Рагъухъабазул бахIарчияй эбел
БежтIа участокалъул НахIада росулъа ГIисал Рамазанилги гьесул лъади Разигатилги букIана 12 лъимер: анкьго васги щуго ясги. Рамазанил эбел-инсуца 13 соналъ гIумру гьабуна чачаназул ракьалда ва 1957 соналда тIадруссана жидерго НахIада росулъе. ГIисал Рамазан 53 соналъ хIалтIана гIагараб росдал школалда. Рамазанил лъади Разигат – «Путь к коммунизму» колхозалда ва гьеб хисун щвараб ЦIунтIа рохьил магIищаталъул НахIада росдал тIоцебесеб отделениялда мухъилай хIалтIухъанлъун.
Рамазан ва Разигат ГIисаевазул кIудиял ясги васги Аллагьасул къадаралде щвана. ХутIарал гьабсагIаталдаги чIаго руго. Анкьавго васас ватIаналъул налъи тIубазабуна, Советияб ва Россиялъулаб армиялда хъулухъги гьабун. Разигатие советияб заманалдаго щвана «БахIарчияй эбел» абураб медальги.
«БахIарзаз гурищ цIунизе кколеб ВатIанги, росуги, эбел-эменги?» - ян щивас жиндиего суалги кьун, ГIисаевазул ункъоял Камил, Зайнудин, Расим ва Загьид гIахьаллъулел руго хасаб рагъулаб операциялда.
НахIада росулъа ГIисаев Зайнудин ккола Россиялъул армиялъул подполковник, гьабсагIаталдаги ВатIан цIунулаго хъулухъ тIубалев чи. Гьев ккола НахIада росулъа вахъарав тIоцевесев офицер.
Рагъ рикIкIад унеб бугониги, киса-кибего ахIвал-хIал хIалуцараб заманалда щияй эбелалъул ургьисаго тIагIунаро хIинкъи. Васал рагъда рукIа, росулъ рукIа – улбузул ракIал кидаго хIинкъиялъ цIурал рукIуна. Щайгурелъул, бусурбанав вукIа, цоги диналъул вакил вукIа, гIадамас гIадан чIваялдаса нахъегIанаб гIамал-хасият гьечIелъул. Щияй эбелалъул вас рагъда ватичIони, ракIалде ккезе бегьуларо гьелъул ракIунтулеб гьечIин абун. Вас рагъда гьечIей эбелалъул гIагарав ватула, росуцояв вукIуна. Нилъерав вугониги, чиярав ватаниги, хун вачIарасде щивав чиясул ракI хола, ццидал цIола, цIаялъ керен-ракI бухIула.
Разигат-эбелалъул лъабго васги васасул васги гIахьаллъула террористазде дандеги СВОялдаги гьабулеб къеркьеялъулъ. Гьелъул рекIелъ кигIан кIудияб хIинкъиялъул цIа боркьулеб бугебали рагъдаса харбал рагIулеб заманалда, нилъеда гьелъул тIолго кунчIиги боркьиги лъазе рес гIоларо.
Росуцояз Разигатида гIемер гьикъула, кьижун макьугIаги кин щолеб дудаян. «Щибха гьабилеб, чанги рорчIана макьу гьечIел сардал, чанги чвахана бадиса магIуги. Шукру Аллагьасе, чIаго руго дир лъимал. КIудияб талихIлъун дица рикIкIуна телефоналдаса кIалъазе, гьезулгун бухьен кквезе щвей. БукIуна кIалъазе кIолареб заманги», - ян жаваб кьола гьелъ.
Щивасе гуро Украинаялда унеб рагъ халатбахъунеб бугеб. Рагъ халатбахъунеб буго Разигат гIадал СВОялда гIахьаллъулел лъимал ругел улбузеги, гьединазул гIагарлъиялъеги росдал жамагIаталъеги. Рагъул ургъалида киданиги пикруцин гьабичIезда гъорлъе уна цо-цо депутаталги, бечелъиялъ гъанкъулел ругониги гъурущ кьоларел миллиардералги. Гьединазул лъималаз цIали тIубазабула, Америка гIадал бечедал пачалихъаздеги ун. Гьезда я армия, я рагъ бихьизе толаро, амма гьел лъималазул эбел-инсуца, расги намуслъичIого, мухIканлъизабула радио-телевидениялдасан рагъда ругезе агит-пропагандаялъул хIалтIи.
Лъаларо, цоял ватIан цIунун рагъулел, цогидал эркенлъиялда квана-гьекъолел ругони, кида бугониги, бачIунеб заманалда гьелъие къимат кьун бажариладаян ургъалида руго солдатазул улбул. Лъиданиги ва киданиги араб заманалда ракIалде ккун букIун батиларо СВО гьадигIан халатбахъине букIараблъи. Унеб буго щуабилеб сон. Нилъее бокьухъе букIунареблъиги лъалеб батила щивасда. Щибаб араб ишалъе къимат кьела заманалъ.
ВатIанги бокьулел, гьеб цIунун, рухIалги кьезе хIадурал хасаб рагъулаб операциялда гIахьаллъулел гIолохъабазда цадахъ рагъулел руго Разигатил лъималги. «Ана ункъо сон, - ан байбихьана Разигатица, - рагъ байбихьаралдаса. Дунги дир росги гьеб заманалъухъ ралагьун, анцIгоялдаса цIикIкIун соналъ херлъана, чорхол сахлъиги чучлъулеб буго. Щибаб кванил ригь камизе толарел ниж кваниеги тохлъизе лъугьана. Щибаб къоялъ харбазухъ гIенеккун, магIу кквезе кIолареб хIалалде кколей йигониги, бахIарчиго хьвадула росулъги росу тун къватIийги. Аллагьасул амруялда гъоркь ругел нилъ, къабул гьабулеб батаги гьабураб какги дугIа-гьариги. Амин».
Россия ккола нилъер ВатIан, цо хъизан. Лъица гьеб цIунизе бугеб, лъица дир рукъги росуги цIунизе бугеб, киназго васалги росалги рахчани? Дир васазеги, гьединго цогидазеги лъутизе бакI аскIобго букIана. Гуржияз цIунилаан гьел, амма гьенире щалниги рахчизе инчIо. Нилъеца цIунизе ккола нилъер ВатIан - Россия.
Дие цIакъ захIмалъула, хварав эмен Аца Рамазан ракIалде щвараб мехалъ. Хварал эбел-эмен ракIалде щоларев чи вукIунарелъул, дида гьел гьоркьо-гьоркьор макьилъги рихьула.
Дир эмен Аца Рамазан вукIана КIудияб ВатIанияб рагъул гIахьалчи. Рагъ байбихьидал, армиялде ахIарав гьев, Германиялдеги щун, вачIана. Гьесда бихьараб гIакъубаги гIазабги ракIалдеги щун, гIунун хутIула, ракI сунцаялиго ккураб гIадин лъугьуна.
Дир лъималаз-солдатаз кинабго лъикI бугилан абуниги, дида бичIчIула гьел рагъда ругеблъи. Дидаги рихьула росулъги районалдаги чIван рачIаразул хобалги, рагIула районалдаги улкаялдаги рицунел харбалги. Щибха гьабилеб, хьул Аллагьасдеги тIамун, сабру – алжаналъул кIулилан, дица дунго гIодое йиччазаюла», - ян бицана Разигатица.
КигIан кIудияб захIмалъи, къварилъи бачIаниги, инсанас гьеб хIехьола, къулчIула. Гьеб нилъеда бихьизе хъван батугеги. Разигат-эбел йохун хутIаги васал-ясаздаса ва гьезул лъималаздаса. ВатIан цIунулаго, рухI кьезе хIадурал дур васал сах-саламатго рохалида эбел-инсухъе руссун, нацистазда тIад бергьенлъиги босун, рагъги лъугIун, гIумру гьабизе Аллагьасул хIукму батаги.
Рамазан Абулмуслимов, БежтIа участокалъул Гьунзиб росу