щварал шапакъатал цӀакъ гӀемер руго», — ян бицана гьелъ.
Эбелалъул дарсалги жакъасеб хIакъикъатги
ГӀураб заман банин ватӀаналдаса рикӀкӀада, гӀагараб росулъе тӀадюссине ракӀалде кколарищан гьикъидал, гьадинаб жаваб кьуна Суайбат-кӀодоца: «Гъоркьиса щвана дун росулъе. Дир заманалъул чиго хутӀун гьечӀо гьенив. Рукъзал руго чӀунтулел, хурзал рекьулел гьечӀо. Дир буго сверун къараб ракьул 30 сотых. Гьениб чӀегӀергьоло, хъапустӀан, хилъало бекьулаан. Гьанже щибго бекьулеб гьечӀо. ГӀи-боцӀи хьихьуларо. Васас боцӀи хьихьула, риидал магӀарухъ вукӀуна гьев, хасало гӀатӀиракьалде гочуна. Росулъ йигей ясалъги дир хуралъул тӀалаб гьабуларо — жиндирго магӀишаталда йиго гьей. Цебе букӀараб жамагӀаталъул гӀумруги цебетӀамун, гӀодана дун.
Щиб бугеб Дагъистаналда? Мажгитал ран руго, какде хьвадулел гӀадамал руго, амма ракӀбацӀцӀалъи хутӀун гьечӀо. Унтарав чиясе справка кьуралъухъ гӀарац босулеб буго. Дие гьеб бокьичӀо. Санкт-Петербургалда руго цӀакъ лъикӀал гӀадамал. Дун гӀадал херазул кутакалда адаб гьабула гьениб. Социалиял гьиназул цо чанго къокъаялда йиго дун, жидер гьаб-доб бугин, къваригӀарав чи гьечӀищан цӀехолдула гьенир гӀадамал. ГӀурусал ругониги, дурусал чагӀи руго.
Ясалъул буго ункъо рукъалъул квартира. Цо рукъ дие кьун буго. Гьений йикӀуна дун, дирго вирдал гьарулей. Лъицаниги дие квалквалги гьабуларо», — ян.
РакӀалде щвезаруна гьелъ эбелалъул дарсалги. «ХӀалаллъиги хӀарамлъиги лъималазда гьитӀинго бичӀчӀизабизе ккола. Чидар ясазда хъваге васал, хъизам гьабичӀого. Ясалги хъваге васазда. Жакъа нужеца, берцин бихьун, чидар хоно бикъани, метер нужеца хоногӀанасеб меседги бикъула. Гьедин куцана эбелалъ ниж. Школалдаса ниж рачӀунаан ракъун. Квен кьелелде цин как байилан абулаан эбелалъ. Гьедин куцаралъухъ эбелалъе кӀудияб баркала кьола дица жакъаги», — ян бицана гьелъ.
ГӀумраялде инелде черх лъадарана Суайбатица. Лъабго моцӀалъ цебе бох бекун букӀана гьелъул. КӀиябго гӀансагун хьвадулей гьелда ракӀалде ккана гӀумраялде ине. Байбихьана, бохдул хӀалтӀизариялъул мурадалда, «Ци-гун» абулеб Китаялъул гимнастика гьабизе. Ахирги цояб гӀанса нахъе рехун бажарана гьелъухъа. «ХӀежалде, гӀумраялде арал гӀадамазухъ телефоналдасаги балагьун, щуго соналъ гӀодана дун, гьардарал гурищ гьал, хирияб ракьалде сапар гьабизе щваралан абун. ГьедигӀан гъира букӀана гьание ячӀине», — ян абуна кӀодоца.
Ункъо чиясдаса гӀумраги гьабуна гьелъ, гьаб-доб унтулин, нужеда хадуй гъоларин абун, цадахъ ругезе зигардичӀого. Тукабазда тира-сверулеб мехалда Суайбат-кӀодоца гьабураб сальтоялъ хӀайран гьавурав тукенчияс сайгъат кьолаан гьелъие. Жигарай, рази-ракияй кӀодо нижее киназего йокьана. Киналго хӀикмалъана Хунзахъ интернаталда цӀалулеб заманалда жиндие тарбия кьурай педагог, БакьайчӀиса Написат ГӀалибеговалдаса гӀумра гьелъ гьабидалги. «Гьелъул бетӀергьанчи ХӀайдар ГӀалихӀажиев вукӀана гӀалимчи-биолог. БакьайчIи букӀана гьезул кӀудияб минаги, 40 гъветӀ чӀараб ахги. Берцинаб бакӀ букӀана гьезул. Хадурккун МахӀачхъалаялде гочана гьел. Гьезул лъимал рукӀинчӀо. Росулъ хӀалтӀулеб заманалда дун гӀемер щолаан гьелъухъе. Нолъ макьилъ гьей гӀодулей йихьана дида ва ракӀалде ккана гьелъул рухӀ бохизе гьелдасаги гӀумра гьабизе», — ян бицана Суайбат-кӀодоца.
КАВСАРАТ СУЛЕЙМАНОВА