КватIичIого тIаде щола нилъер кIудияв шагIир Расул ХIамзатов гьавураб къо. Гьелъул хIурматалда улкаялъул президентас микьабилеб сентябрь лъазабун буго Россиялъул Халкъазул мацIазул къолъу­н. Гьебги хIисабалде босун, араб анкьалда редакциялда тIобитIана Р. ХIамзатов лъалев вукIарал, гьесда цадахъ хIалтIарал ва батIи-батIиял тадбиразулъ гьевгун цадахъ гIахьаллъарал къадруял магIарулазулгун дандчIвай.

Редакциялде гьоболлъухъе рачIун рукIана Кавказалъул халкъияв шагIир МухIамад Насрулаев, видоеграф-документалист ва блогер Му­хIамад ЧIанкIалаев, шагIирасул тохтур, кардиолог, реанимация­лъулгун анестезиологиялъул ва интенсивияб терапиялъул отделениялъул нухмалъулев, ДРялъул мустахIикъав тохтур Халид ИсмагIилов, эркенаб гугариялъул рахъалъ ункъцIул Европаялъул чемпион, СССРалъул чемпион, СССРалъул мустахIикъав спорталъул мастер МухIамад МухIамадов, Авар театралъул актер, Россиялъул мустахIикъав артист МухIамад НурмухIамадов, Дагъистаналъул халкъияв артист МухIамадтIамир Синдикъов ва хъвадарухъан, юрист МухIамад Комбатов. Гьез ракIалде щвезаруна шагIирасулгун тIоритIарал гIум­руялъул лахIзатал.

Темирхан ХIасанов, («ХIакъи­къа­талъул» бетIерав редактор): «Дида ва дир гIелалда Расул ХIамазатовги гьесул адабияб ирсги лъала мунагьал чураяс жинцаго ва гьесул хIакъалъулъ цогидаз хъварал тIахьаздасан, макъалабаздасан, кучIдуздасан. Расулил гьудул-гьалмагъзаби, чIаго вугев заманалда гьесие хъулухъ гьабулел, аскIор рукIарал нуж гьанире ахIиялъул мурад ккола «ХIакъикъат» цIалулезе дагьавги гIатIидго ХIамзатов рагьи, цоги бакIазда рагIич1ел, цIалич1ел, рихьичIел лъугьа-бахъиназул хIакъалъулъ нужеца бицин.

Баркала буго редакциялда гьаб данделъи гьабизе ракIалде ккарав МухIамад Насрулаевасеги».

МухIамад Насрулаев: «Россиялда гIумру гьабулеб буго нусгоялдаса цIикIкIун мацIалъул вакилзабаз. Гьелгощинал мацIалги рукIаго, Россиялъул президентас хIукму гьабуна Халкъазул мацIазул къо Дагъистаналъул шагIир Расул ХIамзатов гьавураб къоялда бухьинабизе. МагIарулазул гъанситолъун кколеб «ХIакъикъат» газеталъул редакциялда жакъа байбихьулеб буго Расул гьавураб къоги Россиялъул халкъазул мацIазул къоги кIодо гьариялъул тадбирал. Гьеб кIудияб талихI буго», - янги абун, шагIирас ракIалде щвезаруна кIудияв шагIирасул машгьурал рагIаби:

Метер магIарул мацI хвезе батани,

Хваги дун жакъаго, жаниб ракI кьватIун.

Ва загьир гьабуна гьеб кочIол ункъабго мухъ магIарул мацIалъул гимнлъун гьабизе рекъараб бугилан абураб пикру.

Расулил цIарги шигIрияб пагьмуги дунялалдаго машгьураб бугеблъиги ракIалде щвезабун, М. Насрулаевас абуна: «Бигьаял рукIинчIо Расулил гIумруялъул ахирисел сонал. Чанги макьу гьечIел сардал рогьана гьесги дицаги цадахъ – Барвихаялда, больницабазда. Гьес дие кьолаан гIемерал суалал, гIемер бицунаан жиндирго гIумруялъул хIакъалъулъги. Бицунаан, цониги тIехьалда хъвачIел, лъицаниги кирниги рехсечIел хIужабазул хIакъалъулъ. «Биччай диктофон, босе ручка, хъвай – гьадинаб рес дуе хадубккун щвеларо», - ян абулаан Расулица. Аслияб жо хъвана дица. Баркала буго «ХIакъикъаталъе» - гьелъул гьурмазда рахъана гьел ракIалдещвеял.  КватIичIого басмаялда бахъила тIехьги.

ГIемерал рукIана батIи-батIиял лъикIал лъугьа-бахъинал – гьел магIарулазухъе щвела тIехьалда цадахъ».

Халид ИсмагIилов: «Расул ХIам­затов вукIана кутакалда гIадамал рокьулев, гIадатияв, ракI гIатIидав инсан. ГIадамазеги вокьулаан гьев. Гьесул поэзиялъеги прозаялъеги къи­мат кьезе нижехъа бажариларо. Щуго-анлъго соналъ гьоркьоса къо­тIичIеб бухьен букIана дирги Р. ХIамзатовасулги. Анкьида жанир лъабцIулниги дандчIвалаан.

РакIалде щвезабила цо лъугьа-бахъин. Расул вегун вукIана госпиталалда. Сордо-къоялъ хIалтIуда рукIине кколел тохтурзаби ун ратана жидеего квен босизе. ТIадруссун рачIунел гьел дандчIван руго бетIерав тохтур Ибрагьим МухIамадовасда. Нуж кир рукIаралан гьикъун буго гьес. Гьазги бицун буго, квине жо босизе ун рукIанилан абун. ХIалтIуда вугев тохтур жиндир бакIалдаса камизе бегьулароянги абун, кьварараб бадибчIвай гьабун буго И. МухIамадовас ва гьелъул хIакъалъулъ хъвай-хъвагIай гьабизе буго личное делоялдаянги лъазабун буго. Хадур гьелго тохтурзаби рихьун руго Расулида. Нуж цIакъ пашманго рихьула, ккараб жогIаги щибан гьикъун буго шагIирас гьезда. Гьарун-гьикъун, бицинабун буго гIилла. Хадуб Ибрагьимида абун буго гьас: «Тохтурзабаз дие цIамхIаллъи гьукъун бугелъул, гIемерал къояз гьеб дица квинчIо, амма кутакалда хьул лъун букIана. Гьединлъидал дица гьарун букIана пуланал тохтурзабазда цIамхIалаб охцерги цогидабги дие босеян абун. ТамихI дозие гуреб – дие гьабизе ккола дуца. Дир гьари нахъчIвачIого, дир мурад тIубазабулел рукIана гьел», - ан.

ЦIунизе ккела нилъеца магIарул мацIги маданиятги. Гьелъул къисматалъ ракIунтун букIана Расулил. Гьесул хIурматалъе гIолониги, нилъецаги хIаракат гьабизе ккола шагIирасул аманат тIубазабизе».

МухIамад Камбатов: «ТIоцебесеб нухалда Расул ХIамзатовгун дун дандчIвана Буйнакскиялъул педучилищеялда цIалулаго. Гьев гIемер щолаан гьениве студенталгун дандчIвазе. Бицунаан нижее лъикIаб хабар, гьарулаан гIакъилал малъа-хъваял, масала, малъулаан кин магIишат гьабизе кколебали.

Нижер ЛъаратIа районалъул Анцухъ жамагIаталъул кIудияб росу буго Тиви (Гуржи ракьалда). Гуржияца толеб букIинчIо гьенибе ток, лъим бачине. ХIакъираб хIалалда гIумру гьабулеб букIана гьениб магIарулаз. Советияб заманалдаса нахъе гьенивго гIурав цо чиясе щвана тIадегIанаб лъай – Гуржиялдаго. Гьев ккола МухIамадханов МухIамадзагьир. Гьев школалъул директорлъун вугеб заманалда, Расул ХIамзатов вукIана Совет Союзалъул Верховный Советалъул депутатлъун. Василий Мжаванадзе абурав гуржиявги вукIана Гуржиялъул компартиялъул централияб комитеталъул тIоцевесев секретарьлъунги Верховный Советалъул депутатлъунги. МухIамадзагьирица Расулихъе тел кьабун буго, Тиви росдал гIадамазе я ток, я лъим гьечIилан абун. Расулица бицун гьечIо жиндихъе пуланаб росулъа гIадамал гIарзахъданилан абун. Гьес Мжаванадзеда абун буго, Гуржиялда гIумру гьабулел магIарулазул щиб хIал бугебали бихьизе, жив гьезухъе гьоболлъухъ ине вугилан абун. КIиго къо балалде Тивиялде бачIун буго кIудияб бригада, бачун буго ток, 4-5 бакIалда гьабун буго лъел ицц, лъун руго газалъул колонкаби. Расул ХIамзатов тIаде щвелалде берцинал шартIал гIуцIун руго халкъалъе. Кинабго – чIобого!

Гьениве Расул щвараб заманалда, хабар ккун буго, лъил ракь гьеб кколебан (магIарулазулищ, гуржиязулищ) абураб суалалда тIасан. Херал чагIаца абулеб букIун буго Алазан гIурул доб рахъалда гуржиязул ва гьаб рахъалда – магIарулазул ракь кколин абун. Гурилан чIун руго гуржиял. Гьебмехалда рачун руго хабалахъе. Гьенир ратун руго 400 соналъ цере рукъарал ва гIарабалъ тIад хъвай-хъвагIаял гьарурал магIарулазул занал. Гьебмехалда Расулица гуржиязда абун буго: «Нижер ракьалдаги рукIун, нижер гIадамал къварид гьаризе бегьуларо», - ян. Гьединаб кумек щвана Расулидаса Гуржиялда гIумру гьабулел магIарулазе.

Расул вуго шагIир, хъвадарухъан, философ, гIалимчи, гIакъилчи. Гьесул цIар кIочене бегьуларо. Адаб гьабизе ккола гьесие хирияблъун букIараб магIарул мацIалъул. Шамил имамасги Расулицаги дунялалдаго лъазабуна магIарул халкъги, Дагъистанги, тIолабго Россияги. Гьев кIиявго къадруяв магIарулав нилъеца даим кIодо гьавизеги ккола!».

Зикрула Ильясов («ХIакъикъа­та­лъул» бетIерав редакторасул заместитель): «Дагъистаналъул пачалихъияб университеталда цIалулаго, дица хъвана «Расул ХIамзатовасул асаразулъ халкъазул гьудуллъиялъул суалал» абураб дипломалъул хIалтIи. ТIоцебесеб нижер дандчIвайги ккана, гьеб хъвалаго. Гьелдаса нахъе ккана гьесулгун гьудуллъиги. Миллияб политикаялъул министерствоялда хIалтIулаго, Дагъистаналде рачIунаан батIи-батIиял пачалихъазул вакилзаби. Гьел рукIана, Дагъистаналъул хIакъалъулъ Расулил кумекалдалъунги рагIун, гьесул асаразде рокьиги ккун, нилъехъе рачIунел гIадамал. Гьанире щведал, гьез гьарулаан, шагIирасулгун дандчIвай гIуцIеянги.

Бокьарав чиясулгун хабар рекъезабизе махщел бугев чи вукIана Расул ХIамзатов. Цо нухалда рачIана къватIисел улкабазул журналистал. Лъабго къоялъ нижеца гьел рачана Дербенталде, Гъизляралде ва республикаялъул цогидал машгьурал бакIазде. Гьез гьарана Р. ХIамзатовасулгун дандчIвазе рес батеян абун. КIалъана Расулихъе, журналистазе мунгун дандчIвазе бокьун бугин, гьезда гьоркьор берцинал ясалги ругилан абун. Берцинал ясалги ратани, раче гьел жиндихъе рокъореян махсара гьабуна гьес. Рилълъана Расулихъе. ГIемераб заманалъ гара-чIвари гьабуна шагIирас журналистазулгун. Гьеб букIана ПатIимат къадаралде щун хадусеб заман. Къадада бан букIана гьелъул сурат. Гьелде килищги битIун, «Унита» абураб Италиялъул газеталъул мухбиралъ Расулида гьикъана: «Расул ХIамзатович, мун ПатIиматие хилиплъанищ?» - ан. «ГIумруялда жаний кIиго чIужугIадан гурони йокьичIо дие. Гьезул цояй йикIана ПатIимат, кIиабилей – хутIарал киналго. ПатIиматие къанагIат гурони хилиплъичIо дун, хутIаразе – киданиги», - ян ругьунаб къагIидаялъ махсара гьабуна шагIирас.

Россиялда буго нусгоялдасаги цIикIкIун мацI. Гьел мацIазул гIаммаб байрамкъолъун лъазабуна Расул ХIамзатов гьавураб къо – Микь­абилеб сентябрь. Гьеб буго нилъ чIухIизе кколеб хIужа, РФя­лъул президентас нилъер халкъ кIодо гьаби. Улкаялъул нухмалъиялде вачIараб мехалда, «Дагъистанги дагъистаниялги дие жеги кутакалда рокьана, гьез жидерго ватIан цIунизе гьабулеб хIаракат бихьидал» - ан Владимир Путиница абурал рагIаби киназдаго лъала. Гьес жеги абуна, гIолохъанаб, цIияб Россиялъул пачалихълъи Дагъистаналдаса байбихьаниланги. Гьебги ккола нилъее кIудияб рохел.

Расул кIодо гьавиялъул мурадалда, батIи-батIиял тадбирал гIуцIула «ХIакъикъаталъги». Гьезул цояб ккола «Расулил бегIерал каламал» абураб тIехь хIадури ва басмаялдабахъи. Жакъасеб дандчIвайги буго кIудияв шагIирасул гьавураб къо кIодо гьабиялде тIамураб тIоцебесеб гали».

МухIамад НурмухIамадов: «Ни­лъер кIудияв шагIир Расул ХIамзатов гьавураб къоялъул хIурматалда «ХIа­къикъаталъ» тIобитIулеб данд­чIваялда гIахьаллъизе щвеялдаса чIухIарав вуго дун. «ХIакъикъат» буго магIарулазул цIарги, гIамалги, тарихги цIунулеб ва халкъалда гьеб малъулеб гъансито. Гьеб – магIарул мацIги магIаруллъиги цIуни – букIана Расулилги аслияб иш. 1976 соналда дун вукIана Киевалда институталда цIалулев. Дун МахIачхъалаялдаса, Дагъистаналдаса вугилан абидал, лъиданиги лъалароан, гьеб киб бугебали. Расул ХIамзатовасул цIар бахъарабго, роха-хинлъулаан киналго, жидерго гIагарав чиясул цIар рехсараб гIадин. Гьедин Расулица лъазабуна, щиб жо кколебали Дагъистан, киб гьеб бугебали ва кинал гIадамазул ватIан гьеб кколебали.

Расулил цIар цIуниялъе гIоло, гIемераб хIалтIи гьабуна Авар театралъ. Лъуна гьесул асараздаса гIуцIараб «МагIарулал» абураб композиция, гьелда Расулил роль хIана дица. ХIайбула ГIабдулгъапуровас лъун букIана «РекIелъ бахъараб цIа» абураб цIакъ лъикIаб композиция. Гьениб Расулил роль хIана МахIмуд ГIабдухаликъовас, ХIусен Казиевас ва дицаги. Лъуна «Эбелалъул кечI», «Сонал, саринал…».

ВукIинадай тIокIав Расул ма­гIа­рулазе, Дагъистаналъе? Гьеб бу­го дир рекIелъ бухъардилеб суал. Ву­кIинаро…».

МухIамад МухIамадов: «Хъвадарухъабазул союзалъул минаялда ижараялъе росарал рукъзабахъ букIана дица рагьараб коммерциялъулаб банк. Расулил кабинеталда аскIоб букIана дирги кабинет. Гьев хIалтIуда вугони, дун унаан гьесда аскIове, хабар-кIалалда рукIунаан ниж гIемер. Дунялалда нилъ, дагъистаниял, лъалел ратани, гьелъие сабаблъун ккана Расул ХIамзатовги Шамил имамги. Шамилица Дагъистаналъул тарих хъвана ханжаралъ, Расулица – поэзиялдалъун. НекIсиял румазул аби буго: «ТалихIаблъун рикIкIуна гIемер бахIарзал ругеб халкъ». Нилъер щивав магIарулав вуго бахIарчияв, жиндаса чIухIизе гIилла бугев инсан. Расул ХIамзатов вуго Гималаялъул мегIер, гьесул хIакъалъулъ бицинеги, хъвазеги ккола, лъикьаго нечечIого. Гьев ургъун вахъарав багьадур гуро – цо-цояз ургъула гьел, халкъалда гьоркьор гьечIолъиялъ. Гьев гьавураб къоги Дагъистаналъ мустахIикъаб куцалда кIодо гьабизе ккола.

Жакъа нилъер рахьдал мацIал руго ракI гурхIилеб хIалалда. Гьезул къадру борхизабизе хIажалъула политикияб амру, къуват. Гьелда тIад гIемераб хIалтIи гьабизе ккола. Хьул буго нилъер политиказ, хасго ДРялъул премьер-министр МухIамад Рамазановас, гьеб цIуниялъе квербакъилин абун. Гьесул эмен дида лъалаан: гьев вукIана яхI бугев магIарулав, адабиятги бокьулев, жинцагоги асарал хъвалев. Дагъистаналъул халкъалъул божилъиги буго гьесда».

МухIамадтIамир Синдикъов: «ТIо­цеве Расул дида вихьана 1973 соналда. Ниж, школалъул цIалдохъаби, рукIана Гъуниб концерт кьолел. Дове вачIана Расул ХIамзатов. Дица гьениб ахIана «Ясгун дандчIвазе» абураб кечI». Хадув дун вачана Гъуниб магIарде, Расулица районалъул нухмалъулезда абун батила вачеян. Институталда цIалулаго, ниж дандчIвачIо. ДандчIвана 1988 соналда, «Сабуралда» хIалтIулаго: гьениве гIемер вачIунаан Расул. Гьеб букIунаан нижее кIудияб рохел. Хадувккун чанги ахIана жиндихъего рокъове. МухIамад ЧIанкIалаевас хIаракат гьабуна нижер дандчIваял гIуцIиялъе. ГIемер руго цадахъ рахъарал суратал, видеозаписал. Цо-цояз абула, дун Расул ХIамзатовасул гьудул вукIанилан. ВукIинчIо. Гьесул дидехун лъикIаб бербалагьи букIана ва дун гьелдаса чIухIарав вуго.

Расулил рагIабазда дица ахIула 50-ниги кечI. Жеги хъирщулевги балагьулевги вукIуна гьесул поэзиялда жаниб дицаго ахIизе кечI».

М. Синдикъовас кечIги ахIана Расулил рагIабазда.

Кавсарат Сулейманова